ЧIухIизе мустахIикъав ракьцояв
Москва шагьаралъул бищун лъикIав тохтурги «Медицинаялъулаб идараялъул бищун лъикIав нухмалъулевги»
Гьаб макъалаялда дие бицен гьабизе бокьун буго Москваялда гIумру гьабун вугев дагъистанияв, Россиялъул мустахIикъав тохтур ИсмагIил ГIусмановасул. Гъоркьиса гьесие Москваялъул мэр Сергей Собяниница кьуна «Москваялъул бищунго лъикIав бетIерав тохтур» абураб цIарги дипломги.
ИсмагIилил махщалие тIадегIанаб къиматги кьолаго, гьадин абуна Рималъул университеталъул профессор, тохтур, дагъистанияв Жалал СагIидбеговасги:
— Дунялалда дир руго гIемерал гьудулзаби-тохтурзаби. Гьезда гьоркьовги бищун лъикIазул цояв ккола ИсмагIил. Гьесда лъала чанго батIияб мацI. Гьесулъ гьечIо гIамал кIодолъи, кидаго хIадурав вуго кумекалъе вачIине. Гьеб кинабго лъикIабщиналде тIадеги кIудияб махщел буго гьесул гIуцIарухъан ва нухмалъулев хIисабалдаги.
ИсмагIил ГIусманов — Москваялъул бетIерав педиатр, Н. И. Пироговасул цIаралда бугеб РНИМУялъул клиникаялъул директор, З. А. Башляевалъул цIаралда бугеб ДГКБялъул бетIерав тохтур, Бафаллоялда бугеб университеталъул госпиталалъул (США) ХIурматияв профессор, Дагъистаналъул халкъияв тохтур. Гьавуна гьев МелъелтIа росулъ. ИсмагIилица кIиго сон тIубайдал, хъизан гочана МахIачхъалаялде. Гьений эбел цIализе лъугьана медучилищеялде. Школалда цIалулев ИсмагIил гIемер щолаан больницаялде эбелалъухъе, гьесие цIакъ бокьулаан гьелъ унтарал сах гьурулел ругеб куцалъухъ балагьизе. Гьел лахIзатазго бачIана ИсмагIилихъе тохтурлъун вахъинин абураб анищги. МахIачхъалаялъул №5 школа лъугIарав гIолилав цIализе лъугьана Дагъмединституталъул педиатриялъул факультеталде. Гьелдаса хадув цIалана РСФСРалъул СахлъицIуниялъул министерствоялъул Москваялъул НИИялъул педиатриялъул ва лъималазул хирургиялъул аспирантураялда. 1988 соналда цIунана медицинаялъул кандидатасул цIаралъе диссертация. 1991 соналде щвезегIан хIалтIана Дагъмединституталда доцентлъун. 1990 соналда цIализе ана СШАялде. 1992 соналда лъугьана НИИялъул педиатриялъул докторантураялде ва 1996 соналда гьев вахъана медицинаялъул гIелмабазул докторлъун. 2012 соналдаса байбихьун нухмалъи гьабулеб буго бищунго кIудиязул цояблъун кколеб, Москва шагьаралъул лъималазул больницаялъе.
— ИсмагIил, кIиго соналъ шагьаралъул бищунго лъикIаблъун рикIкIараб гьеб хIикматаб больницаялъул хIакъалъулъ щай бицунареб?
— Нижер больница ккола бищунго гIолохъанаб ва бищунго лъикIазул цоябги. Нижеца кIудияб баркала кьола Москваялъул хIукуматалъе больницаялъул коллективалъул хIалтIуе кьураб тIадегIанаб къиматалъухъ. Больницаялъул тохтурзабазги жидерго лъай борхизабула Италиялда, ГIизраилалда, Германиялда, Чехиялда, Великобританиялда, Югалъулаб Кореялда. Нижехъеги рачIуна цогидал улкабаздаса делегациял. Дагьал церегIан нижеца къабул гьаруна Шри-Ланкаялдаса гьалбал. Жибго больницаялъул хIакъалъулъ бицани, гьениб буго 810 лъимадуе бакI. ЛъагIалида жаниб медицинаялъулаб кумек щола 170 азарго лъимадуе. Тохтурзабазул гьоркьохъеб харж бахуна 150 азарго гъуршиде. Больницаялда хIалтIулеб буго РМАПОялъул 12 кафедра, Н.И. Пироговасул цIаралда бугеб РНИМУЯлъул щуго кафедра, университетаталъул кIиго клиника. Цоялъе нухмалъи дицагоги гьабула.
— Мунги цIалана Америкаялдаги ва Европаялъул цогидалги пачалихъаздаги. Гьениб щвараб лъаялдаса пайда босулищ жакъасеб дурго хIалтIуда?
— Гьайгьай, босула. Амма ракIбохула цогидал улкабазул клиникабаздаса къураб хIалтIи нилъер гьанибги гьечIеблъи бихьидал. РакIчIун абизе кIола Москваялда гIадаб лъималазул тIалаб гьабулеб больница кибго гьечIилан.
— ИсмагIил, кинав вукIине кколев унго-унгояв лъималазул тохтур?
— Педиатр — гьев ккола цIакъго жавабчилъи цIикIкIарав тохтур. Гьес хIехьезе ккола лъимерги гьелъул гIодиги, унтиги ва цогидаб гIамалги. Унтарасдаги тохтурасдаги гьоркьоб бугеб бухьенлъун ккола больницаялда цIолел анкетабиги. Гьениб унтараз хъваралда рекъон, кьола тохтурасул хIалтIуе къиматги. Гьенир ратарал бадирчIваяздеги кIвар кьола нижеца.
— Россиялъул регионаздаса унтарал рачIунищ нужехъе?
— 30 процент лъималазул регионаздаса рачIаразул букIуна. Нижгоги гIемер щола регионазде. Дагьал церегIан руссана Магаданалдаса ва Камчаткаялдаса. Ахираб чанго соналъ больницаялъул тохтурзабазул кумек щвана щуазарго лъимералъе.
— Нуж ккола «Медицинаялда волонтерал» абураб конкурсалъул лауреаталги. Больницаялда тIоритIулел цо-цо тадбиразул хIакъалъулъги бицани бокьилаан.
— Нижеца кидаго бухьен ккола унтарал лъималазул улбузулгун, гара-чIварула гьелгун, гьабула бичIчIикьеялъулаб хIалтIиги. Гьединго больницаялда хIалтIулеб буго лъимаде ругел яги заман щвелалде лъимал гьарурал улбузе школаги. Гьеб кинабгоги буго чIобого гьабулеб иш. «Эбел-инсуе медицинаялъулаб кумек, гIакълу» абураб рубрикаялда дунгоги чанго нухалда вахъана цеве. Гьенире ахIула лъикIаб лъай бугел тохтурзаби ва бицуна батIи-батIиял унтабазул хIакъалъулъ. Гьединго тIоритIула рагьарал нуцIбузул къоялги. Байрамазде дандеккезарун лъималазе кьола сайгъаталги.
— Гьединал тадбираз квалквал гьабулищ тохтурасул аслияб хIалтIуе?
— Гьелъул гIаксалда, гьединал тадбираз коллектив дагьабги гъункараблъун гьабула. Дир хIисабалда, кидаго лъималазул унтул ургъалида нижги ругони, гьезда кинха унти кIоченеб. Гьединлъидал нижецаги хIаракат бахъула гьезда жидерго унтаби кIоченаризе ва гьезие гьими сайгъат гьабизе.
Нижеца больницаялда тIобитIулеб бищунго кIудияб ва кIвар бугезул цояблъун ккола санайил тIоцебесеб июналда тIобитIулеб «Лъималазул сахлъиялъул ва хIинкъигьечIолъиялъул фестиваль». Гьеб заманалда тIоритIула машгьурал артистазул ва лъималазул къокъабазул концертал, хIалтIула лъималазул махщелчилъиялъул павильонал, махщелчилъиялъул мастер-классал. Гьединго байрам гIуцIараз лъималазе кьола сайгъаталги.
— Нужер больницаялда кидаго рукIуна хиса-басиял, цIигьариял…
— БитIараб буго. Гьал къоязда рагьана медицинаялъул тIадегIанаб технологиялдалъун хьезабураб нейрохирургиялъулаб отделение. Гьединго цIигьарурал лъималазе рагьана патологиялъулаб отделениеги.
— 2017 соналда «ЛъагIалил менеджер» абураб ТIолгороссиялъул конкурсалда дуца ккуна тIоцебесеб бакI. 2018 соналда мун вахъана Москва шагьаралъул бищунго лъикIав тохтурлъун, бергьана «Медицинаялъулаб идаралъул бищунго лъикIав нухмалъулев» конкурсалда. Гьединго больница кIиго соналъ рикIкIана бищунго лъикIаблъун. Гьел киналго бергьенлъабазул балъголъи сундулъ бугеб?
— Кинаб бугониги балъголъи гьечIо гьениб. Гьеб буго 1500 тохтурасдаса гIуцIараб коллективалъул жавабчилъи цIикIкIараб кIудияб хIалтIул хIасил. КIиабизеги, гьабулеб хIалтIи бокьи ва гъираялда гьаби.
— Мун кколаха Москваялъул бетIерав педиатрги, университеталда цебе бугеб педиатриялъул клиникаялъул директорги, педиатриялъул журналалъул бетIерав редакторги, медицинаялъул батIи-батIиял цолъабазул ва гIуцIабазул членги. Дур аслияб хIалтIуе гьеб киналъуго квалквалгойищха букIунареб?
— Мун бицун божа, букIунаро. Гьелъ тIадеги гъира базабула хIалтIуде, махщелги жеги камил гьабула.
ПатIимат Расулова