Лъабго моцIидаса цIикIкIараб заманалда жаниб гьаруна 411 вас ва 402 яс
Республикаялъул перинаталияб центр рагьаралдаса ва хIалтIизе байбихьаралдаса ана нусго къо. Гьеб заманалда жаниб централда гьабун буго 813 лъимер (411 вас ва 402 яс), гьездаго гьоркьоб 13 игизалги.
ГьабсагIаталда медицинаялъул гьеб центр букIине кколеб куцалда хIалтIулеб буго. Гьенир хIалтIулел руго жидерго иш лъикI лъалел махщелчагIиги медицинаялъул хIалтIухъабиги. Гьеб хьезабун буго хIажатабщинаб къайи-къоноялдалъунги. Централъул хIалтIухъабаз сах гьарула лъимаде ругел ва гьебго заманалда захIматал унтабаз унтарал руччаби. Гьединго кIвараб кумекги гьабула жидее цIияблъун кколеб дунялалде рачIунел гьитIичазул сахлъиялъеги. ГьабсагIаталдайин абуни централда буго 500 грамм гурони цIайи гьечIеб чанго лъимер. Медиказ бицухъе, гьезул гIумруялъе щибго хIинкъараб хIалги рагIуларо.
Центр хIалтIизе байбихьаралдаса араб нусго къоялда жаниб заман щвелалдего гьабун буго 54 лъимерги.
***
Цолъизаризе къасд ккана
Гьелъул аслияб мурад букIана информациязул технологиязулги, прессаялъулги, социалиял сетазулги кумекалдалъун гIисинабги гьоркьохъебги бизнес цебетIезабиялъе нухал рати.
Форум рагьана РФялъул бухьеналъулгун массовияб коммуникациялъул министр Николай Никифоровас. «Социалиял сетаз щулияб бакI ккун буго гIадамазул гIумруялда. ГIемерисев чиясул хIалтIул къо байбихьула цIиял харбазухъ халгьабиялдаса. ТIолабго Россиялда Интернеталъул бухьен гьабун буго «Цифровая экономика» абураб программаялда рекъон. Гьеб гIумруялде бахъинабулеб буго улкаялъул президентас Федералияб Собраниялде гьабураб хитIабалъул бихьизабиялда рекъон. Программаялъул аслияб мурад буго, социалиябгун экономикияб хIаракаталъул хIакъалъулъ киналго баянал тарихазулаб къагIидаялда хIалтIизари, ай гьелдалъун нилъер улкаялда цогидал пачалихъалгун къецбан бажарулеблъиги, гражданазул гIумруялъул шартIал камиллъулел рукIинги, экономикиябгун миллияб рахъаз лъидаго бачIеб улка букIинги бихьизаби.
Тарихазулаб экономикаялъул суал форумалъул хасаб бутIалъун бихьизабун буго. Гьелда тIасан гьабулеб бахIсги пайдаяблъун лъугьиналда ракIчIола дир», — ан бицана гьес.
Форумалда бицана Интернеталъулги, маркетингалъулги, медиа-сурсатазулги рахъалъ тIобитIулеб бугеб пачалихъияб политикаялъул хIакъалъулъги, гьаруна стратегиял бухьеназул хIакъалъулъ къотIи-къаялги. Масала, ДРялъул Печаталъулги информациялъулги министерствоялъги Электроннияб пачалихъалъул экспертнияб централъги гьабураб къотIиялда рекъон, республикаялъул киналго пачалихъиял сайтазул цогояб информациялъулаб гIатIилъи гIуцIизе буго, ай Интернеталъул трафикги гIаммлъизабун, пачалихъиял идарабазухъе киналго баянал заманалда щвезарулеб къагIида букIине буго.
ДРялъул «Дир документал» МФЦялъги «Одноклассники» социалияб сеталъги гьабураб къотIиялда рекъон, машгьурлъизабизе буго МФЦялъул хIаракат.
Форумалъул пресс-хъулухъ
***
Маххул нухда цIодорлъи гьабе
Ахираб заманалда маххул нухазда цIакъго гIемер кколел руго талихIкъосарал лъугьа-бахъинал. Гьезул хIакъалъулъ гIемераб хъвала газетазда, бицуна телевидениялдасан. Амма ахIвал-хIал хисулебго гьечIо.
Араб анкьалдаги, нухазда хьвадиялъул низам хвезабиялъул хIасилалда, Р. Бекмамбентовас бачунеб машина дандречIчIана Адлер-Нижневаторск нухда хьвадулеб поездалда. Лъукъа-къотIана 15 чи. Машинадул шофер больницаялде ккана. Северияб Кавказалъул маххул нухазул нухмалъиялъулги рахIатхвезабун буго гьединаб ахIвал-хIалалъ. Исана республикаялдаги ккаралъулха микьго гьединабго хIужа. Гьелъул хIасилалда хвана лъабго чи.
ХIурматиял шоферзаби! Нужеца нухазда хьвадиялъул низам хвезабиялъул хIасилалда гIадамал балагьалде цIалел руго. ГIедегIун унел нуж рокъоре щвейги щакаблъун ккезехъин буго. Щай кIочонеб нуж рокъоре щвеялъухъ балагьун чIараб хъизан-лъимал рукIин. Нуж сабаблъун цIикIкIунеб буго цадахъ ругел гIадамазул гIумруялъеги хIинкъи.
С. Магадов,
МахIачхъалаялъулаб регионалъул инфаструктураялъул дирекциялъул начальник