МахIачхъалаялъул КIудияб мажгиталда цебе рагьараб «Гьидаят» руччабазул гIуцIиялъул нухмалъулей Загьра ИсмагIиловалъул нухмалъиялда гъоркь гIемер тIоритIула гIолохъанал руччабазда гьоркьор исламияб къагIидаялда тарбия кьеялъул хIакъалъулъ бицарал тадбирал. Гьенибго рагьун буго «Жакъасей чIужугIадан» абураб клубги. Клубалъулъ гIахьалчагIи ккола гьанжего-гьанже рукъалде руссаралги жеги руссинчIелги ясалги, гIолохъанал улбулги, гIумруялъул хIалбихьи щварал руччабиги. Зама-заманалдасан гьел дандеги гьарула Загьраца.
Гьезие лекциял цIализе ахIула батIи-батIиял идарабазда хIалтIулел машгьурал руччаби.
Иргадулаб нухалда клубалъул гIахьалчагIигун дандчIвазе ячIун йикIана республикаялъул Халкъияб Собраниялъул депутат, Дагъистаналъул туризмалъул рахъалъ министрасул заместитель Анна Безрукова. Гьелъ тадбиралде рачIаразе бицана нилъер гIумруялъе чара гьечIого къваригIунел социалиял гьиназулги телефоназулги хIакъалъулъ.
— Жакъа нилъер гIумруялда щулияб бакI ккун буго интернеталъги, телефоназги ва цогидал гаджетазги. Амма битIараб къагIидаялда кин гьел хIалтIизаризе кколелали гIемерисезда лъалеб гьечIо. Масала, жамгIияб транспорталда рекIун унаго, цо-цо руччабаз, киназдаго рагIиледухъ бицуна жидерго хъизамалда ругел дандеккунгутIабазулги захIмалъабазулги хIакъалъулъ. Цо-цоял семизецин семула телефоназдасан. Унго-унголъунги рекъон букIунареб куц чIужугIаданалда гьединаб хьвада-чIвади, — ян абуна гьелъ.
Гьединго видеороликазул кумекалдалъун гьелъ бичIчIизабуна кинаб низам, тадбир букIине кколеб рокъобги, къватIибги ва жамгIиял бакIаздаги телефонал хIалтIизарулелъул.
— ГIадатлъун билълъун буго, байрамал баркулелъулги, «интернет- открыткаби» цоцазухъе ритIиги. Масала, цо байрамкъоялъ дихъе щвана цого открытка 20-30 нухалда. Нуже-нужерги рукIунел ратила гьединал лъугьа-бахъинал. ЛъикIаб букIинародай, баркиялъул цохIо предложение хъванигицин, нилъерго текст битIизе. Дун, масала, йохула гьединаб барки бачIани, — ян тIадеги жубана гьелъ.
Жеги гIемерал мисалал рачана Аннаца. Руччабазулги рукIана гьелъие гIемерал суалал. Гьединго гьезги бицунеб букIана жидерго гIумруялда ккарал лъугьа-бахъиназулги. Тадбиралъе цо хасаб берцинлъи кьун букIана магIарул, гIурус ва гIараб мацIазда нашидал ахIулей Хадиджацаги.
Шамай ХЪАЗАНБИЕВА