Грозныялде сапар

Чачаназул тахшагьаралъ асир гьавуна

КIиго республикаялда гьоркьоб бугеб батIалъи бихьидал, тамашалъизе бачIуна

ГIемер бицунеб рагIун букIана чачаназул тахшагьаралъул берцинлъиялъул, ракIгъеялъе ва хIухьбахъиялъе гьенир гIуцIун ругел шартIазул хIакъалъулъ. Дидаго бихьараб гIадаб жо букIинарин ракIалдеги ккун, ният гьабуна Грозныялде сапар бухьине. МахIачхъала шагьаралъул № 29 школалъул цIалдохъабиги гьезул эбел-эменги экскурсиялъ Грозныялде унел рукIин лъайдал, гьезда цадахъ дунги къватIиве вахъана.
Дагъистаналъул гIорхъи бахиндал, чачаназул ракьалдасан унеб шагьранух буго гIатIидаб ва машинаби хьвадиялъе щибго квалквал гьечIеб. Щибаб шагьаралъул, росдал гIорхъода ран руго чIухIизарун къачIарал кIамураби. Нухлул кIиябго рахъалдаги аскIор ругел шагьаразул ва росабазул минабаздаги, ах-хуралдаги гьоркьоб буго 50-60 мет­ралъул манзилалда эркенаб ракь. Цо чачанас бицана Аргун шагьаралдасан унеб шагьранухда аскIор рарал минабаздаса, тукабаздаса ва цогидал бакIаздаса гьеб ракь эркен гьабизе полициялъ гIадамазе кьунила кIиго анкь, лъабабилеб анкьалъ бачIун техникаялъ гьенир хутIарал бакIалги щущазарунилан.
Шагьаразул, поселоказул ва росабазул минабазул шагьранухдасан рихьулел къадал руго цо кьералъул, цо куц-мухъалъул ва цо борхалъиялъул. Гьелъ сверухълъиялъе кьолеб буго узданлъиги беричлъиги.
Жакъа Грозныялъул рагIалда ран ругел минабиги, ахалги, нухалги руго беркколеб хIалалда къачIан, гIурччинлъиялъулъ тIерхьун. Ва бищунго аслияб жо, шагьранухдаги минабаздаги гьоркьоб чIезабун буго саламатаб манзил, гIатIилъи.
Ниж щвана Джалка, Аргун ва Гудермес шагьаразул мажгитазде, ахазде, гьезул берцинлъиялъул ва къачIан ругеб хIалалъул хIакъалъулъ бицун хIалкIоларо ва гьеб рахъалъ нилъер рес­публика пакъирлъиялда бугин абуни, гьереси букIинаро.
Грозныялде щведал экскурсия байбихьана АхIмад-хIажи Къадировасул цIаралда бугеб мажгиталдасан. Гьебги буго кутакалда къачIан ва сверухълъи буго гIурччинлъиялъ ккун. Мажгиталда аскIобго бугеб Грозный-сити абулеб авал бихьидал, цебе бачIана, телевизоралдасан рихьарал шагьарал, хасго Дубай шагьар. ГIемертIалаял минабазул цоя­лъул 32-абилеб тIалаялъул тIохда турис­тазе гьабураб майданалдаса Грозный бихьула хъатиниб лъураб гIадин. Гьенир гьечIо, МахIачхъалаялда гIадинал, гIемерал кIалгIаби, гIемерисел минаби руго 2-4 тIалаялъул. Гьеб берцинлъи бихьизе тIохде рахине бокьарал турис­тазе бичулеб белтил багьа буго 100 гъуруш.
Тахшагьаралъул бакьулъ буго тIугьдузул парк. Гьелъул узданлъиялъ гIажаиблъизаруна ва гIезегIан гIакъуба бихьана лъималазул улбузда лъимал гьениса къватIире рачине кIоларого. Грозныялъул рагIалдаги буго АхIмад Къадировасул цIаралда бугеб парк. Гьенир руго атракционалги, фонтаналги, парк къотIун чвахулеб лъел каскадги, тIасан лъун руго кьоялги, бакI-бакIазда эхетун руго сиялги. Гьенибго буго зоопаркги.
Грозный къотIун унеб Сунжа гIурул кIиябго рахъалда бараб къед бихьидал, дир чорхол хIал хисана. Бокьани гьадинги гьабизе кIолеб бугогури абураб пикру бачIана МахIачхъала къотIун чвахулеб чорокаб каналги цебечIун.
ЧРялъул печаталъул, ай журналистазул мина бихьидал, бичIчIана Дагъистаналъул мискинлъиги пакъирлъиги.
Лъималазе бищунго бокьана Грозныялъул дельфинарий. Гьелда аскIоб гьабураб каналалъул лъеда тIад, русбуздаги рекIун, тира-сверизеги цIакъ бокьула туристазе. Москваялдаса ахIарал артистаз дельфиназул гIахьаллъигун рихьизарулел церерахъиназул бицинаро, амма белтихъ босулеб 800 гъурушалъ Грозныялъул бюджет бечед гьабулеблъи хIакъаб буго.
Чачаназе Каспий ралъдахъе нух гьечIо. Гьеб къварилъиялдаса рор­чIиялъе, Грозныялдаса рикIкIад гье­чIого гьабун буго, 1600 метр халалъи, 800 метр гIеблъи ва анлъго метр гъварилъи бугеб, кIудияб хIор. Гьелда абула Грозныялъул ралъадилан.
Къокъго абуни, жакъасеб Грозный буго хIатталдаса ун берцинаб шагьар. Бихьизе жоги, ине бакIги, хIухьбахъизе шартIалги гьенир гIунги тIокIал руго. Гьединлъидал гьенир тира-сверулел туристазул къокъабиги рихьула. Нижеда дандчIвана Якутиялдаса, Калмыкиялдаса, Ставрополь ва Краснодар краяздаса, Волгоградалдаса, Дагъистаналдаса рачIарал туристазул къокъаби.
Цо-цояз абула ЧРялъе Москваялъ гIемераб гIарац биччалеб букIиналъ бугин гьениб гьединаб берцинлъи гьабун. Амма, дида ракIчIун абизе кIола, Дагъис­таналъул тIалъиялдаги унго-унгоял патриотал рукIаралани, нилъер респуб­ликаги мадугьалзабаздаса нахъеккараб букIинаронин. Гьелъул бицун гьанже пайдаго гьечIо. ХIакъаб жо, жакъа гIадин гьумерги чуричIого, республикаги, кьишниялъулъ къан МахIачхъалаги, канализация жанибе чвахулеб Каспий ралъадги бугони, Дагъистаналде турис­тал рачIин щакаб иш буго.

Нури Нуриев