ЦIияб соналда цересел къоязда редакциялде гьоболлъухъ вачIун вукIана Ихаку ХIайдарбегов.
Гугарухъан хIисабалда советияб заманалда цIар рагIарав гьесие рес ккечIо Олимпиялъул хIаязул чемпионлъун вахъине (гьелъие гIезегIан ресалги бажариги букIаниги).
Спортсменасул къисмат батIайиса ккана. Гьес хIалбихьана тренерлъиялъулги, бизнесалъулги, жамгIияб хIалтIулги.
1985 cоналдаса нахъе Ихаку ХIайдарбегов Москваялда гIумру гьабун вуго. Гьелде щвезегIан гьев Германиялда, нилъер солдатал гугаризе ругьун гьарулев вукIана.
1986 соналда гьев Москваялде спортивияб клубалде тIад вуссана. ХIалтIана Суворовасул рагъулаб училищеялда.
1990-абилел соназда «ВатIан» абураб фирмаги гIуцIун, коммерциялдеги жуван вукIана Ихаку. Амма чанго соналдасан тренерлъиялдего тIадги вуссана. Россиялъул гIолохъанал гугарухъабазул тIаса бищараб командаялъул тренерлъун вукIана гьев.
Гьанже И. ХIайдарбеговасе бокьун буго Москваялда гIумру гьабулел дагъистаниязе кумекалъе ва зама-заманалдасан гьел дандчIвазе квербакъулеб культурияб центр гIуцIизе.
Гьединаб центр гьанжеги буго. Амма гьелъул хIалтIи цIи гьабизе къваригIун буго Ихакуе.
Москваялъул дагъистаниязе
кумекалъе
— Гьанжеялдаса анцIгогIан соналъ цебе Москваялда бугеб Дагъистаналъул культурияб централъул хIакъалъулъ гIемер рагIулаан бицунеб. Гьенир тIоритIулаан гIалимзабазулгун, политиказулгун дандчIваял, кумек гьабулаан Москваялда цIалулел студентазе яги къварилъиялде ккарал ракьцоязе.
Масала, ракIалда буго Москваялда гIагарлъухъ ракьги босун, гьениб гостиница, мажгит, школа базе, гьеб централда ГIабдулманап НурмухIамадовасул цIарги лъезе. БатIи-батIиял идарабазде кагътал хъван, хитIабал гьарун, гьеб рахъалъ хIалтIи байбихьун бугин абизе бегьула.
Масала, кватIичIого къотIи гьабизе буго М. Горькиясул цIаралда бугеб Москваялъул театралъул (МХАТ) художествияв нухмалъулев Эдуард Бояковасулгун. Жиндир лъимерлъи, гIолохъанлъи Гъизилюрталда иналъ сундалъун бугониги Дагъистаналъе пайда гьабизе бокьун бугин вукIуна гьев.
Гьедин бокьараб мехалда выставкаби тIоритIиялдалъун Дагъистаналъул культура, спорт, жамгIияб гIумру, экономикаялъул, туризмалъул яги гIелмиял ресалгун цогидаб бихьизабизе квадратияб кIинусго метр бугеб сверухълъи кьолеб буго Бояковас МХАТалда жаниб. Гьединаб машгьураб бакIалде бакIарулеб халкъалда цебе реклама гьабуни, кигIан кIудияб къадру республикаялъулги букIинеб.
Цо-цоязда ракIалде ккезе бегьула гьанже вахъун гьаб бетIер унти тIаде босизе щай абун. Дицаги гьабичIони, цогидазги рехун тани, лъида божун нилъер миллатцоял, ракьцоял хутIизе ругел? ГIемер рачIуна Москваялде 18-20 сон барал гIолохъаби. Я рикъзи кьезе, я гIакълу гьикъизе чиги гьечIого, гьабизе жо лъаларого чара хун рукIуна гьел. Цинги хъулухъ гьечIеб пишаялда гьоркьовеги ккун, гIадада хвезеги рес буго гIолохъанчиясул гIумру. Культурияб централъ абуни цониги жо ургъизе бегьула гьезие кумекалъе. Масала, цо чияс моцIица гьабулеб хIалтIи цохIо звонокалдалъун (лъай-хъваяздалъун) гьабулел гIадамалги рукIуна (депутатал, бизнесменал, политикал, артистал). Гьеле гьездасаги босизе бегьиларищ пайда?
Гьединго къварилъиялде ккарав щивав чиясе гIарац кьезе хIал кIоларелъул, гьелъие гIоло фонд гIуцIизеги хIалбихьизе бегьула.
Жакъа къоялда щунусазарго чи вугин абула Москваялда дагъистаниязул. Аслияб куцалда даран-базаралдагун хъаравуллъиялда ва транспорталда хIалтIулел руго гьел, — ан бицана И. ХIайдарбеговас.
Гугариялде нух
ЦIумада районалъул Инхокъвариса ХIайдарбегилги Гьадигатилги анкьго лъимералъул цояв ккола Ихаку. Гьев гьавуна Ведено росулъ, дагъистаниял Чачаналде гочинарураб заманалда.
ХIайдарбеговазул хъизан гьениса нахъ буссана 1955 соналда. Гьел, магIарухъеги инчIого, Хасавюрт районалъул Октябрьское росулъ чIана.
Ихакуца тIоцевесев тренерлъун кIудияв вац МухIамад рикIкIуна. Гьес ругьун гьавурав, тIадежоялъе гугариялде хIатталдаса ун кIудияб рокьи бугев Ихакуца данде вазе толев вукIун гьечIо щивго.
Гьедин, тIадеялдаса тIаде камиллъулеб букIана Ихакул махщел. Хасго МахIачхъалаялде, техникумалде цIализе вачIиндалги цIубана гьеб. ГIали ГIалиевасул школалдеги ккана гьев.
Дагъистаналда спортсменал цIикIкIун рукIиналъе гIилла гьадин бичIчIулеб буго Ихакуда:
«Гьадинаб берцинал, квербиччарал, ракI бацIцIадал гIадамазулги гьайбатал мугIрузулги ракь Дагъистан букIинчIебани, гьалгощинал чемпионал рахъунароан. Гьелдаго цадахъ икъбалалда бараб жоги гIемер букIуна.
Кутакалда философия гъорлъ бугеб тайпа ккола гугари. ХIисаб- гIелмуги — гьелъулъ, философиягун физикаги — гьелъулъ. ХIатта, жиндие бокьараб жо гьабизабизе дандияв тIамизецин бажарула гугарухъанасухъа.
ГIемерисел спортсменал байбихьуда гугарухъаби рукIуна. ГIицIго хадур уна цогидал тайпабазде».
ХIабиб
Гьанже, гугариго гIадин, спорталъул цогидал тайпаби UFCялъул хIаяз дагьалъ нахъе цун рукIиналъеги мукIурлъана ХIайдарбегов.
— Амма цо шоу гIадаб жоги бугоха гьеб. БукIаниги, жакъа нилъер спортсменазул къимат гьабулеб буго дунялалъго. Гьезул рахъккун, гьездаса рохулел гIадамал Дагъистаналдасаги цIакъ гIемер ратула цогидал улкабазда. Хасго ХIабибидаса.
Гьесдаса интеллигентлъи чорхолъ бугев цоги спортсмен дида лъаларо. Бокьараб даражаялда кIалъазеги лъала гьесда. Тарбиялъул рахъалъги тIад кIалъазе бакI гьечIо, — ян бицана гьес.