НугIазул «гьужум»
Крымалъул гемморагияб унти тIибитIу
Дагъистаналда нугIаз хIанчIун зарал ккана 300 чиясе. ДРялъул СахлъицIуниялъул министерствоялъул баяналда рекъон, МахIачхъалаялдаса ункъо сон бараб лъимаде ва Гъизляр районалда гIумру гьабун вугев чиясде, нугIаз хIанчIиялъул хIасилалда, бахана Крымалъул гемморагияб лихорадка. Жеги анлъго чи больницаялда вегизавун вуго гьеб унти батиялда щаклъи ккун.
Дунял хинлъанагIан нугIаз гIадамазда хIанчIиялъул хIужаби цIикIкIунел руго. Гьединлъидал цIакъ цIодорлъи гьабизе ккола, хасго тIабигIаталда ругеб заманалда. Нагагь нугIалъ хIанчIани ва аскIоса-гIебеде поликлиникагун больница батичIони, тIомолъа нугI къватIибе бахъизе ккола пинцеталъги ккун, гьелъул бетIер тIомолъ хутIиларедухъ. ХIанчIараб бакIалдаса нахъе бахъараб нугIги, инфекциялъулаб унти бугищали балагьизе, лабораториялде кьезе ккола.
ХIанипат Лабазанова