1 апрелалдаса 15 июлалде щвезегIан Дагъистаналдаса лъабазаргогIан гIолохъанчи витIизе вуго Россиялъул армиялде.
Гьедин бицана ДРялъул рагъулав комиссар Дайтбег МустIафаевас, 5 апрелалда «ХIакъикъат» газеталъул редакциялда тIобитIараб пресс- конференциялда.
Гьелда гIахьаллъана ДРялъул информациялъулгун печаталъул министр ГIумаргIусман ХIажиевги, «ХIакъикъаталъул» бетIерав редакторасул ишал тIуралев ГIумахан ГIумахановги.
Дайтбег МустIафаевас бицухъе, пандемиялъул заманалда, гъоркьиса нилъер республикаялдаса армиялде витIун вуго микьазаргогIан гIолохъанчи.
— Гьезул 70 проценталдаса цIикIкIун чиясул букIана тIадегIанаб яги гьоркьохъеб хасаб лъай. ГьедигIанасебго къадаралъул гIолохъанчи вуго ДОСААФалъул организациязда цIалун рагъулабгун учёталъулаб махщел щварав – С, Д, Е категориязул шофёрзаби, фельдшерал, крановщикал, — ан абуна гьес.
Рагъулав комиссарас бицана пандемиялъул заманалда жидецаго гьарулел цIуна-къаязулги. Ковид бугищали лъазе гьез тестал кьезарулел руго призывалъулаб пункталде вачIарав щивав гIолохъанчиясдаги гьел нуха регIизе рачIарал гIага- божараздаги. Гьедин тIатинавуна вирусалъ унтарав 20 чи ва коронавирусалъ унтаразда аскIов вукIарав жеги нусго чиги. Республикаялда бугеб муниципалияб 52 ва республикаялъул цо призывалъулаб комиссиялда коронавирусалдаса цIуна-къаялъе киналго шартIалги чIезарун ругин бицана Д. МустIафаевас.
Гьесул рагIабазда рекъон, армиялде щун хадур гьел гIолохъаби кIиго анкьалъ карантиналда чIезарула.
Гьединго комиссариатазул киналго хIалтIухъабаз ковидалда данде вакцинаги гьабулеб буго. Гьеб гьабун бахъине ккола 10 апрелалде.
Армиялда хъулухъ гьабиялъул къагIидаялъулъ гьадинаб хиса- басиги ккана ахираб заманалда: тIадегIанаб махщалилаб яги гьоркьохъеб хасаб лъай бугел гIолилаз хъулухъ гьабизе бегьула контракталда рекъонги. Армиялде ахIун арал гIолохъабаз гьениб цо сон балеб батани, контракталда рекъон араб лъабго соналъ тезеги рес буго.
Гьедин жидеца гъоркьисала рагъулабгун учёталъулаб махщалие азаридаса цIикIкIун чи хIадуранин армиялде витIизеян бицана рагъулав комиссарас. Гьанже ихдал ритIулезда гъорлъ гьединав кIиазаргоялдасаги цIикIкIун гIолилав вукIине рагIула.
Контракталда рекъон хъулухъ гьабизе гъоркьисала нилъер гьаниса 1,5 азарго чи ун вуго.
РФялъул Оборонаялъул министерствоялъул цIалул идарабазде лъугьине азаргоялдаса цIикIкIун гIолилав тIаса вищун вуго гъоркьиса ДРялъул рагъулаб комиссариаталъ. ЦIализе восун вуго гьезда гьоркьоса 350 чи.
Нагагь гьединал идарабазде цIализе ине бокьарав чи ватани, жидехъе гIарзаби хъваянги абуна Д. Мустафаевас, гьенире хитIабал гьарун, документал хIадуризе квербакъилила жидеца.
Хадуб гьес жавабал кьуна журналистазул суалазеги.
ДРялъул информациялъулгун печаталъул министр ГI. ХIажиевас ракIалде щвезаруна армиялда гIадлу хвезабурал дагъистаниязда тIасан цересел соназда рахъулел рукIарал гIарзал. Цере гIадин гIемер гьечIониги, гьел гьанжеги камуларин бицана МустIафаевас. Масала, гъоркьиса армиялде арав 20 гIолохъанчиясда тIад гьарун ругила уголовниял делаби. Аслияб куцалда гьел ккола цоцазухъа гIарац яги телефонал рахъун, жидерго бакIалда цогидал хIалтIизе тIамун гьарурал гъалмагъирал.
Гьездаго цадахъ улкаялъул батIи- батIиял регионаздаса баркалаялъул кагъталги рачIунел руго нилъер рагъулаб комиссариаталде. Гьедин 40-ялдасаги цIикIкIун баркала кьун кагъат бачIун буго исана.
Рагъулав комиссарлъун хIалтIулеб 12 соналда жаниб цониги дагъистанияс альтернативияб хъулухъги тIаса бищичIин бицана Дайтбег МустIафаевас. Гьелде щвезегIан Гъизляралда хIалтIулелъул, жидеца цо чанго гIолилав витIун вукIанила тункIихер гьабулеб заводалдаги психоневрологияб диспансералдаги хIалтIизе. Рагъулаб хъулухъ гьабизе бокьичIого альтернативияб хъулухъ тIаса бищулел гIолохъаби, аслияб куцалда, рагъулал госпиталазде санитараллъун хIалтIизе унин абуна комиссарас. Амма дагъистаниял гьечIила гьезда гъорлъ.
З. ХIАЖИЕВА