Реццги цIарги тIад буссинабизе хьулгун

 

   1970 соналда Дагъистаналда ракь багъарана. Гьелъул балагьалъукье ккана чанги районал, гьезда гьоркьоб букIана Гумбет районги. Районалъул школазул цIалдохъаби цIализе ритIана батIи-батIиял бакIазда ругел интернатазде. Гьединазда гьоркьов вукIарав Гъалип Гъалипов – районалъул бетIер – ккана Избербашалъул школа-интернаталде.

   «1974 соналда цIидасан багъарана ракь ва росабалъе тIад руссун рукIарал нижер гIадамал нахъеги гочине ккана гIатIиракьалде. Избербашалъул интернаталда микьабилеб-ичIабилеб классазда цIалулел рукIарал ниж ритIана батIи-батIиял бакIазде. Дун ккана Астраханалъул интернаталде. Гьениб лъугIизабуна дица анцIго класс», — ан ракIалде щвезабуна Гъ. Гъалиповас.

 

 

Баян:

   Гъалип Гъалипов гьавуна 1958 соналда, Гумбет районалъул Килалъ росулъ. ТIоцебесеб-кIиабилеб классазда цIалана гIагараб росдал школалда, лъабабилеб-ункъабилеб классазда – Каспийскиялъул школа-интернаталда. Хадубккун цIалана Избербашалъул школа-интернаталда – микьго класс лъугIизегIан. 9-10 классазда цIалана Астраханалъул школа-интернаталда.

   1982 соналда Гъ. Гъалиповас лъугIизабуна Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул физикаялъул факультет. 1982-1983 соназда хIалтIана Килалъ росдал школалда физикаялъул ва математикаялъул учительлъун. 1996 соналда цIализе лъугьана нухмалъулел куцалеб политехникияб колледжалде.

  1998-2013 соназда хIалтIана Дагъистаналъул энергетикаялъул идарабазда. 2008-2013 соназда вукIана «Дагэнергосбыт» абураб компаниялъул нухмалъулев директорлъун.

  2021 соналъул сентябралда Гъ. Гъалипов тIамуна Гумбет районалъул бетIерасул ишал тIуралесул хъулухъалде. 2022 соналъул 10 марталда, районалъул депутатазул собраниялъ, Гъалип Гъалипов вищана Гумбет районалъул бетIерлъун.

   Россиялъул энергетика цебетIезабиялъулъ лъураб кIудияб бутIаялъухъ Гъ. Гъалипов мустахIикълъана регионалиялгун федералиял пачалихъиял идарабазул ХIурматалъул грамотабазеги, Баркалаялъул кагътазеги ва медалазеги.

 

 

— Районалъул цIияв нухмалъулев хIисабалда, тIоцебесеб иргаялда, тIубазе кколеб масъалалъун щиб рикIкIунеб дуца?

   — Ахирал соназда районалъул школал лъугIаразда гьоркьоса цIакъ дагьлъана церетIурал вузазда цIалунги рахъун росабалъе тIад руссарал гIолилал. Дир хIисабалда, гьелъие гIилла буго лъай кьеялъул даража гIодобе ккей. ОГЭялъул ва ЕГЭялъул хIасилазги нугIлъи гьабула гьелъие.

  Районалъул нухмалъулесул ишал тIуралевлъун вугеб мехалда дун ана районалъул лъай кьеялъул идарабазул халгьабизе. Аргъваниса ресалда вугев бизнесмен ХIажияс, жиндирго гIарацги харж гьабун, бан буго школа-интернаталъе мина. «Дие къваригIун буго росдал гIолилазда гьоркьоса лъай бугел, пагьму-гьунар тIокIал, бажари бугел гIолилал рахъине», — ян абуна дида ХIажияс. Пагьмуял лъималазул школа гIуцIизе гъираялда, гьенире ракIарана Хасавюрталда, Гъизилюрталда, МахIачхъалаялда цIалулел рукIарал эргъвендерил лъимал.

   ЦIакъ лъикIаб пикру буго гьеб! Амма бокьиладай гьанжесел лъималазе цIализе? Дираздаса байбихьун, лъимал руссун руго гаджетазде – гьеб балъголъи гуро. Камуларо, гьайгьай, МГУялда цIализе ине гъираги бугел, тIадчIун лъаялда хадур лъугьарал гIолилалги. Нилъер талихIкъосин ккола гьединал цIакъго дагь рукIин. Щвана дун гьеб школалде. Дунгоги лъабго батIияб интернаталда цIализе ккедал, интернаталъул ахIвал-хIал дида лъикI лъала. РакIчIун абила, дица гIумру гьабураб цониги интернаталда рукIинчIо ЦIияб Аргъвани росулъ бугеб интернаталда гIадинал шартIал. Рукъзабахъ лъун руго кIитIалаял кроватал. ЦIалул корпусалда чIезарун руго гьанже заманалъул киналго шартIалги техникаги. Киса-кибго рацIцIалъи буго. Къецалда бергьарав табасаранав вуго гьелъул директорлъунги. Завучлъун йиго чачанай. ТIад рагIи абилареб хIалалда гIуцIун буго кинабго хIалтIи. ГIицIго хIажат буго гьезие кумек-квербакъи гьаби.

   Сундулъ кумек хIажат бугеб? Гьеб интернат бараб ракьул «зеленка» буго, жибго минаялъул гьечIо киналгIаги документал, ай гьеб бан буго нилъер умумузул къагIидаялда. Жиндиего мина балев чияс киданиги хIадурулароан хасаб проекталъулгун сметаялъул документал. Гьедин бараб буго интернаталъул минаги.

   Рехсараб школа-интернат базе ракь кьун буго районалъул депутатазул собраниялъ гьабураб хIукмуялда рекъон. Проектги хIадуричIого, бан буго школалъе мина. ЦIунун гьечIо лъай кьеялъул идараялъул рахъалъ рукIунел цогидал тIалабалги. БукIине кколаан архитекторас, надзоралъул, цIа ккеялдаса цIуниялъул идарабазул вакилзабаз ва цогидаз гъулбасараб документ.

  Гьелде тIадеги, прокурорасул халгьабиялъул кагътида рихьизарун руго цIа ккеялдаса цIуниялъул мурадалда гьаризе кколел тадбирал. Гьелги хIисабалде росизе ккола интернаталъул нухмалъиялъ. Нижецаги хIаракат бахъу-леб буго кумек гьабизе. Республикаялъул тахшагьаралда документал гьечIого бан буго ункънусгоялдаса цIикIкIун гIемертIалаяб мина. Гьел риххизаризе лъугьунел гьечIо гурищ? Нилъецаги хIаракат гьабизе ккола гьеб школалъул документал гьарун рукIалиде ккезаризе.

— Гумбет районалдаса чан чи гIахьаллъулев вугев Украинаялда тIобитIулеб хасаб рагъулаб операциялда?

   — Цин абулеб букIана районалдаса 78 гIолохъанчи вугин гьениви- лан. Росабазул бегавулзабазухъеги ахIун, мухIкан гьабураб мехалда, гьенив ватана 48 чи. Гьезул лъабгояв гIумруялдаса ватIалъана ва кIиго-лъабгояв лъукъунги вуго. Гьезие кьуна «Бихьинчилъиялъул орден». ЛъаратIа росулъа учителасул вас вачIун вукIана захIматго лъукъун. Гьесда хIурматалда дандчIвай гьабуна районалъго ва сахлъун хадуб, цIидасанги ана гьев рагъулаб хъулухъ тIубазе. ЦIиликьа, ЦIундиЩабдухъа ва МелъелтIаса цо-цо солдатасул жаназаби рачIана росулъе. Гьезул хъизамал ахIун рукIана администрациялде ва бажарараб кумекги гьабулеб буго. ТIубазабулеб буго росабазул школазе, къватIазе, хIухьбахъиялъул бакIазе бахIарчиго хварал солдатазул цIарал кьеялъул рахъалъги хIалтIи.

   Дир ракI  бохула ДРялъул бетIер Сергей Меликовасул гьеб суалалде бугеб тIалабчилъиялъ. Районазул бутIрулгун данделъи тIобитIанщинахъе гьелде кIвар буссинабула гьес. Гьес лъазабуна хасаб операциялда чIварал ва лъукъарал аскариязул хъизамазде жавабияб бербалагьи букIине кколин абун.

— Районалъул администрациялъ кинаб хIалтIи гьабураб гьеб рахъалъ?

   — Украинаялда тIобитIулеб хасаб рагъулаб операциялда гIахьаллъулаго чIварал гIолохъабазул хъизамазе кумек хIисабалда нижеца бакIарана цо миллионгун кIинусазарго гъурущ. Дагьаб цебе «Афгъаналъулазул вацлъи» абураб жамгIияб гIуцIиялъул вакил МухIамадрасул ана Донецкиялде – дора ругел аскариязе къай-цIаги босун. «Солдатасе сайгъат» абураб акциялда рекъон школазул цIалдохъабаз бакIарараб къайиялъул – цояз шватаби, цогидаз макаронал ва гь. ц. кьун – ГАЗель битIун букIана гьенибе цебеккунги.

— Щиб дуца рикIкIунеб Гумбет районалъул бищунго хирияб хазиналъун?

   — Халкъ. Гьаб районалда гIумру гьабулеб буго гIаданлъи бугел, гьобол хириял, ватIан бокьулел ва хIалтIизе бажари цIикIкIарал гIадамаз. Районалъул администрациялъ мугъчIвалеб буго гьезде ва гьезул кумекалде. Цадахъ рекъон хIалтIани, рес буго районалъул цебеккун букIараб реццги цIарги тIадбуссинабизе.

Гара-чIвари гьабуна Кавсарат СУЛЕЙМАНОВАЛЪ.