Вирусалъул хасият чанго батIияб буго

 

   Август моцIалдаса нахъе коронавирусалъ унтаразул къадар цIикIкIунеб буго улкаялдаго. ЦIакъго захIматаб хIал гьечIониги, щивас цIодорлъи гьабизе ккелин лъазабулеб буго тохтурзабазги. Коронавирусалде данде къеркьеялъул оперативияб штабалъул баяназда рекъон, Россиялда 21 сентябралда коронавирусалъ унтун ватана 53043 чи, больницаялдаса сахлъун рокъове виччана 60 азаргогIанасев чи, вегизавуна 4321 чи, хвана 107 чи. Дагъистаналдайин абуни, 21 сентябралда унтана 65 чи, больницаялда вегизавуна 16 чи, хвана цо чи.

COVID-19 унтул заралалдаса цIуниялъе щиб гьабизе кколебали ва унтул гIаламатал хисулел рукIиналъул хIакъалъулъ бицана МахIачхъалаялъул №1 поликлиникаялъул терапияб отделениялъул нухмалъулей ГъазимухIамадова Мадинаца.

— Гьаб моцIалда коронавирусалъ унтаразул къадар цIикIкIунеб бугин бицунеб буго. Поликлиникаялда кинаб ахIвал-хIал бугеб?

— Августалда байбихьана унтаразул къадар цIикIкIине. ГIемерисел, къватIиса рачIарал, ралъдахъе чвердезе хьвадулел рукIарал унтун рукIана. Ва байбихьуда гьезде энтеровирус бахун бугин кколебги букIана. Гьал къояздайин абуни, унтаразул къадар дагьлъизе байбихьун буго. Нижер поликлиникаялде рачIунел унтаразда гьоркьоб, къойил яги гьоркьоб къо бахъун лъабго-ункъо чиясда батула коронавирус. Амбулаторияб къагIидаялъ, ай рокъовго вукIун сах гьавулев вуго 45 чи. Гьезда гьоркьор лъималги руго. Сахлъиялъул хIалги гьезул квешаб гьечIо, цо чIараб хIалалда буго. ГКБялда вегун вуго ковид бугев 17 чи. Больницаялда 30 бакI буго коронавирусалъ унтарал регизаризе бихьизабун. Гьенир регизарула гIицIго поликлиникаялде хьвадулел гурелги, шагьаралдасаго унтарал. Нагагь шагьаралда бугеб цогIаги больницаялда вегарав, рекIел унти яги цогидалги гьединалго захIматал унтаби ругев чиясде коронавирус бахун батани, гьев ГКБялде витIула, щайгурелъул коронавирусалъ унтарал гьенир сах гьаруларо. Коронавирусалдаса сах гьабулеб кIиго больница буго тахшагьаралда РЦИБ ва ГКБ.

Нагагь унтарасул коронавирус унти букIин тIатани, гьев РЦИБалда вегизавула. Гьеб унти букIиналда щаклъиги ккун бугони, гьелдаго цадахъ цогидаб захIматаб унтиги бугони (рекIел, сосудазул, чакрил унти), нижер ГКБялда вегизавула. Гьанир руго коронавирусгун цадахъ цогидал захIматал унтаби сах гьарулел специалистал. БагIараб зонаялдаги цIикIкIун хIалтIана гьел, хIалбихьиги гьезул цIикIкIараб буго.

— Коронавирусалъул гIаламатал хисун ругищ? Унтарасда кин лъазе кIолеб коронавирус бахун букIин?

— Цебеялде дандеккун гьанже гьеб унти лъачIого, киналгIаги гIаламаталги гьечIого букIунеб буго чорхолъ. ЩибгIаги унтичIого букIине бегьула, амма анализал кьун хал гьабуни, чорхолъ батизе бегьула коронавирус. Гьелъул гIаламатал батIи-батIиял руго — шекъер унти, букари, черх загIиплъи. Черхалда цо бакIаб гьир баччараб кинигин букIуна. ЦIа-канги цохIо нухалъги бахун, хадуб загIиплъи ва бакIлъи букIине бегьула чорхолъ. Экспресс-тесталъ коронавирус гьечIин бихьизабулеб бугоницин, тохтурзабаз абизе бегьула тест мекъи бугин. Гьез мухIканал баянал щвезелъун, анализал кьун хал гьабула. Ахирги, тохтурзабаз абухъе, ПЦР тесталъ ковид букIинги бицуна. Тохтур ругьунлъун вуго байбихьудаго коронавирусалъул гIаламатал ратIа рахъизе.

Ахираб заманалда халатба­хъун температура бахарав, коронавирусалъ унтарав чи къанагIат гурони вихьичIо дида. Рес буго цIа-кан цохIо нухалда 38,5 градусалде бахине, хадуб 37,5 градусалда хутIизе. ОРВИ, ОРЗя­лъулго гIадал гIаламатал руго. Цо-цоязул берал унтула, цогидазул шекъер. Цо-цо мехалда энтеровирусалъул гIадал гIаламаталги рукIуна.

— Коронавирус букIиналда щаклъи бугезулги гIадатиял унтабазул гIарзалъ рачIаразулги цого кабинеталдайищ хал гьабулеб?

— ЦIа-кан бахарав чи отделениялде вахине бегьуларо, гьесухъ балагьула тIоцебесеб тIалаялда бугеб хал гьабиялъул кабинеталда. Гьесул экспресс-тест босула ковид бугищали хал гьабизе. Унтарав кIудияб ригьалъул вугони, рокъовго чIун босула ПЦР мазокги бидул анализги. Анализазул хIасилалда коронавирусалъ унтун вукIин тIатани, гьесие дандекколел дарабиги чIорого кьола поликлиникаялдаса. Жинцаго рокъобго гьабилин даруян абун гъулбас гьабурав унтарав рокъовго тола. Гьанже гьел дараби гьечIо, унтаразул къадарги цебе гIадаб цIикIкIараб гьечIо. ХIажалъани, ДРялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялъ кьола дараби. Унтарасе бокьичIони, гьев больницаялда вегизавизе кIоларо нижеда, амма лъикIав тохтурас хIаракат бахъула гьев больницаялда вегизе мукIур гьавизе.

— Пандемиялъул заманги жакъа къоги дандеккуни, щиб хисараб нужер хIалтIулъ? Унтаразул ахIвал-хIал бигьалъанищ?

— 2020 соналде дандеккун гIемераб жо хисана. Пандемиялъул заманалда гIемерисел унтаразул психика хисана. Гьанже парахалъи буго. Цере гIадин коронавирусалдаса гIадамал холел гьечIо. Инсанасул организмги вирусалде ругьунлъун буго, цебеялде дандеккун захIматаб хIал гьечIо унтаразулги. Ахираб моцIалда жаниб вирусалъул пневмониялъул дагьабго къадар бугев ункъояв вегизавуна больницаялда, гьезулги захIматаб хIал букIинчIо.

— Пандемиялъул заманалда, хIатта исана лъагIалил байбихьудацин вирусалъул пневмониялъул дагьабго къадар бугезе дару ро­къобго гьабулеб букIана. Гьанже гьезде кIвар цIикIкIинабиялъе гIилла щиб?

— 2020 соналда унтаразул къадар цIикIкIараб букIана, гьединлъидал гIицIго захIматго унтарал регизарулел рукIана. Больницабазда бакI гIолеб букIинчIо. Тохтурасул хал гьабиялда гъоркь стационараздаги рокъобги гьабулеб букIана дару.

Исана лъагIалил байбихьудаги цIакъ гIемерал гIадамал унтун рукIана. ГIемерисел регизеги гьарулел рукIана. Больницаялда гьел регизариялъул рахъалъги кинабгIаги захIмалъиги букIинчIо.

Нижер поликлиникаялъу­л тохтурзабиги больницаялъу­л тох­тур­забигун дандбан хIалтIулаан. Гьез нижее кумек гьабулаан. Лъа­чIеб жо цоцазда цIехолаан, гьединлъидал нижееги бигьаго бу­кIана унтаразе кумек гьабизе. Дарабаздалъунги хьезарун ру­кIана. Нагагь нижер гьаниб да­ру лъугIани, гьеб рахъалъги кумек гьабулаан больницаялъ. Це­бе букIараб ахIвал-хIалалде данде­ккуни, гьабсагIат гIезегIан лъикI буго.

— Тохтурзабиги ругьунлъун ратила гьеб унтуде…

— Унти бигьалъунин яги унтарал дагьлъунин абун, тохтурзаби гIодоре риччан рукIунаро. Ковидалъ хасият хисизе, унтарасул цогидал захIматал унтабиги цадахъ рагъаризе бегьула.

— Коронавирус бахинаредухъ ва гьелъул заралалдаса цIуниялъе лъикIаблъун щиб рикIкIунеб?

— Сахлъиялде, спорталде цIи­кIкIун кIвар кьезе ккела. Нерваби хвезарулел, ракI бакъвазабулел харбаздаса, рекIее лъикIаб гуреб асар гьабулел лъугьа-бахъиназдаса рикIкIад чIезе ккела. Гьаб заманалда гьеб цIакъ захIматаб пишалъу­н букIаниги. Квешал эмоцияз иммунитет за­гIип гьабула. ЗагIипаб иммунитет бугони, вирус бахине ресал цIикIкIуна.

ЛъикIаб, сахаб квен, физи­ческияб культура – гьеле иммунитет щулалъиялъе би­­щунго лъикIаб къагIида. ГIо­дор­къоязгIаги яхI бахъизе ккола ба­цIцIадаб гьаваялда тира-сверизе. Гьанже нилъер сахлъиялъе бищунго хIажатаб жо буго щулияб иммунитетги, рекIее парахалъиги, рохелги. Вакцинацияги жиндир заманалда гьабизе ккела.

— Вакцинация гьабизе рачIунищ поликлиникаялде?

— Прививкаби гьарулезул къадар гьаб заманалда дагьабго гIодобе ккун буго. ХIалтIул къоязда, гьоркьохъеб хIисабалда, цо къоялъ 80 чи вачIуна. Цере гIодоркъояздаги рачIунаан прививкаби гьаризе.

Нижер гьаниб буго Гам-КОВИД-вак (Спутник V) вакцина. Гьеб киназдаго лъала лъикIаб вакцина хIисабалда.

П. СУЛТIАНМУХIАМАДОВА