Гьудуллъиялъул кьалбал
Дагъистанияз гуребги, къабул гьабула лезгинка
Санкт-Петербургалдаги буго Дагъистаналъул халкъазул кьурдул ансамбль «Гьудуллъи». Гьелъие нухмалъи гьабулеб буго ДРялъул культураялъул мустахIикъав хIалтIухъан Ашраффудин Мехтиевас. 13 соналъ пана гьарулел руго «Гьудуллъиялъ» Россиялъул шагьаразул ва къватIисел пачалихъазул гIадамал. Ансамбль гIахьаллъула санайил тIобитIулеб шагьаралъул фестивалалда. Исана ансамбль мустахIикълъана тIоцебесеб бакIалъе.
«Гьудуллъиялда» кьурдулел руго цохIо дагъистаниял гурелги. Гьеб берцин гьабун буго Россиялъул батIи-батIиял миллатазул гIисинал вакилзабаз. Гьенир кьурдулезда гьоркьор руго Санкт-Петербург, Компино, Пушкин шагьараздаса 60 лъимер. Ансамбль щвана Китаялде, Алжиралде. Гьелъ гьединго цересел бакIал ккуна батIи-батIиял фестивалазда. Масала, «ЦIвабзазул кунчIи», «ЦохIо зодикь», «Цоцазул кверал кквелин, гьудулзаби», «Кавказалъул халкъазул фестиваль» ва цогидалги.
Санкт-Петербургалда вугев Дагъистаналъул вакил ХIасан ХIасановас абуна:
— Ансамблялъ гIагар гьарулел руго Россиялъул миллатал. Балагьаразе лъикIаб асар гьабулеб буго Дагъистаналъул халкъазул кьурдабаз. Гьадинал церерахъиназ бицуна цогидазе Дагъистаналъул гIадатазулги, культураялъулги, гIадамазулги хIакъалъулъ. Ашраффудин вуго жиндирго хIалтIуе ракIги кьун хIалтIулев чи. Гьединаз бицуна дунялалъе гIагараб ракьалъул хIакъалъулъ. Жеги гIемераб хIалтIи гьабизе ракIалда буго гьесда,- ян.
Гьарула Ашраффудиниеги гьесул гIисинал гьунарчагIазеги дагьабги машгьурлъиги гьунаралъе цIубайги. Жеги гIемерал саназ рохизареги нилъ ансамблялъул церерахъиназ.