Риччанте нилъер
лъимал рукIине лебалал,
Биччанте гьез цIунизе
Дагъистаналъул къадру.
Расул ХIАМЗАТОВ
«Гьоболас къалеб бакI къазе кколаян» абула магIарулаз. ЧIахIиязул гIакълу-малъиялда рекъон, гьоболасул букIине ккола хIалимаб, гIемер кIалъалареб хьвада-чIвади. ЯхI-намус тIагIинлъун рикIкIунаан чияр ясазухъ балагьицин.
Цебе годекIабахъ гIолилазе щолаан яхI-намусалъул, захIмат бокьиялъул, къо хIехьеялъул дарсал. ГIумруялъул хIалбихьи щварал харабаз кьолаан гIакълу, бицунаан гIадатазул, бахIарчилъиялъул хIакъалъулъ.
МугIрузул улкаялъул гIолохъабаз бахIарчиго цIунана гIагараб ватIан; напсияб мурад цIехечIого, гьабула загIипазе кумек; жидерго гIумруялъе бугеб хIинкъиялъухъ балагьичIого, хIажаталъуб къурбан гьабула жидерго гIумру; заман цIехечIого рахъуна къваригIарасе хIалае.
Дагъистаниял —
гьаб заманалъул бахIарзал
Нилъ рохизе ккараб хIужа буго Дагъистан унго-унгоял бахIарзаздалъун бечедаб букIин. СМИяздасан гIемер бицуна, чияр чагIи хвасар гьарулаго, жидерго гIумру къурбан гьабурал нилъер ракьцоязул бахIарчилъиялъул хIакъалъулъ. Масала, 2017 соналъул 29 июлалда Москваялъул Серебряный Бор абулеб пляжалда, СалахIбеков Рашидица жиндирго гIумру кьуна лъелъ гъанкъулей йикIарай яс хвасар гьаюлаго.
2013 соналъул ункъабилеб июналда Москва областалъул Звенигород шагьаралъул Москва-гIурул рагIалда хIухьбахъиялда вукIарав МахIачхъалаялдаса 24 сон барав РахIметов Маратида рагIана, кумек гьабеян, лъелъ гъанкъулел ясазул ахIи балел гьаркьал. Марат векерана гьел хвасар гьаризе. Гьес хвасар гьаюна гъанкъулей йикIарай Юлия Аникеева ва Репсиме Керогян, амма чорхол тату хун букIиналъ, жиндаго бажаричIо лъелъа къватIиве вахъине.
Гьебго соналъул ноябралда Дагъистаналъул боксалъул команда бачIана Хабаровскиялде, Россиялъул чемпионаталде. Жидерго гIумруялъе бугеб хIинкъиялъухъ балагьичIого, цIа рекIараб трамваялдаса къватIире рахъана гьез гIадамал.
2015 соналда Санкт-Петербург шагьаралъул Бергьенлъиялъул Паркалда Буйнакск шагьаралдаса Вагьабов Шамилица хвасар гьаюна 28 сон барай яс Кристина. Хадуб гьелъ жиндирго блогалда хъвала: «Дун гурейги, дир ясги хвасар гьаюна гьес. Шамилица дида бихьизабуна жиндирго лъикIлъи ва рухIияб цебетIей», -ан.
2015 соналъул маялда Курах районалъул рохьихъан Зайнудин Батманов, ракIалдаго гьечIого, ккана балагьаб лъугьа-бахъиналъул нугIлъун. Хъачагъаз гъоркьлъалие росун рукIана рос-лъадиги лъабго моцI бараб лъимерги. Батмановас такъсирчагIи разилъизаруна, жиндихъ хисун, гъоркьлъалие босараб хъизам эркен гьабизе. Жидее бокьараб гьабичIин абун, Зайнудин чIвана хъачагъаз. Гьеб бахIарчилъиялъе гIоло мустахIикълъана Россиялъул БахIарчиясул тIадегIанаб цIаралъе.
ЧIегIераб тIанкI лъурал
Исана 4 октябралда Москваялъул метроялда ахIи-хIуралда ругел дагъистаниязе пуланай ясалъ бадибчIвай гьабидал, гьезул цояс гьелда хъубаб рагIи абула. Роман Ковалев абулев гIолохъанчи ясалъе хIалае вахъуна. Жидее бадибчIвай гьабунин абун, гIолохъабаз гьев вухула.
Бицинин гьединал гъалмагъирчагIазе Чачаналда гьабулеб тамихIалъул хIакъалъулъ. Чачан республикаялъул нухмалъиялда лъан, Россиялъул регионалда кинабгIаги къадараб хьвада-чIвади гьабуни, гъалмагъирчагIи чара гьечIого кьварараб тамихIалде цIала. Гьел ахIула Чачаналде ва, гIагарал чагIигун цадахъги рачIун, гьез гьарула тIаса лъугьаян. Гьениб гьезда бичIчIизабула «гьез жидерго халкъ суризабулеб букIин» ва чачаназул гIадатал хвезарулел рукIин.
ЧIужугIаданалъул къадру-ас цIуни Дагъистаналда рикIкIуна бихьинчиясда тIадаб борчлъун. Гьелъухъ шапакъатал рукIине кколин абунги гьез рикIкIунаро. ГIажаибаб жо, метроялда дой ясалъе хIалае вахъанин абун, Россиялъул ЦIех-рехалъулаб комитеталъул председатель Александр Бастрыкиница лъазабуна Роман Ковалевасе «Доблесть и отвага» абулеб медаль кьеян.
Воронеж областалъул хIукуматалъ абуна, губернаторасул цIаралдасан Ковалевасе шапакъат кьезеги сахгьавиялъе гьесие кумек гьабизеги кколин абун. Москваялъул мэр Собяниница буюрана, Ковалевасе кIиго миллион гъурущ кьеян. Гьаниб бачIунеб буго суал: кьвагьараб яги цIа рекIараб автобусалдаса гIадамал хвасар гьарурал чагIазул бахIарчилъи Ковалевас гьабуралдаса гьитIинабищ бугеб?! ГьечIо, амма Ковалевас гьабураб иш бихьизабуна Россиялъул аслиял телеканалаз ва, гьеб ахIвал-хIалалдаса пайдаги босун, хIакимзабазе бокьана, хIукуматалъул хIисабалдасан, жидеего реклама гьабизе.
ГIолилазде хитIаб
Россиялъул бокьараб регионалда яги дунялалъул батIияб улкаялда, ай кир рукIаниги, батIалъи гьечIо, Дагъистаналъул гIорхъи бахъарабго, нуж ккола МугIрузул улкаялъул вакилзаби. Нужер гIамал-хасияталъухъ, хьвада-чIвадиялъухъ, лъикIлъи-квешлъиялъухъ балагьун кьола Дагъистаналъеги дагъистаниязеги къимат. ТIехIаб чахъдаца рехъен хвезабулаян абухъего, Москваялъул метроялда рагъарал гIолилаз чIегIераб тIанкI лъуна Дагъистаналъул гьурмада. Гьединал чагIазул «баракаталдалъун» нилъер гIолилал цIализе росулел гьечIо Россиялъул тахшагьаразул цо-цо вузазде. Гьеб гуребги, нилъехъе рачIине нигаталда ругел туристалги, инвесторалги, спортсменалги нусго нухалъ ургъиларищ, жидер гIумруялъе Дагъистаналда хIинкъи букIине бегьулин абун.
Цебе рогьолъун рикIкIунаан, вагъулаго гIодов ккарав чиясде квер борхи. Пайда щиб, жакъа нилъер гIемерисел гIолилазул яхI-намусалда кьаву чIван буго. Къо-асс бугел, рижи берцинал гIолохъаби ратизе, къад чирахъ бакун ралагьаниги, захIмат буго. ТIоцебесеб иргаялда гьеб ккола эбел-инсул, хадуб школалъул ва жамгIияталъул гIайиб.
РачIа нилъерго умумузул лъикIал гIадаталги цIунун, гIолеб гIелалъе битIараб тарбия кьей букIинабизин.
Нури НУРИЕВ