Халкъазда гьоркьосеб экономикияб форум

Лъаялда ва махщалида бараб

 

Аслияб куцалда бицана тIадегIанал технологиял хIалтIизариялъул, демографиялъул, экологиялъул, финансазул, инвестициязул хIакъалъулъ

Дагъистаналъул бе­тIе­расул ишал тIуралев Владимир Васильевги гIахьаллъана Петербургалда тIо­битIараб Халкъазда гьоркьосеб экономикияб форумалъу­л Россия­лъу­л президент Владимир Путиницаги гIахьаллъи гьабураб пленарнияб данделъиялда. Исана форумалъул аслияб темалъун букIана «Божилъиялъул экономика гIуцIи» абураб. Гьенир тIоритIана дунялалъулго экономика цебетIеялъе ругел ресазул, шартIазул ва нухазул хIакъалъулъ бицунел дандеруссинал, рукIана бахIсал, бизнес-диалогал.
Данделъиялда кIалъарав Россиялъул президент Владимир Путиница кIвар кьуна дунялалъулго экономика цебетIей жакъа гIадамазул лъаялда ва махщалида бараб букIиналде:
— Гьадинал гара-чIвариял ва дандчIваял жакъа цIакъго хIажат руго нилъее. Жакъасеб гIумруялъ тIалаб гьабулеб буго халкъазда гьоркьосел экономикиял, политикиял, дармилал бухьенал щула гьари. Гьеб ккола миллатазул цебетIейги. Россиялъул цIигIуцIараб хIукуматалъ байбихьун буго церетIеялъулал цIиял миллиял проектал ва программаби гIуцIизе ва гьел гIумруялде рахъинариялъе жакъа­сел тIалабазде дандекколел нухал ратизеги, — ян абуна гьес.
Форумалда кIалъана Франциялъул президент Эммануэль Макрон, Япониялъул премьер-министр Синдзо Абэ, Китаялъул Халкъияб Республикаялъул председателасул заместитель Ван Цишань, Халкъазда гьоркьосеб валютаялъулаб фондалъул директор Кристин Лагард. Гьениб бицана дармил, тIадегIанал технологиял хIалтIизариялъул, демографиялъул, экологиялъул, финансазул, инвестициязул хIакъалъулъ.
Форумалда Владимир Васильев, ДРялъул экономикияб ва территориалияб цебетIеялъул министр ГIусман Хасбулатов, гьесул гIакълучи Игорь Губайдуллин, АСИялъул генералияв директорасул заместитель Игорь Кус­тарин, АСИялъул генералияв директорасул гIакълучи Анвар ХIажиев, ДРялъул бетIерасул гIакълучIужу Галина Емельянова дандчIвана «ЦIиял проектал церетIезариялъул агентство» АНОялъул генералияй директор Светлана Чупшевагун. Гьез гъолбасана цо-цо къотIи-къаязда гъоркь. Масала, росдал магIишаталъул нигIматазул «мобилияб рынок» гIуцIиялда, агротуризм цебетIезабиялда, электронияб цадахъ рекъон хIалтIиялде рачIиналда.
Гьединго гьениб бицана медицинаялъулгун социалиял центразда рукIа-рахъиналъул хъулухъазул централ гIуцIизе ккеялъулги, сакъа­тал лъималазул профессионалияб хIадурлъиялде кIвар кьолел централ рагьиялъулги, предпринимателазе шартIал чIезариялъулги, бизнесалъулги, социалиял проектазулги хIакъалъулъ.