Росдал магIишаталъул исанасеб сон нахъа танин абизе бегьула. ХутIун буго ахирисел гектараздаса пиринчI бакIарун рагIалде бахъинабизе. ЛъагIалил хIасилалги лъикIал ругин бицана Хасавюрт районалъул росдал магIишаталъул муниципалияб учреждениялъул директор Идрис Загъаловас.
Кинабнги 142358 гектар ракьул буго районалъул къайимлъиялда. Аслияб масъалаги ккола гьел ракьал пайдаяб куцалда хIалтIизари. Гьеб ракьалъул цIикIкIарасеб къадар бекьула. Масала, 17 азаргогIан гектаралда хьала хаслихъе рекьулел культураби, гьелдаса кIигогIан нухалъ, 33135 гектар ккун буго ихдалил рекьулел культурабаз, 255 гектаралдаса санайил бакIарула гIодокари, 7500 гектар ккун буго харибакIаз. Ахираб лъабго-ункъо соналда жаниб хаслихъе могьолал культураби рекьулел ракьал 3000 гектаралъ цIикIкIинарунинги руго. Могьолал культураби гIезарулезул хIалтIул хIасилал лъикIал ккана. 16985 гектаралдаса исана бакIарана, гIаммаб къагIидаялъ рикIкIун, 61398 тонна хаслихъе бекьараб ролъул. Щибаб гектаралдаса щун буго 25,6 центнер. 2022 соналъул букIинесеб бачIиналъеги исана жиндир заманалда ракь бегун, хьон хьан щулияб кьучI лъуна районалъул хурухъабаз.
ПиринчI
— Санайилго цIикIкIунеб буго хурзабахъа бачIунеб ва боцIухъанлъиялъ кьолеб хайир, — ан бицана И. Загъаловас. – ХIисаб гьабе, 2020 соналъ хурухъанлъиялъ районалъе кьун буго 10 миллиардгун 50 миллион гъурущ, боцIухъанлъиялъ – 5 миллиардгун 541 миллион гъурущ. Гьединал хIасилалгун 2020 соналда Хасавюрт район республикаялда цебесеб кьердаги букIана. Исанасел хIасилалги гьездасаги лъикIал рукIинеги руго. ТIорщалил бачIин цIикIкIинабиялъе, боцIухъанлъиялъ кьолеб продукция гIемерлъизабиялъе гIоло хIалтIулел руго 142 росдал магIишаталъул предприятиязул хIалтIухъаби. Гьезда гьоркьоре уна 28 — росдал магIишаталъулгун производственнияб кооператив, 12 — муниципалияб предприятие, 81 — рекьарухъабазулгун фермеразул магIишат, гIезегIан руго жалго жидедаго чIарал предпринимателазул магIишаталги. Хасавюрт районалда кидаго кIвар кьолеб букIана хурзабахъ ихдалил могьолал культураби рекьиялде. Гьезда гьоркьоб хасаб бакI ккола цIоросаролъалъ, пиринчIалъ, бакъдебуссалъ, овощаз, бахчабазул культурабаз.
Гьал къоязда тIадбан унеб буго Аджиевасул, Нуровасул цIаралда ругел ва «Къуруш» предприятиязда пиринчI бакIариялъул хIалтIи. Азаргоялдасаги цIикIкIун гектаралда пиринчI гIезабун буго Казмаул ва Темираул росабазул хурухъабазги.
— 230 гектаралдаса бакIарана пиринчI. Щибаб гектар рикIкIун щвана 45-47 центнер. Гьединлъидал гьабураб хIалтIи гIадада ккечIо, — ян бицана Нуровасул цIаралда ЦIияб Костек росулъ бугеб росдал магIишаталъулгун производственнияб кооперативалъул нухмалъулев Рабадан Мамаевас.
ЦIибил
— ЗахIмат бихьичIого рахIат бокьарас, бекьичIого лъилъе нилъ гьечIого хурилан хъван буго Инхоса ГIалихIажияс. ГIакъубаги къварилъиги бихьичIого хурги бачIунаро, нигIматалги рижуларо. ЦIолбохъанлъи буго бищун захIматаб иш. Их бачIаралдаса нахъе хIалтIизе ккола цIолбохъаби, — ян бицана ЦIияб Гъагъалъ бугеб рекьарухъабазулгун фермеразул магIишаталъул нухмалъулев Ташав-хIажи Дадаевас. Хасалил цIороялъукьа цIунизелъун ракьулъ бахчун букIараб цIолбол гъабу къватIибеги бахъун, гьелъул гIаркьалаби кIуризе ккола, хадуб бухьуна кваразда. Цинги хIутI-хъумуралдаса гъабу цIунизе речIчIизабизе ккола дару. Гьединаб хIалтIуца кьола ракI разиял хIасилалги. 222 гектаралдаса Ташав-хIажил нухмалъиялда гъоркь хIалтIарал фермераз щибаб гектаралдаса бакIарана 160 центнер цIолбол. Гьединабго цIолбол бачIин бакIарана жидерго ахикьа Гъойтемир ГIалипашаевас, Ислам ХIажиевас, Шагьрурамазан Асланхановас, ХIусен Ирасхановас.
Ахихъанлъи
2043,7 гектаралдаса бакIарараб пихъил къадар бахана 9212 тоннаялде. Санайилго цIикIкIунел руго росабалъ ахалги. Гъоркьиса 170 гектаралдаги чIана ахал. Исана ихдал гъутIби чIун рукIана 48 гектаралда. РакIалда буго жеги 52 гектаралдаги чIезе.
— КIудияб хьул буго 120 гектаралда чIун рукIарал гъутIби тIадеялъул тIегьалин абураб. Цудунго барщулеб гIечул гъутIбуздаса, ихдал цIоройги ккун, тIегь гъенана. БижичIо, бакIаричIо исана щибго, — ян бицана Сивухъ росулъа рекьарухъабазулгун фермеразул магIишаталъул хважаин Мариям ГIалимирзаевалъ.
Техника
Районалда росдал магIишаталъул батIи-батIиял рахъал церетIезариялъе нухмалъулез хIаракат бахъулеб буго шартIал чIезаризе. Аслияб куцалда пикру буссинабула техника цIилъизабиялде. Гьал ахирал соназда босун буго анкьго комбайн, микьго трактор ва 50 сельхозмашинаби. ГьабсагIаталда районалъул магIишатазда буго 186 трактор, 51 хьон хьалеб сеялка, 68 комбайн, 63 бакIал хурзал къачIалел дискал, 59 пуруц, 43 дару речIчIизабулел агрегатал. Гьеб гуребги, районалда хурухъабазе, фермеразе кумекалъе гIуцIун буго МУП МТС «Хасавюрт- агросевис». Гьеб гIуцIиялъе, лизингалъул къагIидаялда, 68,8 миллион гъурщиде босун буго 3 «Вектор-410» комбайн, 3 МТЗ-82, 2 К-704 трактор.
Лъалъалел ракьазул къадар районалда бахуна 46337 гектаралде. Лъалъадизе лъим чIезабиялъе магIишатазда гьоркьосел 887 километр халалъи бугел каналалги руго. Ахирал соназда 520 километралъул халалъиялда каналал рацIцIад гьаруна. Мелиорациялъул программа гIумруялде бахъинабиялъе гIоло, Садовое росулъ 2 миллионгун 800 азарго гъурщил багьаяб, нусго гектар лъалъазе рес бугеб, машинабазул кумекалдалъун цIад базабулеб агрегат лъун буго.
Гьарулел хIалтIабазда хадуб хал ккола росдал магIишаталъул управлениялъул хIалтIухъабаз. Гьединал халгьабиязул хIасилалда лъана Хасавюрт районалъул гIемерисел рекьулел ракьазулъ беэнлъи цо проценталдасаги дагь бугеблъи. Ракь беэн гьабичIел хурзабахъе гIураб къагIидаялда рала магIданиял удобрениял, рак. Хадубккунги гьеб рахъалъ хIалтIул иш лъикIлъизабиялъе гIоло ихдал хурзабахъе базе 1000-гIан тонна удобрениязул хIадурунги буго.
Гирай ХIАЙДАРОВ