10 сон бана Россиялда ЕГЭ чIарагьечIеблъун гьабуралдаса

Цояз беццула, цогидаз какула

 

Гьеб щибжояли лъалеб буго улкаялъул гражданазул 89 проценталда. Гьезул бащдалдаса цIикIкIаразул (55%) лъималаз яги лъималазул лъималаз кьуна цогоял пачалихъиял экзаменал, хутIаразда (34%) гьелъул хIакъалъулъ лъала СМИяздасан.

ЖамгIияб пикру лъазабиялъул тIолгороссиялъул централъ (ВЦИОМ) тIобитIараб цIех-рехалда ре-къон, гьелда гIахьаллъаразул 77 проценталъ абулеб буго школалда лъимал куцалел ругин гIицIго тестал цIезаризе. Гьединлъидал цIалдохъабазул лъайги хашлъулеб бугин рикIкIуна гьез. Пачалихъияб экзаменалъ хIисабалде босуларо цIалдохъанасул хаслъи – гьединаб пикру загьир гьабуна цIех-рехалъул гIахьалчагIазул 77 проценталъ. Жеги 71 проценталъул пикруялда рекъон, ЕГЭ байбихьаралдаса нахъе цIалдохъабазул лъаялъул тIаса-масаго гурони халцин гьабуларо.
«Регионаздаса пагьмуял гIолилазе рес щвана къадруял вузазда цIализе ине», — гьединаб пикру загьир гьабуна цIех-рехалъул гIахьалчагIазул 57 проценталъ. 65 проценталъ абуна ЕГЭялъул тестазулаб бутIа нахъе босиялъ рес кьунин цIалдохъабазул хIакъикъияб лъаялъул халгьабизе. 2016 соналда гьединабго пикруялъул рахъкколаан 49 проценталъ. 52 проценталъ абулеб буго, цIалдохъанасул лъаялъе къимат кьолаго, субъективияб рахъалдаса эркенлъанилан.
Школалда лъимал цIалулел эбел-инсул 42 проценталъул пикруялда рекъон, ЕГЭялде гьел хашго хIадурулел руго школалъ; лъикIаб хIадурлъи гьабулин рикIкIана 40 проценталъ.
***
ВЦИОМалъ россиялъулазда цIехана, кинал хIинкъаби ругел гьаб заманалда нужер лъималазеян. ГIемерисезул жавабазда рекъон, аслияб хIинкъилъун ккола наркоманияги гьекъолдиги.
«Лъица цIунулеб нужер лъимер?» абураб суалалъе жаваб кьолаго, 44 проценталъ рехсана лъимадул эбел-эмен, гIагарлъи. ИчIго проценталъул пикруялда ре-къон, лъималазул рахъккола лъайкьеялъул идараялъ ва микьго проценталъ абуна, жидер лъимер цIунулеб идара бугин пачалихъ ва закон.
***
Россиялъул щивав щуабилев учителасе бокьун буго хIалтIи хисизе ва щивав лъабабилев педагогасда лъаларо, кин ва кинал хIалтIабазухъ жиндие харж кьолеб бугебали.
Бищун гIемер хIалтIизе кколел руго Кемеровоги, Костромаги, Самараги областазул учительзаби: гьоркьохъеб даражаялда анкьида жаниб 30 дарс кьола гьез. Новосибирскги, Владимирги областазда ва Удмуртиялда учителасул нагрузка бахунеб буго 29 дарсиде. Санкт-Петербургалъулги, Псковги, Томскги, Ульяновскги областазулги учительзабаз анкьида жаниб кьола 28 дарс.
Цебесеб соналде дандеккун, 10 проценталъ цIикIкIана учителасул хIалтIуда цадахъго методистасулги, библиотекарасулги, педагог-психологасулги яги социалияв педагогасулги хIалтIи гьабулел учительзаби. Жив гьедин хIалтIулин бицана цIех-рехалда гIахьаллъарав 10 учителасда гьоркьоса ункъояс.
ОНФалъул централияб штабалъул член, РФялъул Пачалихъияб Думаялъул лъайкьеялъулги гIелмуя-лъулги комитеталъул председателасул заместитель Ольга Духаниналъ абулеб буго учителасул харж цIикIкIинабиялъе гьадинал нухал ратизе бегьулин. Гьезул цояблъун гьелъ рехсолеб буго учителасул цо ставкаялъухъ (гьелда гьоркьобе ине ккола учителас гьабулеб кинабго хIалтIи) лъикIаб оклад чIезаби. «Щивав учителасда гуро бичIчIулеб бугеб, кин чIезабулеб моцIрол харжалъул аслияб къадар, сундухъ кьолеб гъирабазабиялъулги компенсациязулги бутIабаздаса гIарац. Цебесеб соналде дандеккун, гьединал учительзабазул къадар бахана 36 проценталде. ХIалтIухъ мухь кьеялъул хIакъалъулъ положение бичIчIуларо 30 проценталда. ХIалтIул администрациялъул тIадецуялъул хIасилалда захIматалъул къотIиялда гъоркь гъолбасун буго учительзабазул 23 проценталъ. Бищун гIемер разигьечIолъи загьир гьабулеб буго гъирабазабиялъул бутIаялдаса гIарац кьеялда бан: учительзабаз абулеб буго, гьелъул баллалги гьезузухъ кьолел гъуршалги соналдаса соналде дагьлъулел ругин», — ан бицана Духаниналъ.