Искусствоялъул гIадамал

Махщелги гьунарги хвалчаца къотIулареб

 

Халкъиял художествиял промыслал церетIезариялде тIамурал галаби

Арсен ХIусенов цIалана ДГПУялъул художествиябгун графикияб факультеталда. Магистратураялда цIалулаго байбихьана гьебго факультеталда дарсал кьезе, магистратура лъугIигун профессионалияб лъаялда рекъон цогидаб факультеталъул аспирантураялде лъугьана цIализе. Гьебго заманалда худграфалда бугеб декоративиябгун прикладнияб искусствоялъул музеялда заведующийлъиги гьабуна. Университеталда цIалулеб заманалдасанго халкъиял художествиял махщеллъиялъул пишабазде кIвар кьолаан, гьел церетIезариялда тIад ургъулаан гьев. Республикаялъулаб кIваралъул проектал гIу­цIия­лъеги Арсеница студентлъун вукIараб заманалдаго лъикIаб кьучI лъун букIана.

Дагъистаналъул маданияталъул бечелъи бихьизабулел батIи-батIияб даражаялъул тадбиразда халкъиял художествиял промыслазул майданазда лъурал ансадерил, гьоцIдерил, кубачиязул, хъайдакъазул кверзул махщалил тIагIелал рихьичIев чи къанагIатги ватиларо нилъеда гьоркьов. Гьел майданал тIоритIулев ва нухда рачунев гIолохъанав махщелчи вуго Арсен ХIусенов. Студентлъун вугеб заманалдаго халкъиял художествиял промыслал цIуниялъе гIоло гьес хъварал проектазул ва гьабулеб букIараб хIалтIул хIакъалъулъ цебеги рагIун букIана нижеда. Суратал рахъун, халкъиял художествиял промыслазул батIи-батIиял тIагIелал гьарун гьес гIадада заман биччаларо.
Жакъа къоялде щвезегIан умумуз гIасрабаз цIунун нилъехъе кьураб халкъияб художествияб махщел, гIолеб гIелалъеги цIунун хутIизе гIемераб хIаракат бахъула Арсен ХIусеновас. Халкъиял художест­виял промыслазул, гIолохъанал мах­щелчагIазда дандчIвалел захIма­лъабазул ва искусствоялъулгун ма­данияталъул бечелъи цIуниялъе гьабулеб бугеб хIалтIул хIакъалъулъ бицун нижеца гара-чIвари гьабуна ДРялъул ГIолилазул ишазул рахъалъ министерствоя­лъул творческиял ва рекIелгъеялъулал программабазул ва проектазул отделалъул начальник Арсен ХIусе­новасулгун.
— Арсен, искусствоялде рокьи кин бижараб, халкъиял художествиял промыслал церетIезариялъул иш тIасабищиялъе гIилла щиб ккараб?
— Искусствоялде рокьи букIана гьитIинаб къоялдасаго нахъе. Мунагьал чураяв инсуца батIи-батIиял тIагIелал гьаризе ругьун гьарулаан дунги вацалги. Нижер эмен, СалахIудин цIалана Жамалил цIаралда бугеб Дагъистаналъул художествияб училищеялда. Прикладнияб искусствоялъул батIи-батIиял тIагIелал гьарулаан ва цIадохъабиги куцалаан инсуца. ГIемерал соназ школалда халкъияб художествияб махщалил дарсалги кьуна гьес. Инсул махщел тIасабищана кIудияв вац, Бабаюрт районалъул Советское росдал №1 гьоркьохъеб школа­лъул директор Айгумицаги. Инсуцаго гIадин, халкъиял художествиял промыслазде цIалдохъаби куцазе хIаракат бахъу­ла гьес. Гьоркьохъев вацги цIалана Жамалил цIаралда бугеб художествияб училищеялда, хадув — ДГПУялъул художествиябгун графикияб факультеталда.
Амма доб заманалда дие бокьун букIана исламиял гIелмаби лъазариялде машгъуллъизе. ЦIалулаан Къуръан, лъазарулаан исламалъул кьучIал. Росулъа гIадамаз эбел-инсуда гьарулебги букIана дун СКИУялде цIализе витIеян. Доб мехалда исламияб лъай бугел гIолилал гIемер рукIинчIо росулъ. Школа лъугIидал, ракIалде ккана Аллагьас дие кьураб махщалидаса пайда босизе, ай инсуца лъикIаблъун бихьизабураб цIали тIасабищизе. Инсуцаго гIадин, умумузул махщел цIунизе хIаракат бахъана, гьелъ дие щибго квалквалги гьабичIо диналда рекъон хьвадизе.
Гьединаб, творческияб хъизамалда гIурав вукIиналъ батила дирги гьитIинаб къоялдаса нахъего халкъиял художествиял махщелазде рокьи букIараб. Дида лъалелдаса нахъе гьел махщелазде машгъуллъун вукIунаан дун. Дагъистаналъу­л батIи-батIиял махщалил устарзабазул хIалтIабаз пана гьавулаан. ГьитIинаб къоялдаса нахъе берда цебе букIаралъулги батила, дида кидаго ричIчIулаан махщелчагIазда дандчIвалел захIмалъабиги. Гьединлъидал ДГПУялъул художествиябгун графикияб факультеталда цIалулелдаса нахъего байбихьана халкъиял художествиял махщелал цIуниялъе хIаракат бахъизе ва гьезул къиматги кIварги гIолилазда гьоркьоб тIибитIизабизе.
— Халкъияб художествияб махщел цебетIезабиялъулъ тIамурал тIоцересел галабазул хIакъалъулъ бицани бокьилаан…
— Художествиябгун графикияб факультеталда цIалулел соназ­да дун гIахьаллъана батIи-батIиял форумазда, гранталъулаб политикаялъулги гьеб мехалда кIвар гьабизе байбихьана. Архызалда тIобитIараб «Доброград» абураб форумалда гIахьаллъи гьабун букIана дица. Гьенир тIоритIулел рукIана батIи-батIиял тренингал. Дие цIакъ рекIее гIуна проектал гIуцIулеб къагIидаялъул тренинг. Ва гьелдаса нахъе рахIат толеб букIинчIо дирго рекIелъ анищлъун бугеб пикру гIумруялде бахъинабичIого. Дица тIоцебесеб проект хъвана 2012 соналда, «Машукалда» гIахьаллъизелъун, ва гьеб бергьана. ТIоцебесеб проект букIана «Художествиябгун графикияб факультеталъул студентазул кумекалдалъун халкъиял художествиял промыслал цIигьари ва цIуни» абураб. Гьеб цебетIезабиялда тIад хIалтIана чанго соналъ ва, цIия-цIиял къагIидабиги тIаде журан, анлъгониги грантги бергьана. Студентлъун вугеб заманалдаги гIуцIун букIана гIолохъабазул проекталъулаб къокъа ва президентасул гранталъе гIоло гьебги хъвана. ЦIализе лъугьунелъул дир мурад букIана халкъиял художествиял махщелал бачIунеб гIелалъе цIунун хутIи ва гьездехун киназулго кIвар буссинаби. Гьеб масъалаги цIунун хъвана проекталги ва жакъа къоялде щвезегIанги кинабго гьабулебщинабги гьабулеб буго халкъиял промыслал церетIезариялъул мурадалда.
— Дуца нухмалъи гьабулеб творческиял ва рекIелгъеялъулал программабазул отделалъул аслияб хIалтIи щиб?
— Декоративиябгун прикладнияб искусствоялъул рахъалъ дицаго гьабулеб букIараб хIалтIи министерствоялъул отделалдаги билълъанхъизабулеб буго. Студентлъун вугеб заманалда дун вукIана профкомлъунги, студентазул гIелмияб жамагIаталъул (СНО) председательлъунги. ДГПУялъул СНОялъул вакиллъун вукIана батIи-батIиял шагьаразда. ГIолилазулгун хIалтIи гьабиялъулъ хIалбихьи лъикIаб букIана дир. Гьединлъидал, гIолилазда гьоркьоб халкъиял художествиял промыслал тIиритIизариялъе ва церетIезариялъе кумек гуреб, квалквал ккечIо цIияб хIалтIудаги. Дица нухмалъи гьабулеб отделалъул аслияб масъала ккола гIолилазда гьоркьоб маданият ва халкъияб махщелчилъи тIибитIизаби, гIолохъанал махщелчагIазе квербакъи гьаби.
— Кинал захIмалъаби данд­чIвалел гIолохъанал махщел­ча­гIазда?
— Жакъа халкъиял художествиял комбинатазе ва гIолохъанал махщелчагIазе пачалихъалъ гьабулеб кумек цIакъго загIипаб буго. ГIолохъаназе квербакъи гьабизе ккола. Цере художествиял комбинатал хIалтIулаан гьабураб къайи бичун инадай яги инародай абураб ургъел гьабичIого. Щайгурелъул доб мехалда къайи бичиялъул ургъел гьабулаан хIукуматалъ. Гьанже кинабго буго гIаксалда. ГIемерисел гIолилаз рехун толеб буго гьеб иш ва руссунел руго батIияб хIалтIуде.
Гьанжеги батIи-батIиял регионаздеги, улка тун къватIиреги ахIула нилъер устарзаби. Амма, жидецаго гьабураб къайиги босун гьенире ине гIарац гьечIо, гьезие кумек гьабулелги кколаро.
— Умумузул художествиял махщалаби цIуниялъе кинал ресал ратизе бегьулеб, дур хIисабалда?
— Дида ракIалде ккана гIолохъанал махщелчагIазул форум тIобитIизе. ТIоцебесеб форум тIобитIана, гье­лъул хIасилги ккана. Исана июнь моцIалдаги ракIалда буго гьединабго форум тIобитIизе. Гьебги тIобитIизе буго МахIачхъалаялда, «Устарзабазул аллеялда». Форумалда гIахьаллъи гьабизе буго Культураялъул министерствоялъги, ракIалде ккола Туризмалъул министерствоялъги квербакъи гьабилин.
ГIолохъанал махщелчагIазул тIоцебесеб форумалда рорхун рукIана художествиял промыслал церетIезариялъул ва дандчIвалел масъалабазул хIакъалъулъ суалалги. Гьениб ккараб хIукмуялда рекъон, ракIалда буго ДРялъул махщелчагIазул автономияб коммерциялъулаб гуреб ассоциация гIуцIизеги. Гьединаб ассоциация гьечIо Дагъистаналда. ГIемерал шагьаразде щвана дун ва бихьана цогидал регионазда халкъиял художествиял промыслазул рахъалъ гьабулеб бугеб хIалтIи. Цогидал регионазда руго хIукуматалъ квербакъи гьабулел махщалилазул палатабиги, халкъиял художествиял промыслазул централги, ассоциациялги. Гьединаб ассоциациялъул кумекалдалъун рес букIине буго церетIезеги, грантазул конкурсазда гIахьаллъизеги, махщелчагIигун цадахъ чIахIиял проектал гIумруялде рахъинаризеги.
ПатIимат СултIанмухIамадова