ГIансаялде къулизе гIедегIуге

Херлъиялдасаги квешаб жо – живго херлъун вукIин лъангутIи

 

«Херлъи-гьойлъи» абураб аби буго магIарулазул. Цоги, херлъи буго ахIичIого вачIунеб гьобол гIадаб жойиланги абула. Кин батаниги, рарал соназул гьирил бакIлъиялъ мугъ къулула, рищалаби унтула, рилълъин хисула. Гьелъие бугеб гIиллаялъул, цIуни-къай гьабизе кколеб къагIидаялъул жакъа нилъее бицунеб буго ДРялъул мустахIикъав тохтур, республикаялъул ортопедиябгун травматологияб централъул тохтур-травматолог Мирза Удаевас.

Херлъидал инсанасул рилълъин щай хисулеб?

50 соналдаса тIаде индал, гIемерисезул рилълъин хисула, галаби хадур рехъерхъула, цIодорго лъола гIодоб хIетIе. ГIолохъанаб мехалда гIадинаб букIунаро къамартIи ва тIадагьлъи. ГIилла, херав чиясул ччорбазулъ, рукьбузулъ ва рищалабазулъ, черх нахъеккеялъул, «басралъиялъул» хIасилалда гъваридал хиса-басиял кколел рукIин, херлъулеб бугеб гIадалнахуда рилълъиналда хадуб тIубараб куцалда халккун бажарунгутIи.

Тохтурасухъе гIедегIе

Ригь арабгIан ччорбал «хIалакълъула» ва тIадагьлъула, рукьби загIиплъун, чIимигIлъун лъугьуна, гьезулъ рукIунел кальций дагьлъула, гьелдалъун рукьби хехго рекулеллъун лъугьуна. Рищалабазулъ цIамал гIемерлъула. Черхалде хIалкколеб хIалтIи гьабурал, хасго росабалъ гIумру гьабун ругел чагIазул гьел гIунгутIаби камурав чи къанагIатги вукIунаро. Вилълъине захIмалъулеб бугин, тартадулев вугин, хIатIал бакIлъун ругилан дур яги гIагарав чиясул гIарз батани, ахIи базе ккола. Гьеб букIине бегьула неврологияб унти, гIадалнахулъ бугеб вагъа-вачариялъул жаваб кьолеб отделалъул гIунгутIи, остеохондрозалъул гIаламат.
ГIемераб заманаялъ телевизоралда цере регизе ва креслоялда кIусизе лъикIаб букIунаро. Гьениб хIухьбахъи лъугьунаро. Мугъзагьодиде хIал ккола, гьеб битIун чIезабулеб ччорбал загIиплъула.
Вилълъанхъулаго бетIер сверулеб бугони, чара гьечIого неврологасухъе ине ккола. ГIемераб мехалъ вегун яги кIусун вугев херав чи хIалалъ эхетула, черх битIизабизе захIмалъула, накабазул рищалаби квешго унтула. Хьвада-чIвадани, гьел гIунгутIаби заманалдаса тIагIуна. Гьел руго цIикIкIунеб бугеб рищалабазул унтиялъул (артроз) гIаламатал. Гьеб унти къойидаса къо-йиде цIикIкIуна. Гьединлъидал унтарав тохтурасухъе гIедегIизе ккола.

Унтаби тIатин

Цо-цояз гIарз бахъула рищалаби унтулел ругин, цо-цоял зигардула мугъзал унтиялъ санагIат хвезабулеб бугин, ай щивав чиясул унтиялъул гIаламатал батIи-батIиял рукIуна, гьезде кIвар кьечIого тезе бегьуларо. Нилъер республикаялда бищунго цIикIкIун буго рохокъотIиги мачIчIуги цолъулеб бакIалда ругел рищалаби унтаразул къадар. ГIадамазул яшавалъул ва мугIрузул захIматал шартIазда гIумру гьабизе кколеб букIин буго гьелъие бугеб аслияб гIилла.
Рукьбузул унтаби рукIине бегьула, черхалде хIал ккеялдалъун гуребги, цIамал гъорлъ ругеб лъедасан ккаралги, эбел-инсудаса ирсалъе щваралги.

Малъ биццалъи

Ригь арав чиясул вилълъин цIакъ бегIукълъула, хIатIил килщал гьетIун ругони ва кIудияб килщида аскIоб гIамгIаро лъугьун бугони. Вилълъанхъиялъе гьединабго масъала ккола хIатIазул малъал риццалъи ва гьел ччорбазулъе жанирехун рижи. Килщал гьетIи умумуздаса ирсалъе щвараб яги кидаго къваридал хьитал ретIиялдалъун букIинеги бегьула. Гьел унтаби ругел чагIаз тохтурасухъе ин нахъе тIамун тезе бегьуларо. Малъ гьаналъ къалеб бугони, гьеб бакIалда ругъун лъугьуна, рецIцI ккола ва хIасилалда операция гьабизе ккола. Цудунго тIаделъани, физиотерапия гьабун, токалъ багIаризабун, даруяб хIарщ тIад чIван, унти сахгьабула.

Малъа-хъваял

Херав чиясги жиндирго черхалда хадуб кидаго халкквезе ккола, черхалде хIал кколеб бакIлъи кодобе босизе бегьуларо. Унтани, больницаялдеги, черх щула гьабизе санаториялдеги ин кватIизе тезе бегьуларо.
РакIги гьуъралги унтун гьечIони, лъикIаб буго цIияб гьаваялда гIемер хьвадизе ва гIедегIичIого векеризе. КIванагIан кванилъ цIам дагь хIалтIизабизе ккола, гьанал бакIалда ччугIа яги гIанкIудал гьан кваназеги лъикIаб буго. Гьекъолел жалаздасаги хъалиян бухIиялдасаги тIубанго инкар гьабила.
Нури Нуриев