Бузнасан, умумузул нухдасан

ГьанжелъизегIан анцIила щуго километралъ нух гьабун буго

 

«ХIакъикъат» газеталда цебехун чанго нухалъги хъван букIана ЧIикIасан Авар ва ГIанди гIорал журалеб бакIалде щвезегIан цо пуланал чагIазул къокъаялъ тIаде босун нух бахъулеб бугин. Амма гIадамазе цIакъ пайдаяб, магIаруллъиялъего кIвар цIикIкIараб иш букIаниги, гьеб рагIалде бахъинабизе кIвеялда тIубанго божилъи букIинчIо. Щайгурелъул, кьурабиги кьвагьун, гIанлъун, рорлъун гьабулеб гьеб нух бахъиялъул хIалтIулъ пачалихъалъ кинабгIаги гIахьаллъи гьабулеб ва спонсор гьечIолъиялъ, халкъалъеги гьеб гьир бакIлъизе бугин абураб пикруялъ. Амма бакIалде щун бихьаралъ битIахъе асир гьаруна ниж ва бичIчIана проект кьучIаб букIин. Нухазул устар, жамгIияв хIаракатчи, Болъихъа МухIамадкамил Дибировасул нухмалъиялда гъоркь хIалтIи унеб буго гьоркьоса къотIичIого. Гьес кIикъого соналда жаниб гьаруна ва къачIана магIарухъ нус-нус километр нухазул. Гьездасан рехсела гIицIго ахирал соназда гьарурал цо-цоял: Генуб-ЧIиркъатIа, Унсоколо-ГьерекIдерил майдан, Болъихъ-КIаратIа, Сагъри-кьо-ЦIияб Аргъвани, Болъихъ-ГIанди, Ругъжаб-ХIутниб, Сергохъала-Ванашимахьи. КьучIаб рагIул ва гьединабго хIалтIул бетIергьан МухIамадкамилихъе «Дагъавтодоралъги» разиго кьола хIалтIаби, къачIазе нухал. Гьесие кумекалъе хIалае чIун вуго гIемерал соназ Республикаялъул хIукуматалда хIалтIарав ва хъулухъал тIуралаго кидаго халкъалъул ургъалида вукIарав Набиюла МухIамадовги.
Бузнасан нух. Умумузулго батараб нух бихьизе унелъул ниж тIоцере щвана Сулахъ гIурул къварилъуда тIасан гьелъухъ балагьизе. ЦIумал роржунеб борхалъиялдасан бихьа-таралъ рекIее кIудияб асар гьабуна. ГIурччинаб кьералъул тIанса кинниги тIибитIун унеб Сулахъалда тIасан бугеб нухалъ битIахъе Алжаналде рачунел ратилин кколеб букIана. Газеталъул бетIерав редактор ГIали Камаловас абуна жиндир гIумруялъулъ ракIалда чIолел хIужаби, лъугьа-бахъинал дагьал рукIинчIин, гьаниб бихьаралъ (доба рикIкIада АхIулгохI, цогидаб рахъалда ЧIикIаб росу, гъоркьан чвахулеб Сулахъ, зодир роржунел цIумал, гIурччинаб сверухълъи) хIикмалъизавунин. Хадуб МухIамадкамилицагун Набиюлаца ниж рачана гьабураб хIалтIи бихьизе. МухIамадкамилил басриябго «Нива» машинаялдаги рекIун щвана АхIулгохIалъул рахъалдехун нух гьабулеб бакIалде. РикIкIадасан балагьараб мехалъ чIва гIадин битIараб, аскIоре щвараб мехалъ цогIаги гвенд гьечIеб 15-гIан километ-ралъул манзил нухлул хIадур гьабун буго хъил тIезе бегьулеб хIалалда. Бузнаб колода аскIоре щун руго бульдозерал. Гьеб буго нухлул захIматаб бутIа. Ниж щвараб заманалда гьенир кьураби кьвагьизелъун 30 метралъ жанире рахъун ругоан картIал, 100-ялдасаги цIикIкIун мет-ралъул гъварилъиялъул гвенд бугоан жаниб цIезабулеб. Ниж гьединго щвана жегиги хIалтIи гьабичIеб, умумуз гьакал рачунел рукIараб нухдасан гIодореги.
Гьенир къадазда ратана анцI-анцI соназ цере гьарурал хъвай-хъвагIаял, ругоан нух биххун инчIого букIине бакI-бакIазда лъурал швеллералги. Амма нухда букIараб техника гьеб къоялъ хIалтIулеб букIинчIо. Гьелъие гIилла цIехедал, гьадинаб жаваб гьабуна МухIамадкамилица:

— Техника хIалтIулеб гьечIо солярка ва хIалтIу-
хъабазе кьезе гIарац гьечIолъиялда бан. Амма гьал къоязда нухлуе гIарац биччазе рагIи кьун буго цо-цо чагIаз, гьебмехалда хIалтIуде тIадруссине руго.
— Чан километр бугеб нухлул халалъи, кигIанасеб хIалтIи гьабураб?
— ЧIикIасан Авар ва ГIанди гIорал журалеб бакIалде буго 31 километр, амма гьебгицин къокъ гьабизе ракIалда буго цо-цо свералабиги жанир цIезарун. ПалхIасил, нухлул халалъи букIине буго 28,5 километр. Гьаниб хIалтIулеб техникаялъул къадар бахуна 15-ялде. Гьелда хIалтIулезе къоялъе кьола 1500 гъуруш ва лъабго ригьалъ квен.
— Бицен буго цебе заманалдаго Бузнасан гIодоб-лъиялде нух букIанин…
— БитIараб буго, Бузнасан нух букIун буго анкьумумузул заманалдаго. Авар, ГIанди, Къарал гIоразул жаниблъиялда ругезе, ай тIолалго магIарулазе нухда мегIер бахине ккечIого гIатIиракьалде бугеб нух букIана гьеб. ХIХ гIасруялъул кIиабилеб бащалъиялда пачаясул хIукуматалъ байбихьана гьеб сухъмахъ гIатIид гьабизе. Гьенир кьвагьизе кколел согIал кьураби рихьидал, нух гьаби рехун тун буго. 1957 соналда ДРялъул нухмалъиялъул пикру буссинабун букIана гьеб нухде, амма, захIмалъиялъухъги тIад унел харжазухъги балагьун, нух бахъичIого тезе хIукму гьабуна.
— Туннелалдасан нухги букIаго, кинаб хIажалъи букIараб Бузнасан нух бахъизе. Сунца гьесизавурав гьеб ишалде?
— Туннелалдасан унаго нилъеда ратула гIемерал эхедераял, свералаби. Хасго хасало, цIорораб заманалда цIерчIвала гьениб. Гьелъул гIаксалда, Бузнасан рукIине гьечIо киналгIаги эхедераял ва свералаби. Ралъдал гьумералдасаги гьеб гIицIго 350 метралъ гурого борхатаб гьечIо. Туннелалдасан риччаларо чIахIиял юк баччулел машинаби. Бузнасан хьвадизе гьезие квалквал букIине гьечIо. Гьелде тIадеги, туннелалдасан нух бокьараб заманалда къазе бегьула, тIабигIиял лъугьа-бахъинал сабаблъун. Гьединлъидал, кIиабилеб, ай цоги нух хIисабалда букIанигицин гьечIищ гьалдаса пайда. Араб гIасруялъул 90-абилел соназул ахиралда хасало ГIашилтIасан Болъихъе унелъул цIер къараб нухдасан ине бажаруларого кIинусгоялдасаги цIикIкIун машина букIана кIиябго рахъалда чIун хутIун, я цебе, я нахъе ине рес гьечIого. Гьеб нухда вукIарав дир пикру буссана Генусан ЧIиркъатIе гIорккун нух гьабиялде. ТIамуна таваккал ва квекIенал ккун халатбахъаниги, нух гьабун лъугIана. Гьеб лъугIун хадуб хIукму гьабуна Бузнасан нух бахъизеги. Цоги, тIоцебе, 1977 соналда туннель бахъулеб бакIалде нухал гьарулев, ай «ЧIикIаб ГЭСстроялда» хIалтIулев вукIана дун. Доб мехалдаго дица абулеб букIана, туннель бахъичIого, Бузнасан нух гьабейилан. Гьенисан нух бахъиялъул магIишатиябгун экономикияб пайдаялъул, учузго чIолеблъиялъул ва хехго бахъун бажарулеблъиялъул мухIканго цIех-рехги гьабун, суал лъун букIана. Амма дир пикру гIадахъ босичIо. ХIисаб гьабе, туннель бахъулаго кигIан заман араб, кигIан харж гьабураб?
Гъизилюрт, Хасавюрт мухъаздаса магIарухъе рачIунезе нух къокълъулеб буго 27 километралъ, ГIахъуша, Лаваша, Лак районазде Гъизляралдаса рачIунезе — 106-110 километралъ, МахIачхъалаялдасан рачIунезе — лъабго километралъ. ЧIикIаб гIадаб кIудияб росдаца пайда босулеб буго ГЭСалъул хIорихъа мотораз кьабгIун бачIунеб лъедаса. Бузнасан нух бахъун хадуб, чIикIасезе рес ккезе буго, нухлул хьибилалдасан рогIралги лъун, ахакьезул, ишкартисезул, хъерендерил ракьалдасан бачIунеб мугIрул лъарал лъим росулъе бачине. Мехелалда жаниб, гьоркьохъеб хIисабалда, туннелалдасан унеб буго щуазарго машина, гIидалъул къоялъ — 150 азарго. Бузнасан нух рагьун хадуб, гьелъ тIаса босила туннелалдасан хьвадулеб букIараб автотранспорталъул тIадецуй, хIалкъай. Рехсезе ккола транспорталъул харжалги, нухлулазул нухда унеб заман дагьлъиги, хIинкъи гьечIеб нух букIинги.
— Авар гIоралда тIад кьо кида лъезе бугеб? Дур хIисабалда, нух гьабун рагIалде бахъин халалъиладай?
— ХIадурараб маххул кьо кьуна ГIалиев НурмухIамадица. РакIалда буго, кватIичIого кьо лъезе. Гьайгьай, нух гьабун рагIалде бахъин бараб буго халкъалъул рахъалдасан гьабулеб гIарцулаб кумекалда. Бузнасан нухлул бугеб кIвар бичIчIарал, нухде кьураб садакъаялъул даражаялъул кIодолъи лъалезул рахIмуялъулаб кумек гьоркьоб къотIулеб гьечIо.
— Жакъа къоялде кигIанасеб гIарац гьелда тIад харж гьабураб ва кигIан жеги хIажалъулеб?
— Жакъа къоялде харж гьабуна 50 миллионалде гIагарун гъуруш. ХIукуматалъул роценазда рекъон борцани, гьарурал хIалтIабазухъ унеб букIана 400-500 миллион гъурущ. Халкъалъ бакIарун кьолеб гIарац исрап гьабичIого букIиналъул мурадалда, дицаго
гьарула проекталъулалгун сметаялъулал документал ва проектировщикасул, планировщикасул, инженерасул, мастерасул, прорабасул, геодезистасул, участкаялъул начальникасул, механикасул хIалтIаби. Нух рагIалде бахъизе, дир хIисабалда, хIажалъизе буго жеги 100 миллион гъуруш.
— Дуцаго кигIан мухь босулеб?
— Цо капекцин босуларо, гьелъул гIаксалда, дица гьарула нухда саламатал харжал. Хьул буго, квегIенаб нух лъугIун хадуб, разилъарал нухлулазул баркалаги Аллагьасул кириги щвеялде. ТIадегIанасе гIоло абун, ниятги гьабун, тIаде босараб буго дица нух бахъиялъул хIалтIи.
— Бузнасан нух гьабун лъугIидал, гьеб МахIачхъалаялдехунги цолъизабизе ракIалда бугин дудайин бицана. Кисан гьеб тахшагьаралде бачIине бугеб?
— ЧIикIасан Буйнакскиялдехун инчIого, квегIисахун сверун Хъумторхъалаялдасан, маххул нухда аскIосан гьеб бачIине буго Тюбеялде, ай федералияб Ростов-Баку шагьранухде. Гьеб букIина 20-22 километр халалъиялъул цIанбитIараб нух.
ХIурматиял магIарулал, аби буго, мажгиталъул гамачI нухлуе хIалтIизабизе бегьулин, нухлул гамачI мажгиталъе хIалтIизабуни, хIакъ букIунин. ГьедигIан кири кIудияб иш ккола нухазул хIалтIи ва нух гьабиялъе кьолеб гIарац. Цо пуланав дибирас абуна, нух бахъизе кьураб гIарац бугила кассаялда лъураб гIарац гIадаб нахърател, кассаялда лъураб гIарцуде тIаде процентал рачIунила, нухлул хIалтIабазе кьураб гIарцул баракаталъ, бусурбанчиясе абадиялъ тIаде бачIунеб кири букIунилан. Бузнасан бахъулеб нухдасан тIаде-хариялъго магIарухъе хьвадизе щвей бараб буго гьенибе нилъеца гьабулеб садакъаялда. ГIарац бакIариялъул ва гьеб сбербанкалъул счеталде битIиялъул иш тIаде ккола росабазул ва районазул имамазде, гьединго бутIрузде. Гьез жидерго вагIзабазулъ ва кIалъаязулъ бицине ккола магIарулазе гьеб нухлул.
Набиюла МухIамадовасул рагIабазда рекъон, нух бахъиялъулъ кинабгIаги гIахьаллъи гьечIо республикаялъул ялъуни пачалихъалъул. Гьеб буго гIицIго гIадатиял гIадамазул кумекалдалъун ва жигаралдалъун бахъулеб нух. «ТIоцебе гьаб нух гьабизе байбихьулеб, гьалъие кьучI лъолеб заманалда нижер букIана анлъго-анкьго чиясдасан гIуцIараб къокъа. ГьабсагIаталда нух бахъиялъул тIалаб гьабулев ва гьелда хадуб гьоркьоса къотIичIого халкколев чи вуго МухIамадкамил. Гьесие кумекалъе эхетун, бажарараб гьабулеб буго дицаги. РакIалде ккола хадубккунги нилъер гIадамаз гьанибе гьабулеб садакъа-хайрат гьоркьоб къотIизе теларин. РагIалде бахъинабизе кIвани, гьаб нухлуе кьола федералияб статус. Щайгурелъул гьанисан 18 районалде машинаби хьвадизе руго. Гьединлъидал нухда хъил пачалихъалъ тIела»,- ян бицана Набиюлаца.
Темирхан ХIасанов