ЦIияб соналда цебе нижеца гара-чIвари гьабуна республикаялъул политикиябги жамгIиябги гIумруялъулъ жигараб гIахьаллъи гьабурал, гьединго Дагъистан бахун къватIир ругел цо-цо миллатцоязулгун.
Кинаблъун нужеда ракIалда чIараб 2020 сон абураб суалалда тIасан ккана нижер хабарги.
Хизри Абакаров, ДРялъул Пачалихъияв секретарь:
— Нилъее киназего 2020 сон кутакалда захIматаб, хIалуцараб букIана. Гьелдалъун нилъ ругьунлъана нилъго бетIергьанаб щибаб жоялъул къимат гьабизе — сахлъи батаниги, заман батаниги.
Амма къварилъиялъ цолъизаруна, къвакIизаруна нилъ. Гьелдаго цадахъ пандемиялъ тIатинаруна лъикIаздаса лъикIаб гIамалалъул нилъер ракьцоял. Мисалалъе росилин волонтерал. Къо ккедал, больницабаздаги хIалтIана гьел, мискин-пакъирал, язихъал херазухъе, унта-щокъазухъе, лъимал гIемерал хъизамазухъе рокъо-рокъореги хьвадана гьел.
БатIаго баркала кьезе бокьун буго рухIалда барахщичIого хIалтIарал медицинаялъул хIалтIухъабазе.
Гьединго рехсечIого кин телел кигIан захIматаб заманалдаги гIаданлъи чорхолъа тIагIинчIел, сахаватал, рахIмуял ракIазул нилъерго гIадатиял гIадамалги.
ЦIияб соналда Аллагьас рекъелги, парахалъиги, сабруги, сахлъиги кьеги щивасе. Хадубккунги нилъее бищун хIажатаблъун букIине ккола цоцаздехун бугеб божилъиги, рокьиги, цоцазул тIалаб гьабиги.
ГIалибег ГIалиев, ришватчилъиялде данде къеркьеялъул рахъалъ ДРялъул бетIерасда цебе гIуцIараб управлениялъул нухмалъулесул заместитель:
— 2020 соналда дунялалдаго хIинкъи ккезабуна щибаб рокъобе гIадин бачIараб макруяб вирусалъ. Хабар-кIалалъе тIаде-гъоркье, бертабалъе зигараялъ ун, цоцазул кверал росизе бегьулареб бакIалде ккезаруна гьелъ нилъ.
Унтана ва нилъедаса ратIалъана гIемерал чагIи. Гьанжеялдаса хадубги щиб ккелебали лъаларо. Аллагьас цIунаги.
Амма щибаб жоялъул рукIунел ратила квешалги лъикIалги рахъал. Гьединлъидал гьеб вирусалъ цоги нухалда бихьизабуна нилъер халкъалъул рухIияб рахъ – балагь тIаде бачIиндал, гIадамал цоцазе хIалае рахъунеб куц. БитIараб бицани, хъулухъчагIазда, хIакимзабазда дандеккун, доб мехалда гьеб унтуда данде къеркьезе гIадатиял гIадамаз гьабураб хIалтIи цIикIкIараб букIана. Щайин абуни, вирус тIибитIунгутIиялъе хIукуматалъул рахъалдасан гьабулеб хIалтIи унго- унголъунги рагIа-ракьанде щвараб букIинчIо. Масала, рокъо-рокъоре щун, унта-щокъал чагIазул хал гьабиялде, жеги гьеб гIузру тIаде щвечIел чагIазе малъа-хъваял гьарун, гьел кантIизариялде кIвар кьечIолъиялъул ва цогидалъул бицунеб буго дица.
Пачалихъалъул гIарцуда лалги тIамун, цIогьодизе бокьулел ва цIогьодизе лъалел цо-цо хIакимзабаздасаги цIикIкIун кумек щвана республикаялдаги, Москваялдаги, цогидал шагьараздаги ругел ракьцоязул.
Гьелъие бищунго лъикIаб мисаллъун бачине бегьула Шангъодаса МГУялъул профессор МухIамад МухIамадовас гьабураб чIаголъи. Тохтурлъун хIалтIулаго гIумру арай эбелалъул гьариялда рекъон, улкаялдасаго тохтурзаби къабул гьаруна гьес живго бетIергьанаб «Къункъраби» комплексалда.
МухIамадил тIолабго хъизан, гIага-божарал рахъун чIун рукIана гьеб акция ахиралде щвезегIан. ХIукуматалъул рахъалдаса дунги вукIана гьениве вакил гьавун. Гьединлъидал дида бихьана гьениб букIараб жо. Кинабго квен-тIехги дару-сабабги чIобого чIезабун, лъимал гIадин хьихьанин абизе бегьула МухIамадил комплексалде рачIанщинал. Россиялъул киналго регионаздаса медикал рукIана гьенир.
Гьениса нахъе унелъул, рохалил магIил цIун рукIунаан гьезул берал. Амма дица рагьун абулеб буго – хIукуматалда бичIчIичIеб акция ккана гьеб.
Дир кIудияб хьул буго республикаялъул цIияб хIукуматалъ гьединал гъалатIал такрар гьариларин абураб.
Республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовасги, хIукуматалъул председатель ГIабдулпатахI ГIамирхановасги, пачалихъияв секретарь Хизри Абакаровасги байбихьарал халкъалъе пайдаял ишал нилъеда рихьулел руго. Мунагьал чураял вацал Набилгун ХIасанхIусенил эбел-эмен, МуртазагIалигун ПатIимат, къабул гьаригицин гIеларищ. Зама-заманалдасан МуртазагIали вихьулев вукIиндал дида аслияб майданалде вахъун.
Гьединго С. Меликов щвана сакъатал, гIажизал лъимал хьихьараб «Забота» интернаталдеги. Гьебги гIеларищ гьесул гIаданлъи бихьизабиялъул мисал рехсеялъе?
Цересел нухмалъулезул яги хъулухъчагIазул щал гьел лъималазухъе арал? Гьелъул гIаксалда, гьезул цо- цояз жидерго дачабазда хIалтIизе тIамулел ратун, дица ахIи-хIур бахъинабун букIана «Заботаялда» сверухъ. Федералияб телеканалалдасанги бицана гьелъул хIакъалъулъ. Амма дида тIасан мацIал гьаризе ДРялъул бетIерасухъе хьвадулел рукIун руго цо-цо чиновникал. Жакъаги руго гьел Меликовасда сверухъ.
Нилъее хIажат буго бацIцIадаб хIукумат. Гьедин бугони, тIалъиялде халкъалъул божилъиги цIикIкIуна.
ЛъикIаб хъван батаги! Хваразул мунагьалги чураги, нахъе ругезе парахатаб гIумруги кьеги!
Хатимат Мирзоева, МахIачхъалаялъул 8—абилеб лицеялъул авар мацIалъул мугIалим:
— Исана киназего гIадатияблъун букIинчIо гьаб сон. Дунялалдаго тIибитIараб коронавирусалъ халкъалъулго гIумруялъулъ гIемерал хиса-басиял ккезарун, хIалтIулъ, рукIа-рахъиналъулъ, ай сундулъго жиндирго лъалкI тана гьелъ.
Бигьаяб букIинчIо исанасеб сон нижее, мугIалимзабазеги. Школаги мугIалимзабиги гьелде хIадурго рукIинчIолъиялъги батила, захIматго букIана онлайн-низамалда лъималазе дарсал кьезе. Эбел-инсуеги букIана гьелъул гIураб захIмалъи. Хасго нилъер республикаялда, кIиго-лъабго лъимал гьечIеб хъизан къанагIат гурони гьечIеб мехалда, бигьаго букIинчIо дистанциялъулаб къагIидаялъ лъималазе дарсал кьезе.
Гьединлъидал абила бищунго мугIалимзабазе захIматаблъун букIанин исанасеб сонилан. Щиб гьабилеб, нилъеда бихьизе хъвараб чияда бихьуларелъул, нилъ кантIизе, аралъулги букIинеселъулги пикру гьабизе ругьунлъилародайин, Аллагьас бихьизабураб жо батила нилъеда гьаб.
Къварилъиялдаса хадуб гIатIилъи камуларилан аби буго умумузул. Кидаго пашманлъиги рекIелъ ккун рукIинчIого, чIаго рукIиналде БетIергьанасе щукруги гьабун, дандчIвай гьабизе ккела киназго ЦIияб соналда.
Балагьал гъорлъа камураб, рахIматгун нилъер щивасул рокъобе рещтIунеб батаги. ГIадамазул рекIелъа ургъелалги чорхолъа унтабиги лъугIаги.
Баракатаб, рохалилаб батаги цIияб 2021 сон.
Ума ХIайбулаева, «Lezginka Dance Fazu» абураб, нилъер маданият машгьур гьабулеб ассоциация Парижалда гIуцIарай, ТIиндиса магIарулай:
— Исана коронавирусалъ тIуран кIичIикье рачана киналго. Сон- церекъад вачIарав тохтур вукIана бицунев, Франциялда, гIадамазул 25 проценталъул депрессия бугилан. ГIемер рокъор чIеялъ цоцада рихун, гIезегIан руго ратIалъарал рос- лъадицин.
Нижги руго кирениги рахъине ресги гьечIого. Репетициял гьаризецин бажаруларо. Жидее кьурдизе бокьун бугилан зигардулел лъималги руго. Гьаниб, Франциялда, цIакъ кьварарал тIалабал руго гьеб рахъалъ. Маскаби ххечIого къватIире рахъани, кIудиял гIакIабиги къотIула.
Умумузул кьурдаби рихьизаризелъун Европаялъул улкабазда тIоритIулел фестивалаздаги концертаздаги гIахьаллъулел рукIарал нижер лъималги дунги рокъор чIезаризе коронавирусалда гурони кIвечIо.
Хасго гьаниб, Европаялда, лезгинка кьурдул гьабулеб къимат бихьидалги цIакъго бокьула батIи-батIиял тадбиразда цере рахъине. Цогидаб мехалда залалда хъуй яги чIамучIлъи букIуна. Нижер лъимал цере рахъунелъул, боржунеб тIотIолцин сас рагIуларо.
Европаялда ругел магIарулазул лъималазда авар мацI малъизе онлайн-дарсалги гIуцIун руго нижеца.
Карантиналъул бицунаго, гьелъул цо лъикIаб рахъги рехсезе ккола. Ниж кидаго хIалтIуда, лъимал цIалуда рукIун, рагIа-ракьанде щун как балеб куц малъизе бажарулеб букIинчIо. ТалихIалъ, гьанже батана гьелъие заман. Ниж ругеб минаялъул тIоцебесеб тIалаялда гIумру гьабулей ятана мажгиталда хIалтIулей гIадан. Гьеле гьей сабаблъун лъималазда как базеги Къуръан цIализеги лъана. Гьелдаса рохун нижги руго.
Зайнаб ГIалиева, ЦIумада районалъул Гъоркь—Гьаквари росулъа филологиял гIелмабазул кандидат, мацIалъул, адабияталъул ва искусствабазул институталъул бетIерай гIелмияй хIалтIухъан:
— Дун ккола чIамалай, дир аслияб хIалтIи ккола хъвай-хъвагIай гьечIел мацIазул гIелмиял цIех-рехал гьари. КъватIибе бачIана «Словообразование в чамалинском языке» абулеб тIехьги. БачIунеб соналъ къватIибе бачIине буго чIамалазул мацIалъул фразеологияб словарь. Гьединго басмаялда бахъизе хIадурун руго «Описательный очерк грамматики чамалинского языка» абулеб тIехь, институталъул гIелмияб советалъ гьелъие лъикIаб къиматги кьуна.
«Дагъистаналъул хъвай-хъвагIай гьечIел ва тIагIун унел ругел мацIал» абураб гIелмияб докладгун цее яхъана Турциялъул Ардахан шагьаралда тIобитIараб Халкъазда гьоркьосеб гIелмияб конференциялда. Жигараб гIахьаллъи гьабуна гьединалго темабазда тIасан Гуржиялда ва Северияб Кавказалъул республикабазда тIоритIарал гIелмиял конференциязда. Дица кIвараб жигар бахъулеб буго дирго гIагараб чIамалазул мацI цIунизе.
РакIалда буго бачIунеб соналъ «ЧIамалазул мацIалъул лексика» абураб темаялда тIасан докторлъиялъулаб диссертация цIунизе.
Дагьабго хьул буго, бачIунеб соналъгIаги, тIадчагIаз гIадатиял гIадамазе лъикIлъи гьабилин, хIакимзаби халкъалъул къварилъиялде кваранаб бералдалъун балагьилин абураб.
Ракьалда лъикIлъи бекьизе тавпикъ кьеги киналго магIарулазе.
Ислам Нургьудаев, Буйнакск шагьаралъул мэр:
— Исана сон батIаго квешаб букIинчIо. ГIемер хIалтIиги гьабуна шагьаралда. Цебе гIадаб ахIи-хIурги гьаниб гьечIо. Аллагьасе рецц, шагьаралда парахатаб хIал буго.
Цоцаздехун разилъи гьечIолъи букIарал гIадамалги ракIарун, гIолел- гIоларел рахъалги дандран, бицана, бичIчIизабуна, маслихIат гьабуна.
Гьанже ниж киналго шагьаралъе, гIадамазе гIоло хIалтIулел руго.
Гьекъолеб лъел рахъалъ букIана масъала. Гьебги тIубалеб буго. КIиго миллиардалде гIагарун гъурщил багьаяб проекталъулабгун сметаялъул документация гьабуна. Гьелда рекъон, ЧIикIаб хIорихъа Буйнакскиялде лъезе буго лъел рогIоро.
ДАССРалъе автономия кьуралдаса нусго сон тIубаялъул байрамалдеги хIадурлъулел руго ниж. Гьелда хурхун 19 январалда Буйнакскиялда тIобитIизе буго кIудияб тадбир.
Апсалудин АхIмадов, Томскиялда ругел ЦIоралъул магIарулазул диаспораялъул нухмалъулев:
— Къисматалъ Азербайжаналъул ракьалда гIумру гьабурал чагIи ругониги, нижер ракIал Дагъистангун рукIуна. Гьединлъидал дицаги дир гьалмагъзабазги ратIа гьаруларо ЦIоралъулги Дагъистаналъулги магIарулал – би цо, бо цо бугелъул.
Нижер гIуцIиялъ гъорлъе рачуна 50 шагьаралда гIумру гьабун ругел магIарулал.
Закаталаялда, Белоканалда гIумру гьабун вуго 150 азаргоялдасаги цIикIкIун миллатцояв.
Гьезул гIемерисел рикь-рикьун руго Бакуялда, Россиялъул регионазда. Гьезда гъорлъ дагь гьечIо кумек хIажатал гIадамал. Гьедин, зама-заманалдасан нижеца бакIарула гьезул хIажалъаби тIуразе гIарац.
МугIрузул Гъарабагъалда шагьидлъана гIезегIан нилъер (магIарул) солдаталги. ГьанжегIагар нижеца кумек хIисабалда нусазаргогIанасеб гъурущ битIана гьеб рагъда васал чIвараб 18 хъизамалъе. Лъукъарал солдатазеги гьабуна кIвараб кумек.
Исана бищунго хIалуцараб моцIлъун декабрь букIана. Масала, 27 декабралда щуго тадбир тIобитIана — футболалъул къецал, лъималазул рукъалъе садакъа кьей, миллиял кьурдабазул, кучIдузул церерахъинал. ЛъагIалида жанир тIоритIана мавлидал, чотIахъабазул тадбирал, эбелалъул къо, садакъаби кьола бесдал хутIарал яги эбел-инсуца рехун тарал лъималазул рукъзабазе, ясли-ахазе.
Нижерго диаспораялъ гурелги, Томскиялда ругел цогидал жамгIиял гIуцIабаз гьарулел тадбиразулъги гIахьаллъула ниж.
ПалхIасил, нижеца киналго тадбирал гьарула Дагъистаналъул байрахъалда гъоркь, кинабго бухьинабула умумузул маданияталда, рукIа-рахъиналда.
Амма анцIгогIан соналда жаниб Дагъистаналъул хIукуматалда нижергун хурхен гьабулев, нижер диаспораялде кIвар кьолев чи вахъинчIо. Гьелда бан цо-цо разилъи гьечIолъи загьир гьабулел чагIиги рукIуна.
Кин букIаниги, хIалтIи гьабичIого толаро. Хьул буго цIияб хIукуматалъ нижергун бухьен гьабилилан абурабги.
Камал Салманов, агротуризмалъул рахъалъ эксперт, блогер:
— ГIезегIан чагIазе экономикиялги, гIага-божаразул рахъалъги кIудиял камиял ккана 2020 соналда. Амма, Аллагьасул талихIалъ, нижер хъизан гьелдаса цIунун хутIана.
Карантин букIиналъ, июналде щвезегIан нилъехъе туристал рачIунел рукIинчIо. Амма гьелдаса хадуб байбихьана туристазул сезон. Гьелъ нижее бецIана, чIун хутIиялдалъун ккараб, дагьа-макъабго заралги.
Цересел соназда къватIисел улкабаздасаги рукIунаан туристал. Амма исана сон гьадинаб бачIиндал, саламатаб квалквал ккана. Гьанже, ай цIияб соналъул 1 январалдаса нахъе 54 улкаялъул гражданинасе рес буго нилъехъе онлайн-визаялдалъунги рачIине.
Республикаялъул даражаялда босани, дие кутакалда асар гьабуна Сергей Меликовас МуртазагIали ХIасанхIусенов тIаде къабул гьавиялъ.
Коронавирусалда данде къеркьолел медицинаялъул хIалтIухъаби камиги захIмалъана. Нилъер гIадаб гьитIинаб республикаялъе гIезегIан кIудияб балагь буго гьеб.
Руслан ХIамзатов, Болъихъ районалъул нухмалъулев:
— Дида гьаб лъагIел ракIалда чIана чIахIиял хиса-басиязулги хIалбихьиязулги сон хIисабалда.
Кутакалда асар гьабуна бищунго захIматаб заманалда цолъизе, кумекалъе рахъине нилъер гIадамазул бугеб гIамалалъ. Масала, коронавирусалъ загьирлъизабуна гьезулъ гьеб хасият. Дунялалда киса-кибго гIадин, нижер районалдаги гIунгутIи букIана дарабазулги медицинаялъул къайи-цIаялъулги рахъалъ.
Гьеб вирусалъ нижер гIезегIан чи унтана ва хвана.
Гьеб мехалда дица ракьцоязде хитIаб гьабуна захIматаб ахIвал- хIал бугилан. КIалдиса ккун бахъиналдего, анлъго миллионалде гIагарун гъурущ бакIарана районалда ва гьеб бахун къватIир гIумру гьабулел районцояз. Гьеб харж гьабуна рокъо-рокъор регарал унтарал сах гьариялъе. Гьелде тIадеги, жеги чанго тонна кванил нигIматазулги бакIарана.
Кумек гьабизе къваригIарал чагIи гIемер кIалъан, дир телефон чIараб заман букIинчIо доб мехалда.
Кутакалда лъикIаб гIамал буго дагъистаниязул гьеб – цоцалъ гъунки, чияр къварилъи жидерабголъун къабул гьаби.
Гьелдаго цадахъ абила, районалъул бетIерасул хъулухъалде дун тIамилин абураб пикру ракIалде ккунцин букIинчIо. Чанги ратила дидасаги гIезегIан бажари бугел чагIи… Ригьалъ гIолохъанав вукIаниги, бихьулеб буго дидехун гIадамазул божилъиги хьулалги рукIин. Гьединлъидал, районалъул бетIер хIисабалда, гьезул рукIа-рахъин, гIумру киндай лъикIлъизабилебин абурал пикрабазда вукIуна дун. ХIисаб гьабуни, гIезегIан кIудияб гьирги ккола гьеб.
Цо-цояз абула, районалъул бетIерлъуде мун гIезегIан захIматаб заманалда кканилан. Дир хIисабалда, гьедин кутакалда лъикI ккана. Дирги цогидазулги хIалбихьулеб мехлъун тезе бегьула гьеб. Щайин абуни, унго-унголъунги жиндаса гIадамазде пайда бахине бокьарав чиясе щвараб рес гIадаб жо буго районалъул бетIерасул хъулухъ.
ТалихIалъ, гьанжелъизегIан гIадамаздаса дун нечараб жо ккечIо.
Щивасул жиде-жидер бербалагьи букIуна лъугьа-бахъунелдехун. Гьединлъидал долъул-гьалъул хIисаб гьабичIого, нилъедаго тIадаб хIалтIи гьабизе ккола. Масъалабиги нижер районалда цогидал бакIаздаго гIадал руго, гьабин абун, цо хасаб суал гьечIо.
Дидаго сверухъ кIванагIан гIолохъанал махщелчагIи ракIаризеги ракIалда буго, Аллагьас хъван батани. Кин бугониги, гIолилазул рекIелъ цIа букIуна, хIалтIул къо кидадай лъугIилаян сагIтихъ балагьулеб гIамалги гьезул букIунаро.