Сахлъиялъе пайдаяб диналъ гьукъуларо
Прививкабаздаса инкар гьабизе ихтияр буго, амма…
Республикаялъул сахлъицIуниялъул идарабаз ахIи балеб буго республикаялда месед унти тIибитIиялъул хIужаби цIикIкIунел ругилан. Январь моцIалда жаниб месед унтиялда щаклъи бугев 44 чи вугин республикаялдаян лъазабун букIана СахлъицIуниялъул министерствоялъги.
Месед унти бахиналъул хIужаби ахираб лъабго соналда жанир цIикIкIунел руго. 2016 соналда Дагъистаналда месед унти бахарав лъабго чи гурони вукIун ватичIони, 2017 соналда унтаразул къадар 98-ялде бахана. 2018 соналдайин абуни унтаразул къадар лъабго нухалъ цIикIкIана (280 чи). СахлъицIуниялъул министерствоялъ месед унти тIибитIиялъе гIиллалъун рикIкIунеб буго гIадамаз прививкабаздаса инкар гьаби. Прививкабазул хIакъалъулъ Интернеталдасан рицунел харбазухъ гIенеккидал, гIемерисел хIинкъулел руго вакцинация гьабизе. ГIаммаб къагIидаялда прививкабаздаса инкар гьабиялъе гIилла щибали ва халкъалда гьоркьоб гьелдехун кинаб бербалагьи бугебали, Интернеталдаса ва цогидал ресаздаса пайда босун, цIех-рех гьабуна нижецаги.
Гьал хадур рехсарал жавабазда гьоркьоса дандекколеб тIасабище, бокьани гьелъие гIиллаги хъвай.
1) Прививкабазул календаралда рекъон, киналго прививкаби гьарула.
2) Цо-цо прививкабаздаса инкар гьабула.
3) Вакцинабазулъ ругел жал чорхолъе риччай диналде дандекколареб букIиналъ, инкар гьабула.
4) Прививкабазул пайдаялда божуларо, гьел сабаблъун лъимер унтизе рес буго.
ГIемерисез тIасабищана кIиабилеб жаваб. Цо-цо привикаби гьоркьор риччалел руго. Жал гьаричIого цIалул идарабазде лъимал къабул гьаруларел прививкаби хутIизегIан, цогидал прививкабаздаса инкар гьабулеб буго гьез.
Щивав чиясул ихтияр буго прививкаялдаса инкар гьабизе. Амма прививкаби гьаричIел лъимал, ахирал анкьазда республикаялда месед унти тIибитIун букIиналда бан, лъайкьеялъул идарабазде риччалел гьечIо.
Прививкабазул хIакъалъулъ
пикраби
Хадижат, щуго лъимадул эбел: «Дица дирго лъималазе гьабулеб цогIаги прививкаялдаса инкар гьабичIо. Тохтурзаби Аллагьас нилъее сабабалъе тIамурал гIадамал руго».
ХIамзат: «Бил Гейтс тохтурищха кколев? Довлъидал прививкаби тIиритIизарулезул аслияв чи. Амма гьес жиндирго лъималазе гьарулел гьечIоха прививкаби. Дунялалъулго халкъалъул къадар дагь гьабиялъе ургъараб хIилла буго вакцинация».
Шамил: «Цониги прививка гьабизе бегьуларо. Цониги прививкаялъул пайда букIин чIезабураб хIужаги гьечIо. КъваригIараб жо буго гIадамаз, хасго тохтурзабаз кIиябго пикруялъул: прививкаби гьарейилан абулезулги, гьаризе бегьуларин абулезулги далилазухъ халгьабизе. Гьебмехалда бегьула, анализги гьабун, къимат кьезе. Рекламаялъги телевизоралъги махсараде кквезе щай чIолел?
Шагьрузат: «Цониги прививка гьабичIо, гьезул пайдаги гьечIо, зарал гурони».
ГIабидат: «Дица лъимадуе цохIо БЦЖ (туберкулезалде данде) прививка гурони гьабичIо. Цогидал прививкаби гьаризеги ракIалда гьечIо. Прививка гьабураб лъимадеги бахине рес бугелъул бокьараб унти. Кинаб букIаниги прививка гьабураб лъимер 21 къоялъ гьеб унтул гьитIинаб бутIа чорхолъ бугеблъун рикIкIунин абула. Гьеб вакцина гьабураб лъимер лъималазул ахикье яги школалде, прививкабиго гьаричIел яги цереккунго гьел гьарурал лъималазда цадахъ букIунеб буго. Иммунитет загIипаб лъимаде унти хехго бахине рес бугелъул».
ГIайшат: «Дица лъималазе цогIаги прививка гьабизе биччачIо. БатIи-батIиял вакцинаби кин гьарурал ругелали халгьабизе бегьула Интернеталдасан яги бокьарав тохтурасда цIехезе бегьула. БатIи-батIиял унтабазде данде вакцинаби гьарун рукIуна гьел унтаби ругел гIадамазул биоматериалалдаса яги гьеб унтудалъун хварал гIадамазул клеткабаздаса. Диналда рекъон, нажасаб жоялда квер хъвазе бегьулареб мехалда, гьеб чорхолъе биччазеги бегьуларин рикIкIуна дица. Прививкабазулъ дагьаб къадаралда рукIуна лъамамесед, формальдегид (рак унти ккезабулеб жо) гIадал заралиял жал. Нижер гIагарлъиялъул гIадамазги инкар гьабула прививкабаздаса».
Исламалда рекъон
Ахираб заманалда гIемер бицунеб буго кинаб бугониги вакцина нажасаб жоялъул гьабураб бугин, гьединлъидал чороклъи чорхолъе биччайги диналда дандекколарин абун. БатIи-батIиял унтабазде данде гьарулел вакцинаби чорокабщинаб жоялъул, унтарал гIадамазул ва хвараб боцIул клеткабаздаса гьарурал рукIунин, гьединлъидал, исламалда рекъон, прививкаби гьаризе бегьуларин абураб пикру битIараб бугищ? Гьелъул хIакъалъулъ гIалимзабазул пикру цIехана ДРялъул муфтияталъул централияб округалда вугев вакил Идрис Асадулаевасда.
«Исламалъ кIвар кьола инсанасул рухIияб ва чорхол сахлъиялде. Пикру гьабизе ккела исламалда гIибадат гьабигицин инсанасул сахлъиялъе пайда бугеблъун букIиналъулги. Исламалъ рахъккола сахаб къагIидаялъ гIумру гьабиялъул. Прививкабаз ва дарабаз инсанасул сахлъиялъе зарал гьабулеб гьечIелдаса нахъе гьел гьукъаралги гьечIо», — ян абуна Идрис Асадулаевас.
Тохтуралъул пикру
МахIачхъалаялъул лъималазул №5 поликлиникаялъул педиатр ПатIимат Шамсудинова:
«Ахирал соназда меседалъ ва паротиталъ (свинка) унтаразул къадар цIикIкIунеб буго. Гьелги рукIана церего кIочон тарал унтаби. Халкъалда гьоркьор тIиритIизарулел ругел батIи-батIиял харбал сабаблъун, цо-цояз прививкабаздаса инкар гьабизе байбихьана. Гьанжего гьанже прививка гьабураб лъимадаса прививка гьабичIеб лъимаде унти бахине рес буго. Масала, полиомиелиталде данде прививка гьабурал тIоцересел къоязда лъимадулъ букIуна гьеб унтул инфекция. Гьелда данде къеркьолаго, щулалъулеб букIуна лъимадул иммунитет. Лъимадуе прививка гьабурал къоязда гьеб, прививкаго гьабичIеб лъимада аскIобе биччани, прививка гьабичIелде инфекция бахине рес буго. Гьединлъидал прививка гьабураб лъимер бугеб лъайкьеялъул идараялде прививка гьабичIеб лъимер къабул гьабизе бегьуларо. Прививкабиян абуни гьаризе рес буго батIи-батIияб заманалъ, лъималазул ригьалъухъ балагьун, ай прививкабазул календаралда рекъон», — ан бицана тохтуралъ.
ПатIимат СултIанмухIамадова