Бегана нилъер тарихалъул цоги тIамач. Нуха регIана 2020 сон.
100 сон тIубана Дагъистаналъе автономия лъазабуралдаса.
Росабалъ рана цIиял школал ва лъималазул ахал.
Республикаялда гIемерго дагьлъана рахьдал мацIалги хIажалъуларин, нилъер адабиятгун маданиятги къваригIун гьечIин ахIдолезул гьаркьал.
Лъалаго цIикIкIана Дагъистаналде рачIунел гьалбадерил, туристазул къадарги. Дагъистан ккана Россиялдаго туризм хехго цебетIолеб республикалъун.
Хисана республикаялъул нухмалъулел. Дагъистаналъул хIукуматалъул бетIерлъуде, пачалихъияв секретарасул, цо чанго министерствабазул нухмалъиялде рачIана магIарулазул вакилзаби.
Исана тIоритIана МухIу ГIалиевасул, Муи ХIасановалъул, МухIамад ТIолбоевасул, ПатIимат Нуцаловалъул, Манарша Дибировалъул, ГIумар МуртазгIалиевасул, ГIабдула Дагановасул, МухIамад АхIмадовасул, Ибрагьимхан Камиловасул, ЧIанкIал юбилеял.
Гьединго гIадамазул кумекалдалъун гIезегIанго лъикIаб хIалтIи ккана мугIрузулаб Дагъистаналъе кIвар бугеб Бузнасан нух гьабулеб букIинги.
50 сон тIубана 1970 соналда Дагъистаналда ракьбагъари ккаралдаса. Советиял республикабаз гьабураб кумекалъ, къокъаб заманалда жаниб рукIалиде ккезабизе кIвана. Гьезул кумекалдалъун рарал школаз, гостиницабаз, гIадамал жанир чIолел рукъзабаз жакъаги рохизарулел руго дагъистаниял.
Араб сон нилъер республикаялъе лъикIаб букIана нухал гьариялъул рахъалъги.
ЛъикIаб иш ккана республикаялъул школазе лъимал раччизе араб соналда нусгоялде гIагарун автобус кьейги.
Бергьенлъабигун араб сон нуха регIана республикаялъул спортсменазги. Гьезул сияхIалда тIоцебесеб бакIалда хъвазе бегьила ХIабиб НурмухIамадовасул цIар. Боксалъул, гугариялъул, самбоялъул, дзюдоялъул рахъалъ цере рахъарал дагъистанияз, тIадегIанал хIасилалги рихьизарун, росана меседил, гIарцул ва мазгарул медалал. ЦIакъго гвангъарал мисалал рехсани, дунялалъул кубокалъе гIоло Сербиялда тIоритIарал къецазулъ гIахьаллъи гьабурав ичIго дагъистаниясул микьгояс босана меседил медаль, цояс – гIарцул. Россиялъул кубокалъе гIоло регбиялъул къецазда Дагъистаналъул бихьиназул ва руччабазул кIиябго командаялъ росана тIоцересел бакIал. Канлъул рахъалъ сакъатлъи бугезул мини-футболалъул рахъалъ Россиялъул чемпионаталда нилъер командаялъ ккуна тIоцебесеб бакI.
Гьелдаго цадахъ араб соналъ нилъеде тIаде бачIана коронавирусалъул балагьаб унти, гIумруялдаса ратIалъана гIезегIан чагIи. Медицинаялъул рахъалъ гьеб унтиялде данде мисалияб хIалтIи гIуцIун нилъеразухъа бажаричIо. Амма жинда гIайиб ккарав сахлъи цIуниялъул министр, гьебги бичIчIун, гIарзаги кьун, нахъе ана. ГIайиб ккарав хIаким гьедин хIалтIудаса ин — гьеб буго нилъер республикаялда цIакъ къанагIатаб иш.
Россиялъул цогидал халкъаздаго гIадин, нилъер миллатаздаги хъат бана гурхIел-рахIму гьечIеб мискинлъиялъ – халкъалда гьоркьор цIикIкIана гIумру гьабизе хIажалъулелдаса дагьаб гурони харж бачIунарел хъизамал. Европаялъул улкабазда араб соналда инсанасе щолеб пайда, бечелъи цIикIкIана, нилъер улкаялдайин абуни, экономистазул пикруялда рекъон (щайгурелъул статистикаялъул лъагIалил баянал жеги гьечIелъул), гIадамазе щолеб бечелъи гIодобе ккана 4 проценталъ.
Гьединлъидал дунялалда ругелщинал тIабигIиял бечелъабазул 40 процент жинда жаниб бугеб улкаялда 20 миллионалдаса цIикIкIараб халкъ мискинлъиялда букIиналъул хIужаялъ нилъ тIуранго рохизе толел гьечIо.
Россиялда федералияб бюджеталдаса бищунго гIемер гIарац щвараб 10 субъекталъул сияхIалъул тIоцебесеб бакIалда буго Дагъистан. Араб соналда нилъер республикаялъе кьун буго 72,892 млрд. гъурущ гIарац.
Гьедин бугониги, нилъер ракIазулъ буго щулияб таваккал, тарихалда лъикIаб лъалкI тезе гъира- шавкъ ва къин гьечIеб жигарчилъи.
ТIаде бачIараб ЦIияб 2021 соналъ киналго дагъистаниязе гьарула сахлъи, сахаватлъи ва лъикIаб букIинеселде божилъи.