Дагъистаналъул бетIерас тIобитIараб данделъиялда бицана 2013-2017 соназда жагъалал минабаздаса гIадамал гочинариялъул хIакъалъулъ республикаялъулаб программа гIумруялде бахъинабиялъул хIакъалъулъ
Данделъиялда кIалъалаго, ДРялъул ралел бакIазул ва ЖКХялъул министр Малик Баглиевас абуна: «Рехсараб программаялда рекъон, 2013-2017 соназда республикаялда бан буго 116 гIемертIалаяб мина (10125 чи гочинавизе 3275 рукъ). Жагъалаблъун рикIкIун буго гIаммаб къагIидаялда 135 азарго квадратияб метр бугеб 255 мина.
Программа гIумруялде бахъинабулаго, тIурачIого хутIун руго гIезегIан масъалаби. Масала, МахIачхъалаялда рарал минабазухъе рачун гьечIо коммуналиял мухъал, лъугIун гьечIо гьел газалдалъунги, токалдалъунги, лъедалъунги хьезариялъул ишал. Гьединго хIадурун гьечIо хIажатал документал», — ан.
Гьес бицана Дербенталда бугеб хIалалъул хIакъалъулъги. Гьенир гIунгутIаби ратун рукIана 299 квартираялда. Кинабниги гочинабуна 410 хъизан ва жеги гочинабизе буго 485 хъизан. ГьабсагIаталда къачIан бахъун буго 108 квартира, жеги ремонт гьабулеб буго 91 квартираялда.
Республикаялъулаб программа гIумруялде бахъинабиялъе квалкваллъун данделъиялда рехсана минаби ралел компаниязе цебеккунго гIарац рехи. «Гьединаб къагIидаялъе ахир лъезе буго. ГIадамалги хIукуматги махсараде ккурал чагIазул рахъалъ уголовнияб кодексалда рекъонкколеб тамихIги гьабизе буго. ЦIогьодаралъухъ гIарац кьезе гьечIо бюджеталдаса. Гьелъухъ жавабги кьезе буго тамихIалде цIарав чияс. ГьабичIеб хIалтIухъ гIарац босун буго. Гьеб босараз кьела гьелъул жавабги», — ян лъазабуна республикаялъул бетIерас, данделъиялъул хIасил гьабулаго.
Владимир Васильевас Малик Баглиевасда гьикъана, ракIбацIцIадго хIалтIуларел застройщиказул сияхI бугищ духъилан. Бугин жаваб кьуна министрасги. «Гьеб ракIбацIцIадго хIалтIулел компаниязул сияхIги бахъизе ккела къватIибе. ГIадамазда лъазе ккола, лъида божилъи гьабизе бегьулебали. Цоги нухалда такрар гьабила: бюджеталдаса цо гъуруш кьезе гьечIо; гIарац бахъизе буго гьеб бикъарал гIадамазухъа. Дагъистаналъул халкъалда цебе жидерго гIайиб букIиналъе мукIурлъарав чиясдехун букIине буго гьелда рекъараб бербалагьиги», — ян бицана Васильевас.