2005 соналдаса нахъе, щибаб санайил, 17 маялда кIодо гьабула ТIолгодунялалъул артериалияб бидул тIадецуялда данде къеркьеялъул къо. Исана гьеб кIодо гьабулеб буго: «БитIун борце дурго бидул тIадецуй. Халккве гьелда хадуб. Гьабе халатаб гIумру» абураб ахIиялда гъоркь. Гьеб тадбиралъул аслияб мурад ккола киса-кибго тIибитIараб рекIелгун бидурихьазул унтул хIакъалъулъ халкъалда лъазаби, гьелда хадуб халкквеялде ва сахлъиялъе заралиял гIамалаздаса инкар гьабиялде гIадамал ахIи, жигараб куцалда гIумру гьабизе малъи.
Дунялалда щивав анцIго чиясда гьоркьоса лъабгояв ккола бидул тIадецуй бугев. Гьезул гIемерисезда лъаларо жидер бидул тIадецуй цIикIкIун букIин. Бидул тIадецуй «гIодобцараб чIвадарухъан» кколин абула. Жакъа Дагъистаналда бидул тIадецуялъ гIадамал унтиялъул бугеб ахIвал-хIалалъул, сахлъиялъе гьелъ гьабулеб заралалъул ва гьелдаса цIуниялъе гIуцIун ругел ресазул ва гьаризе кколел тадбиразул хIакъалъулъ бицун, нижеца гара-чIвари гьабуна Республикаялъул кардиологияб диспансералъул тIадегIанаб категориялъул кардиолог Гулимага ГIалиевалъулгун.
— Россиялда рекIелгун бидурихьазул унтаби рикIкIуна гIадамал сакъатлъиялъе ва хвеялъе ругел аслиял гIиллабазул цояблъун. Жакъа дунялалда ва нилъер улкаялда артериалияб бидул тIадецуй цIикIкIин лъугьун буго бищунго тIибитIараб унтилъун. Дунялалда гьелъ унтаразул къадар 1,5 миллиардалдасаги цIикIкIунеб буго. Ахираб кIиго соналда жаниб гьеб унти цIакъго цIикIкIиналъе ккараб гIилла буго ковидалъ гIемерал гIадамал унти, гьединго ковидалъ унтун рукIаразеги чIахIиял чагIазеги диспансеризацияги гьабун, гьеб унти тIатинаби.
Жакъа республикаялда вуго 150 азаргоялдаса цIикIкIун бидул тIадецуялъ унтарав ригьалде вахарав чи. Щибаб соналъ тIатинавула 25 азаргоялдаса цIикIкIун цIияв унтарав. Гьебго заманалда, Россиялъул цоги регионазда дандеккун, Дагъистаналда 2,2 нухалъ дагь буго бидул тIадецуй тIибитIи, унтарал тIатинари буго 7,1 проценталъ дагь. Нилъер республикаялда бидул тIадецуй цIикIкIиналъе квербакъула хIехьезе захIматаб риидалил багIариялъги, — ян бицана гьелъ.
— Бидул тIадецуй цIикIкIарал чагIаз кин хIехьезе кколеб риидалил багIари?
— Ралъдалъ чвердолаго ва бакъалда рукIаго, гьез тIадчIун халкквезе ккола жидерго сахлъиялда хадуб. Бидул тIадецуй бугез гIужда ва жиндир заманалда гьекъезе ккола дараби, гурони гьел тIадеги унтула. Гьез къо байбихьизе ва лъугIизабизе ккола давление борциналдасан.
— Давление бахунел чагIазе цоги щиб бегьулареб?
— Рагъа-рачари гIумру кколин абула, амма черхалда цIакъго хIал гьабизе бегьуларо. Роцада гьабулеб рагъариялъ щула гьабула сахлъи. Гьезие заралияб букIуна цIамхIалаб квен. Гьелъ къечезарула, хIал ккезабула рекIеде ва бидурихьазде.
ХIайваназул кьаралъабаздаса (тIатIи, мохмох, тIорахь) инкарги гьабун, пайда босизе ккола гъорлъ дагьаб гурони кьаралъи гьечIеб бетарахьалдаса ва чIахIазул нахудаса. Кваназе ккола помидорал, гьелъ риинарула кьаралъаби. Бидул тIадецуй цIикIкIинабула гъорлъ чакар гIемерал гьекъолел жалаз. Гьелъул гIаксалда, цIекIал гьекъолел жалаз квербакъула бидул хIалуцин гIодобе ккезабиялъе.
КъвакIарал гьекъолел жалаз, масала, гIаракъиялъ, коньякалъ, вискиялъ бидурихьал байбихьуда гIатIилъизарула, хадур гьел рукIкIинарула.
— Бидул хIалуцингун кинха гIумру гьабилеб?
— Дурусго цIунизе ккола хадусел малъа-хъваял:
1. ХIал ккезе биччаге нервабазде ва черхалде.
2. Инкар гьабе мехтизарулел жалаздаса.
3. Инкар гьабе хъалияналдаса.
4. Кьаралъизе чIоге.
5. Дагь гьабе лъамалъи хIалтIизаби.
6. Гьудуллъи ккве спорталъулгун.
— Бидул хIалуциналъ черхалъул кинал лугбузе квешаб асар гьабулеб?
— Гьелъ жагъал гьарула ракI, гIадалнах, бидурихьал, берзул жанисеб хъал, ургьисалаби. Дагьабго къадаралда тIадецуй цIикIкIиналдалъун 60 проценталъ гIемерлъула инсультал, гьединго 20 проценталъ цIикIкIуна инфарктал ккеялда бугеб хIинкъи.
ХIасил-калам, гIемерисеб мехалда бидул тIадецуй цIикIкIуна цIам ва кьаралъи гIемер хIалтIизабулезул, хIалуцараб хIалалде ккаразул, гьекъолдулезул, хъалиян цIалезул, холестерин цIикIкIаразул, хьвади дагьазул. Масала, цо сигареталъ 10-30 мм рт. ст., гьединго цо тIокIаб килоялъ 1-3 мм рт. ст. цIикIкIинабизе бегьула бидул тIадецуй. КIвахIалал чагIазе, рагъа-рачари цIикIкIарал чагIазда дандеккун, 20-50 проценталъ цIикIкIун хIинкъи букIуна гьеб унти ккеялда.
— Кин тIатинабизе кколеб бидул тIадецуй букIин?
— ТIадецуй лъазаби ккола гьеб унтигун къеркьеялде лъолеб тIоцебесеб гали. Гьеб мурадалда зама-заманалда борцине ккола бидул хIалуцин. Медицинаялъул идарабазда гуребги, гьелъие ресал гIуцIизе ккола дармилал центразда, школазда, мажгитазда ва цогидалги бакIазда.
Гьеб мурадалда жакъа республикаялъул медицинаялъул идарабазда гIуцIун руго лъикIал шартIал.
— Киназдаго гуро лъалеб бидул тIадецуй битIун борцунеб къагIида…
— ТIадецуй борцине ккола цого заманалда, къойида жаниб кIиго нухалъ — радалги маркIачIудаги, хIалтIудаса, кванидаса, хъалиян бухIиялдаса, чай-кофе гьекъаралдаса нахъе 30 минут ун хадуб.
140/90-ялдаса тIадецуй цIикIкIунеб бугони, чара гьечIого гIедегIизе ккола тохтурасухъе.
— Цо-цояз абула артериалияб бидул тIадецуй ригьалдаса арал чагIазул унти бугилан…
— ГIолохъанлъулеб буго гьеб унти. 30 сон барал чагIиги унтулел руго. Кинаб хIинкъи гьелъул бугеб? 30-35 сонил ригьалдаго тIадецуялъ унтизе байбихьани, хадусеб 15 соналъ гьелъул хIакъалъулъ лъалеб жоги гьечIони, ай сах гьарулел гьечIони, пенсиялъул ригьалде гьел рачIуна рекIел жагъаллъигун. Гьединлъидал, 25 сонил ригьалдасаго байбихьун, щибаб бащдаб лъагIалида жаниб цо нухалъ щивав чияс чара гьечIого борцине ккола артериалияб бидул тIадецуй.
ХадурагIиялъул бакIалда
АнцIила щуго соналъ кIвекIана дун гIага-шагарго гьеб унтиялъ. Лъабго сон унеб буго, лъицаялиго малъун, щибаб къоялъ мачIикьаго, кваналалде 40 минуталъ цебе ражи гъорлъ билъараб лъел кIиго стакан гьекъолеб бугелдаса. Щибаб 7-10 къоялдасан, ражидул лъел бакIалда, гьекъола лимоналъул лъим. Жакъа дир бидул тIадецуй къанагIатги 140/80-ялдаса тIаде унаро.
Ражидул лъим гьабулеб къагIида.
40 градусалъ хинлъизабураб лъим тIола стаканалъубе. Гьенибе чIинтIула ражидул цо кIудияб яги кIиго гьитIинаб гожо, 10-15 минуталъ тола гъорлъи босизе. ЦIвизеги цIун, цинги гьекъола. ЦIидасан добго ражи добго стаканалъубе, ай лъелъеги бала ва анцIго минуталдасан гьекъола.
Ражидул лъим гьекъезе байбихьилалде цIех-рех гьабе, тохтурасда дандбай. Щайгурелъул чехь-бакьазул, кванирукъалъул унти бугел чагIаз гьеб гьекъезе бегьуларо.