АхIвал-хIал лъикIлъулеб буго, амма…
Бруцеллез тIатараб Дагъистаналъул щуго районалда карантин лъазабуна
Россельхознадзоралъул управлениялъул пресс-хъулухъалъ лъазабуна исана соналъул байбихьудаса нахъе Дагъистаналъул щуго росулъ бруцеллезалъ унтарал хIайванал ратанилан. Гьел ратун руго Гъарабудагъкент районалъул Къакъашура, Нугъай районалъул Нариман, Дербент районалъул Гъоркьа Рукел, ГIахъуша районалъул УрхьучIимахьи росабалъ ва Дахадаев районалъул «Дибгашинский» СПКялда. Ветеринариял хъулухъаз гьел росабалъ, бруцеллез тIагIинабиялъе, хехал тадбирал гьарулел руго.
Бруцеллез ккола бахунеб унти ва гьеб хIайваназдаса гIадамазде бахиналъул хIинкъиги букIуна.
Гьеб рахъалъ Дагъистаналда лъугьун бугеб ахIвал-хIал лъазабиялъул мурадалда, нижеца гара-чIвари гьабуна ДРялъул ветеринарияб управлениялъул начальникасул заместитель Аюб Мамедовасулгун.
— Аюб, Дагъистаналда бруцеллез тIибитIиялъе хIинкъи бугищ?
— Ахираб щуго соналда жаниб бруцеллезалъ гIадамал унтиялъул щибаб лъагIалида жаниб 120-гIанасеб лъугьа-бахъин ккола. ГIемерал соназ гьарурал цIех-рехаз бихьизабулеб буго 100 азарго чиясда гьоркьоса 2-3 чи бруцеллезалъ унтулев вукIин. Масала, 2017 соналда республикаялда унтана 118 чи. Цересел соназул баянал росани, масала, 2014 соналда бруцеллезалъ унтун вуго 144 чи, 2015 соналда — 140, 2016 соналда – 110. ХIисаб гьабуни, Дагъистаналда бруцеллез тIибитIиялъе абизегIанасеб хIинкъи гьечIо.
— Бруцеллезалъ гIадамал унтиялъул хIужаби кир цIикIкIун ругел?
— Гьеб рахъалъ бищунго санагIалъи гьечIеллъун рикIкIуна ГIахъуша, Болихъ, Лаваша, Буйнакск, Дахадаев, Бабаюрт, Гъизилюрт, Дербент, Гъизляр, Гъарабудагъкент, Нугъай, Рутул, Тарумовск, Хунзахъ, ЦIумада ва Шамил районал, Южно-Сухокумск ва МахIачхъала шагьарал. Гьенир 100 азарго чиясда гьоркьоса бруцеллезалъ унтаразул къадар, республикаялда бугеб гьоркьохъеб хIисабалдаса, 1,5-ялдаса 11-ялде щвезегIан цIикIкIун буго.
— Бруцеллезалъ щал унтулел ва гьелъие кинал гIиллаби ругел?
— Бищун цIикIкIун бруцеллезалъ гIадамал унтула май-октябрь моцIазда. ГIемерисеб мехалда бруцеллез бахуна унтараб хIайваналъулгун бухьен букIиналдалъун ва гьел хIайваназул кванил нигIматал хIалтIизариялдалъун, ай лъикI белъинчIеб гьан яги лъикI гьализабичIеб рахь ккола унти бахиналъе бугеб аслияб гIилла. Цо-цо ккола гIи-боцIуе хъулухъ гьабулел лъимал бруцеллезалъ унтиялъул хIужабиги.
— Бруцеллезалъ унтулел хIайваназул къадар цIикIкIиналъе щиб гIилла бугеб?
— Жалго бетIергьанал магIишатазда гIи-боцIуе жиндир заманалда дару гьабунгутIи. 2018 соналъул тIоцебесеб январалда, ДРялъул ветеринарияб комитеталъул баяназда рекъон, республикаялда бруцеллез тIатинабиялъул рахъалъ лъикIаб ахIвал-хIал батичIо 25 пункталда. Гьездаса 18 – чIегIерхIайваназда ва 9 – гIи-цIцIаназда бруцеллез ккеялда хIинкъи буго.
ГIадамал ва хIайванал бруцеллезалъ унтиялъе квербакъула:
— гIи-боцIуе заманалда ветеринарияб хъулухъ гьабунгутIиялъ;
— хIайван хъвеялъе хасгьабун чIезабураб бакI ва ветеринариял тадбирал тIоритIиялъе шартIал чIезарун гьечIолъиялъ;
— республикаялда бугеб 11,5 азаргогIанасеб КФХялда ва 438 азаргоялде гIагарун ЛПХялда батуларо гIи-боцIул тIубараб хIисаб, тIадчIун гьабуларо унтабазда данде дару ва вакцинация. Гьединлъидал 20 проценталдасаги цIикIкIун хIайван хутIулеб буго я унтиялъул цIех-рех яги вакцинация гьабичIого;
— бокьахъги мучIдуздаги цадахъ хьихьула батIи-батIияб тайпаялъул хIайванал. Унтарал хIайваналги рукIуна гьездаго гьоркьор;
— ветеринариял тIалабалги хвезарун, хIайванал росула ва гочинарула цо бакIалдаса цогидал бакIазде;
— гIи-цIцIани гочинарун хьихьулеб къагIида;
— жалго бетIергьанал магIишатазда гIи-бицIул къадар цIикIкIунеб букIин.
— Кин инсанасде бруцеллез бахунеб ва унтун вукIин кин лъазе рес бугеб?
— Бруцеллез бахаралдаса гьеб тIатине бала цо-кIиго анкь, моцI. Унтул гIаламаталги ккола: цIа-кан бахин, чIаголъи дагьлъи, гIетI бай, бетIер, ччорбал ва рищалаби унти. Унтарал хIайваназе хасиятаблъун буго тIинчI тIами, гьабураб тIинчI чIаго хутIунгутIи, хIорго хутIи.
Бруцеллезалъул микробал багIариялдаса яги цIороялдаса хIинкъуларо, гьел ракьулъ нусго къоялъги чIаго хутIула. Лъелъ чIаго хутIула 114 къоялъ, харилъ, квасулъ, ракулъ — ункъо моцIалъ, хIанилъ, нисдалъ — 70 къоялъ, цIорозабураб гьаналъ — 50 къоялъ. Гьебго заманалда 60 градусалъ багIаризабуни, гьел 30 минуталдасан хола, гьализаруни ва хасаб дару хIалтIизабуни — щуго минуталдасан.
Унти бахине хIинкъи букIуна хIайваназул къинлъи бахъулаго, гIи къунцIулаго, кьагIаздаса цIоко бахъулаго, бакъвараб рак хIадурулаго, унтарал хIайванал рукIунеб бакI бакIарулаго, гьезул рахь ва рахьдал нигIматал, гьан кунаго. Амма бруцеллезалъ унтарал чагIаздаса цогидазде унти бахиналда хIинкъи букIунаро.
Унтарав заманалда больницаялде вачIани, сахгьавизе кIола. КватIизегIан тани, унтиялъ жагъал гьабула инсанасул рукьбалгун чорбал, нерваби, ракIгун бидурихьал ва жинсиял лугбал.
— Прививкаби гьаруни, унтудаса цIунизе бегьулищ?
— Бруцеллезалдаса цIуниялъе гьабулеб вакцина буго, амма гьелъ 100 проценталъ унти ккеялдаса цIунулилан абизе бегьуларо. Вакцинация гьабула санэпиднадзоралъул идарабазул хIукмуялдалъун 18 сон барал гIи-боцIухъабазе, ветеринариял хIалтIухъабазе, зоотехниказе ва гь.ц.
— Кинал тадбирал тIоритIулел ругел лъугьун бугеб ахIвал-хIал лъикIлъизабиялъул мурадалда?
— Ветеринарияб комитеталъ республикаялъул хIукуматалде битIизе хIадур гьабун буго «Борьба с бруцеллезом людей и сельскохозяйственных животных на территории Республики Дагестан от 2015-2017 гг. до 2020 года» абулеб, бруцеллезалде данде рагъ баялъул хасаб программа. 2017 соналда бруцеллез тIатинабурал районазда низам хвезабиялъул хIужаби ратун, комитеталъул регионалияб халкквеялъул специалистаз гьабуна 141 дело ва гIайибияздаса бахъана 141 азарго гъуруш.
— Нужер хIалтIуе сунца квалквал гьабулеб бугеб?
— Квалквалал цIакъ гIемер руго. Гьоркьохъеб хIисабалда республикаялъул ветеринариял хIалтIухъабазул моцIрол харж буго 11,7 гъуруш. Гьеб ккола республикаялда бищунго гIодобегIанаб харж. Гьабулеб хIалтIи абуни, цIакъго цIикIкIараб буго. Цо специалистас хъулухъ гьабула 1000-ялдаса цIикIкIун хIайваналъе. Жакъа хIалтIулел ругел ветеринариял тохтурзабазул гьоркьохъеб ригь ккола 57 сон. Гьединаб гурони харжги кьечIони, щал рачIунел гьел хисизе?
Районазда ва росабалъ ветеринариял хIалтIаби тIоритIулаго, бегавулзабазги гьабуларо кинабгIаги кумек.
А. Мамедовасулгун гьадинаб гара-чIвариялдаса хадуб, сапар бухьана республикаялъул рахунел унтабазул централде. Рехсараб централъул отделениялъул заведующая Мухлисат ГьитIиновалъ гьадин бицана:
— 10-15 соналъ цебе нижер отделениялда вегун вукIунаан бруцеллезалъ унтарав 200-300 чи. 2010 соналда гьанив вукIана бруцеллезалъ унтарав 151, 2015 соналда — 63, 2016 соналда — 57, 2017 соналда — 72, 2018 соналъул тIоцебесеб лъабго моцIида жаниб-11 унтарав. Бихьулеб буго ахираб щуго соналда жаниб бруцеллезалъ унтаразул къадар саламатго гIодобе ккун букIин.
ДРялъул гочинабун гIи-боцIи гIезабулеб зонаялда боцIухъабазе медицинаялъулаб хъулухъ гьабиялъул рахъалъ бетIерав тохтурасул заместитель МухIамад ГIалиевасухъеги щвана ниж ва гьесдаги цIехана бруцеллезалъул рахъалъ щиб хIал бугебилан.
— Гьаб зонаялда гIумру гьабун вуго 77500 чи. Гьаниб бруцеллезалъ унтун вуго 108 чи, гьездаго гьоркьоб 18 лъимерги. Бищунго цIикIкIун унтарал руго: Хунзахъ районалъул гъутабазда — 35 чи, Лак районалъул гъутабазда — 33 ва Гъуниб районалъул гъутабазда — 10 чи. АхIи-хIур базе ккараб хIалалда унтаразул къадар цIикIкIун бугин абиларо. Амма бруцеллезалда данде къеркьеялъе чара гьечIого хIажат буго медицинаялъул ва ветеринариял хIалтIухъабазул цадахъаб хIалтIи.
ДРялъул СахлъицIуниялъул министерствоялъул графикалда рекъон, ихдал ва хаслихъе райбольницабаздаса хъутабазде рачIунел рахунел унтабазул тохтурзабаз цIех-рех гьабула гIадамазде бруцеллез бахун бугищали. Батани, унтарал больницаялде ритIула.
Нури Нуриев