ДРялъул хIукуматалъул председателасул тIоцевесев заместитель Мурад Казиевасул гIахьаллъигун тIобитIараб ЖамгIияб палатая лъул данделъиялда бицана республикаялда вакцинация гьабиялъул хIакъалъулъ. Гьеб тадбиралда гIахьаллъана жамгIиял гIуцIабазул нух малъулелги.
ЖамгIияб палатаялда
КIалъазе рахъарал ЖамгIияб па латаялъул председатель ГIабдулмуъмин Ибрагьимовас, Роспотребнадзоралъул нухмалъулев Николай Поповас, республикаялъул сахлъи цIуниялъул министр Татьяна Бе- ляевалъ, тележурналист Ильман ГIалипулатовас, «ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редакторасул заместитель Зикрула Ильясовас, Ша- милил фондалъул бетIер ГIалиасхIаб Хархачаевас бицана церечIарал масъалабазул ва сунде кIвар кьезе кколебали. Ахираб заманалда кови- далъ унтаразул къадар гIемерлъулеб букIиналъе гIиллалъунги рехсана цIодорлъи гьабунгутIиги тохтурзабазул рагIи гIадахъ босунгутIиги.
Т. Беляевалъ абуна Дагъистан вакцина гьабиялъул рахъалъ Россиялъул регионазда гьоркьоб рачIчIалда бугин. Унти тIибитIиялъе гIиллаги кколин жиндир заманалда вакцинация гьабиялде кIвар кьунгутIи.
Республикаялда вакцина гьабизе ккола халкъалъул 60 проценталъе, ай миллионгун 300 азарго чиясе. Гьеб масъала тIубазабизе ккани, щибаб къойил вакцина гьабизе ккола къоазаргогIанасев чиясе. «Масала, 17 июналда республикаялда унтун вукIун ватани 176 чи, нахъисеб къоялде гьезул къадар бахана 210-ялде. ГьабсагIаталда 502 чи вуго кислородалъул кумекалдалъун хIухьел цIалев», — ан бицана министралъ.
Республикаялъул больницабазда ковидалъ унтаразе хIадурун буго кIиазаргоялдасаги цIикIкIун койка.
ЦIуна-къаялъул тадбирал рагIа-ракьанде щун тIуралеб къогоялдасаги цIикIкIун районалда сордо-къоялда жанив цониги чи унтичIолъиялъул хIужжабиги руго.
Данделъиялъул хIасиллъун ккана республикаялъул халкъалде вакцина гьабизе ккеялъул хIакъалъулъ хитIаб гьаби. Гьелдаго цадахъ жамгIиял гIуцIабазда тIадкъана гьеб иш хехго тIубаялъе гьарулел тадбирал гIумруялде рахъинаризе. Шамилил фондалда «Шамилил фонд» абураб культуриябгун тарихияб жамгIияб гIуцIиялдаги тIобитIана коронавирусалде данде вакцинация гьабизе ккеялъул хIакъалъулъ бицараб данделъи. Фондалъул президент ГIалиасхIаб Хархачаевас бихьизабуна гьеб рахъалъ республикаялда ахIвал-хIал хIалуцун букIин.
— Коронавирусалъ унтаразул къадар къойидаса-къойиде цIикIкIунеб буго. Вакцина гьабизе бегьуларин, вирусги ургъун бахъараб жо бугин ахIи балел гIадамазулгун «рагъ базе» ккун буго. Гьединал гIадамазухъ гIенеккун чIани, дагь-дагьккун тIагIине буго нилъер халкъ, — ан абуна Хархачаевас.
Данделъиялда гIахьаллъи гьабурав ДРялъул ЖамгIияб палатаялъул председатель ГIабдулмуъмин Ибрагьимовас абуна цебеялде данде жеги захIматаблъун лъугьун бугин унти.
— Коронавирусалдаса цIуниялъе, вакцина гуреб, тIокIаб батIияб къагIида гьечIо. Нилъеца гьитIинаб къоялдаса нахъе гриппалде ва цогидалги рахунел унтабазде данде прививкаби гьарулаан. Жакъа гIадинаб дандечIейги харбалги тIиритIизарулароан, абураб вакцинаги гьабун чIолаан. Гьез инсанасе кинабгIаги зарал гьабилинги ракIалдего кколароан. Гьанже жидедаго ракIалде ккараб жо бицунеб буго гIадамаз. Гьелдалъун жидеегоги гIагарлъиялъеги хIинкъиги лъугьинабулеб буго. Масала, цо-цояз абулеб буго вакцина гьабуралги унтулел ругин.
Вакцина гьабурал гуро унтулел ругел, унтулел руго гьеб гьабунин абун гьересиял справкаби росарал. Дицагоги гьабуна коронавирусалде данде прививка. Гьеб гьабизе нуж киналгоги ахIула, — ян бицана ЖамгIияб палатаялъул председателас.
ДРялъул бетIерасул гIакълучи Шамхалдибир ГIисаевас бицана, ДРялъул бетIерасул тIадкъаялда рекъон, лъабго къоялда жаниб анкьго районалде щванин коронавирус тIибитIиялъул ва вакцинация гьабиялъул ахIвал-хIал цIехезе.
— Гьел районазда халкъалъул 30-40 проценталъ гурони, прививкаби гьарун гьечIо, унтаралги цIикIкIунел руго. Гьел къоязда гьабураб бичIчIикьеялъул хIалтIудаса хадуб вакцина гьабулезул къадарги цIикIкIана, унтаралги дагьлъана. Вакцинациялдаса хадуб захIмалъи ккараб яги чи хвараб цогIаги хIужжаги ккечIо, — ян бицана ДРялъул бетIерасул гIакълучияс.
Аваразул культурияб автономиялъул председатель Айтемир Сатираевас ракIалде щвезабуна байбихьуда РФялъул президент Путиница коронавирусалъул бицун, гьелдаса цIунеян лъазабидал, гIемерисел божулел рукIинчIолъи. Хадуб гIадамал хвезе байбихьидал, щибаб рокъоса чи унтидал, дару балагьулелги хутIанин абуна гьес.
ПатIимат СУЛТIАНМУХIАМАДОВА