Бищун берцинаб анкьго бакIалъул цояб — Дагъистанги

 

 

  «Дагъистаналда нужее кIудияб асар гьабизе буго мугIруз, къанагIатаб архитектураялъ ва квен-тIехалъ. Гьенире щведал, чара гьечIого рихьизе кколел бакIал руго Басрияб Гьоорибги, ЧIикIаб хIорги, Кужник росулъ (Табасаран район – ред.) тIабигIаталъ гьабураб кьоги, Ханагалъул чвахелоги (Хучни росдада гIагарлъухъ – ред.), Къорода БецIкъварилъиги», — гьедин хъвалеб буго «Forbes Life» сайталъ Дагъистаналъул хIакъалъулъ.

  КъватIисел пачалихъаз Россиялъе санкциял лъеялдалъун хIухьбахъи гьабизе бакIал нилъер улкаялда жанирго тIаса рищулел руго туристаз. Гьелда бан гьеб сайталъ цIар чIвалеб анкьго бакIалда гьоркьоб Дагъистанги рехсон буго. ХутIарал ккола Курилалъул чIинкIиллъаби, Камчатка, Красноярск, Алтай, Мурманскиялда гIагарлъухъ бугеб Териберка, Калининградалдаса рикIкIад гьечIеб Куршская коса.