Бабаюрт районалъул ракьалда бугеб Болъихъ районалъул ГIалахъ росдал хъутаналда гьал къоязда рагьана жакъасел тIалабазда данде кколеб кIудияб школа.
1964 соналда гьениб рагьун букIана байбихьул школа. 1977 соналда хIарщул кирпичалъул бакIги тIаде бан, гьелъул лъугьинабуна микьгосонилаб школа.
ДРялъул хIукуматалъул официалияб сайталда хъвавухъе, тIадеялдаса тIаде гIадамалги гIемерлъун (800 чи), хъутаналъе кIудияб школа хIажалъун буго.
Гьедин 2014 соналда гьениб нусго лъимералъе бакI бугеб школа базе кьучI лъун букIана. Гьелъул проекталъул гIаммаб багьа ккола 86 млн гъурущ.