Дагьал церегIан къоязда «ХIакъикъат» газеталъ МухIамад Шамхаловасул цIаралда бугеб премиялъе гIоло тIобитIун букIараб къецалда бергьаразе шапакъатал кьуна.
ТIоцебесеб бакIалъе мустахIикълъана ТубхIат Зургьалова («Дир Расул»), кIиабилеб бакIалъе — ГIиса Шарапудинов («ГIашилтIаса Ханзадай»), лъабабилеб бакI щвана ТIалхIат Ахъбердиевасе («Гьужумалъ цIа лъуна дир ВатIаналда»).
М. Шамхаловасул премиялъе мустахIикълъаразе шапакъатал кьуна магIарул газеталъул тарихалъул хIакъалъулъ хъвараб «Заманалъул матIу» тIехьалъул бицунеб тадбиралда. «ХIакъикъат» газеталъул редактор ГIумахан ГIумахановас, рухIияб хазинаялъул отделалъул редактор ПатIимат ГьитIиновалъ премиязе мустахIикълъаразда шапакъатал баркана ва къецалда гIахьаллъаразе баркала кьуна.
М. Шамхаловасул ракьцояв, ЦIумада районалъул бетIер Шамил ГIумаровас къецалда бергьаразе гIарцулаб сайгъатги гьабуна ва газеталъул редакциялъе баркалаги кьуна.
«Цебе М. Шамхаловасул премия кьолаан лъагIалида жаниб лъикIаб хIалтIи бихьизабурал журналистазе, газеталда жанирго хIалтIулел яги къватIисан хъвадарулел мухбирзабазе.
Араб сон киназего захIматаблъун, гIадамал данделъизе бегьулареблъун, редакциялдаго чIун коллективалъе хIалтIизе рес гьечIеблъун букIана. Гьеб санагIалъи гьечIеб заманалда Шамхаловасул цIаралда бугеб премия гIицIго хIалтIулъ тIокIлъи бихьизабурал журналистазе гуребги, хъвадаризе гьунар бугел магIарулазе кьезе хIукму гьабун букIана. Къец тIобитIиялъул мурад букIана магIарулазда гьоркьор хъвадаризе гьунар, бажари бугел гIадамал тIатинари, гьел халкъалда рагIизари, газеталъулгун бухьен щулалъизаби», — ян бицана къецалда гIахьаллъаразе баркалаги кьолаго П. ГьитIиновалъ.