Шамай Хъазанбиева – лауреат

 

   Ахираб заманалда пачалихъалъ кIвар кьолеб буго Россиялъул халкъазул мацIал церетIезариялде. Гьелдаго цадахъ гьоркьоса къотIулелго гьечIо рахьдал мацIазул сагIтал дагь гьаризе ругилан абулел харбалги.

  Амма сундухъниги ралагьичIого, руго жеги ракI-ракIалъ рахьдал мацI лъималазда лъазе бугеб гъира свинчIел учительзабиги. МахIачхъалаялъул 11 гимназиялда магIарул мацIалъул учительлъун хIалтIулей йиго газеталъул мухбир Шамай Хъазанбиеваги. Исанасеб цIалул соналда гьей бергьана ТIолгороссиялъул ва республикаялъул чанго конкурсалда. Методикиял разработкабазул рахъалъ ТIолгороссиялъул конкурсалда январалдаги гьелъ ккун букIана тIоцебесеб бакI.

  Дагьаб цебегIан гьединабго ТIолгороссиялъул конкурсалъул регионалияб этапалда тIоцебесеб бакI щвана учителалъе. Гьей гIахьаллъизе йиго кватIичIого Москваялда тIобитIизесеб федералияб этапалдаги.

  «ХIакъикъат» газеталъ ракI-ракIалъ баркула Шамай Хъазанбиевалда гьединаб къадруяб конкурсалда щвараб бергьенлъи. Гьарула гьелъие хадурккунги жеги кIуди-кIудиял бергьенлъаби.