18 январалда улкаялда байбихьана коронавирусалда данде вакцина гьабизе. Гьале моцIгIанасеб заман ана гьеб тадбир нилъер республикаялдаги тIобитIулеб бугелдаса. ГьабсагIаталда ковидалде данде прививка гьабун буго 5000-гIан чияс. Гьабизе бокьарал гIадамазул къадарги къо бахъанагIан цIикIкIунеб бугин бицана журналистазе, 16 февралалда «Дагестанская правда» газеталъул редакциялда тIобитIараб пресс-конференциялда Елена Арбулиевалъ. Гьей ккола ДРялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялъул бетIерай инфекционист. Вакцина гьабизе республикаялда рагьун буго 56 пункт. Е. Арбулиевалъ бицана прививкаби гьаризе гIураб къадаралда препаратал ругин. Вакцина гьабизе рачIунел гIадамалги гIемерлъун гурони дагьлъулел гьечIин.
— Аслияб къагIидаялда вакцина гьабизе бокьаразда гьоркьор бищун гIемер руго цIикIкIараб ригьалъул гIадамал. Вакцина гьабилалде цебе цин гьезул цIа-канги борцуна анализазул халги гьабула. Цебе ковидалъ унтун вукIун антителаби ратарал чагIазе гьебги гьабуларо. Гьединго чакрил диабет, онкология ва гьезда релълъарал захIматал унтаби ругел гIадамазеги гьеб гьабизе гьечIо, — ян бицана Е. Арбулиевалъ.
Коронавирусалъул хIакъалъулъ гIадин гIемер информациялъул алатаз сундулго бицун батиларо. Кинаб бокьаниги баян батизе бегьула социалиял гьиназдаги. Гьединлъидал, жинца тIаде жубазе я тIаса бахъизе жо гьениб гьечIин абуна гьелъ.
Вакцинаялда хурхун гIадамаз гIемер батIи-батIияб хабар бицунеб буго. Гьедин бугеб мехалда нужер чIванкъотIараб пикру гIадамазда рагIизабуни лъикIаб букIинарищин абураб суалги кьуна гьениб министерствоялъул бетIерай инфекционисталъе. ГIадамазул пикраби рикьун ратани, гьеб лъикI бугин, щайгурелъул бахIсалъул ахиралдалъидал хIакъикъат батизе бигьаяб букIунебин абуна гьелъ. ПалхIасил, коронаялъ унтизегIан вакцина гьабиго тIаса бищизе бугин гIакълу бугев чиясин лъугIизабуна гьелъ жиндирго пикру.
Журналистаз гьединго гьикъана вакцина гьаби тIадаб борч гIадин хIалицаго гьабизабулеб тадбир бугищиланги. ГьечIин, гьеб бугин щивав чияс жиндего бокьун гьабулеб ишилан бичIчIизабуна гьелъ журналистазда.
Гьединго пресс-конференциялда рукIараз гьикъана, нагагь вакцина гьабизе разилъичIев чиясе хадубккун республика бахун къватIиве сапаралъ ине квалквал букIине бугищиланги. ГьабсагIат гьеб суалалда хурхун жинда лъалеб чIванкъотIараб баян гьечIин, хадубккунги гьеб суал жидеца гьоркьоб лъезе бугин жаваб кьуна Елена Арбулиевалъ.
Республикаялда гьабсагIат гIадамазда гьабулеб буго лъабго батIияб вакцина. Гьезул бищун лъикIаб кинаб бугебин гьикъидал, Арбулиевалъ абуна, кинабго бараб буго живго чиясдаги гьесул чорхол гIуцIиялдаги. Щибалъул вирусалде данде къеркьон бажарулеб даражаялъул, жиндирго хасаб къагIидаги гьунарги бугин абураб магIна бичIчIана гьелъул жавабалдаса. Гьединлъидал бокьараб вакцина тIаса бищизе ихтияр буго.
Ашахан ЮСУПОВ