Хунзахъ районалъул ГIоротIа росулъа ГIиса Жамалудинов гIемерал соназ хIалтIана машинаби къачIалеб заводалда токарьлъун. ГьабсагIаталда гьев хIалтIулев вуго машинабазе хъулухъ гьабулеб станциялда. Гьениб ккана нижер гьесулгун гара- чIвариги.
— ГIиса, мун вугоха гильзаби ва блокал къачIалев чи.
— Машинаялъ нах бухIизе лъугьараб, моторалъул блок жагъаллъараб заманалда, дица цогидал роцабазул гильзабазда рекъезабун къачIала, цIи гьабула гьеб. Гьелдаса хадуб холенговальнияб станокалда тIад цIвакизабула.
— ЦIидасан къачIачIого цIияб босун лъезе бигьа гьечIищ гьеб?
— Цебе гьедин гьабулаан, бокьараб алатги, хисизе ресги букIана. Советиял (Россиялъул) машинабазе лъикIаб къайи жеги буго, заказ гьабуни, иномаркабазул бокьараб тайпаялъеги гьеб щола. Амма цIакъго хира чIола. Гьединлъидал къачIайго лъикIаб буго.
— Аслияб куцалда кинал машинабигун гIадамал духъе рачIунел?
— Машинаби гIемерлъулел рукIиналъги батила, тIадеялдаса тIаде цIикIкIунеб буго нижер хIалтIул тIалаб. Мисалалъе, гьабсагIаталда МахIачхъалаялда буго нижецаго гIадинаб хIалтIи гьабулеб анлъго-анкьго бакI, Хасавюрталда — кIиго-лъабго. Машинаби рачIуна бокьараб тайпаялъул, ай нилъералгоги иномаркабиги. Мисалалъе немцазул машинаби, гьел гучалги, хириялги, къуваталги руго. Амма гьезул моторал руго тохал, блокалги гильзабиги руго алюминиялъул.
Нижехъе рачIунел гIадамазда гьоркьосаги бечедалгIан рукIуна барахщарал. ГIадатиял машинабазда ругезулгун хабарги данде ккола, гьез абураб багьаги кьола, баркалаги загьир гьабула.
— Дур буго 67 сон. Бихьулеб буго гIолохъабазе гIемер бокьулеб гьечIеблъи гьеб хIалтIи.
Дуда тезе ракIалда бугищ?
— ГIолохъанаб гIелалъе бокьулеб гьечIо дагьабниги захIмат бихьулеб «чIегIераб хIалтIи». Нижер хIалтIулъ, хIакъаб жо, камуларо махIги, хIурги, цогидаб чороклъиги. БукIани щиб, хIалтIи лъугIун оре иналъул щибго къварилъи гьечIелъул. Гьанже дидаго бихьулеб буго гIолохъанаб мехалъ гIадин хIалтIи гьабун бажарулеб гьечIолъи, ригьалъ бицунеб буго дагьаб бигьа гьабизе ккун букIин гьеб. Гьаб хIалтIуде ругьун гьавизелъун дица гьаниве вачун вуго дирго дурцги, гьевги ругьун гьавун, дагь-дагьккун телин ккола хIалтIи.
— Гьаниве вачIиналде гIемерал соназ хIалтIун вуго мун токарьлъун. Токарасул хIалтIул хаслъи кинаб бугеб?
Къокъго абуни, гьев ккола махх буцIулев чи. БачIараб маххул бутIаялъул, тIаса босун тIерен гьабун, хъурун гьес къватIибе кьола чертежалда рекъон хIадурараб алат. Гьеб буго щибго хIинкъи, бакIлъи, захIмалъи гьечIеб хIалтIи. ГIемер батIи-батIияб хIалтIи гьабизе ккун, гьеб рахъалъ лъикIаб махщел щвана дие заводалда хIалтIулеб мехалда.
— Дур пикруялда, кинаб къагIида лъикIаб бугеб, ай чIезабураб харжалда рекъон хIалтIи гьабулеб букIараб доб заманалъул къагIидайищ яги гьабуралда рекъон гIарац щолеб гьаб заманалъул къагIидайищ?
— ГIемер кIудияб гьечIониги, доб мехалда харж кьолаан заманалда. КIиабизе, сундулго багьаби рукIана гIодорегIанал. Лъабабизе, анкьида жаниб кIиго гIодобкъоги букIана. ГьабсагIатги дицаго дие гIодоркъоял гьаризе лъицаниги гьукъун гьечIо, амма лъицаха дие гьел къояз гIарац кьелеб? Ункъабизе, метерисеб къоялъул ургъел гьабизе кколароан. Щуабизе, кида кьунги чIобого кьолаан квартира. Гьединлъидал дие гIемерго цIикIкIун бокьилаан цебесеб заман.
— Дур хIалтIул гIаммаб стаж кколеб буго 45 сон. Гьеб заманалда жаниб гIемераб бечелъи данде гьабизе кIванищ?
— ХIисаб гьабидал, щолеб жо гIезегIан букIаниги, гъурущ нахъе лъезе ресго ккечIо. Дун бечелъичIо, амма киданиги вакъунги хутIичIо.
— Амма дур бугоха цогидаб бечелъи — анлъго яс…
— Васаздаса ясал гIемерго лъикIал руго. Дида бичIчIана цо жо — эбел- инсуда хадуб ясазул гIадинаб бербалагьи васазул киданиги букIунареблъи. ГIарцухъ щолеб ва кинаб бугониги бечелъиялда бащалъулеб жо гьеб гуро.
ГIабаш ГIАБАШИЛОВ