3 августалда Гъуниб районалда «Гъуниб-Гъумеки» абулеб шагьранухде кьуруги ччукIун, 70 метра- лъул манзилалда нух бацана. Машинадуй нухги гьечIого хутIун букIана ЧIохъ, Сугъралъ росаби. Гьел ккола Гъуниб районалъул бищун гIемер туристал рачIунел росаби. Шагьранух бацIцIад гьабизе гьенибе экскаваторги автопогрузчикги щун буго. ХIалтIухъабазда ракIалда буго 5 августалъул рогьалида машинаби хьвадулеб хIалалда нух бацIцIад гьабизе. Нухде кьуру ччукIун гIадамасе щибниги зарал ккечIо. Араб соналдаги гьединабго жо ккун, цIи гьабун, къачIан букIараб шагьранух ккола гьеб.