Ассаламу гIалайкум, хIурматиял магIарулал!
Гьале ахиралде щвана кигIанги бакIаб, рекIкIаб, рикIкIен гIемерал гIадамазул лъикIалщинал пикрабигун къасдал рукъараб, гъанкъараб сон.
ГIумруялдаса ватIалъана аза- азар чи — дир инсудаса байбихьун, дунялалдаго машгьурав тренер ГIабдулманап НурмухIамадовасде щвезегIан. Коронавирусилан цIар чIвараб балагьаб унтуца цIогьохъе ва цIоб тун бецана халкъ.
Ана, талихIалъ, тIолабго гIаламалда тIад кверщел гьабураб, щибаб рокъобе къварилъи-балагьгун рещтIараб, календаралда высокоснийилан абулеб, 2020 сон.
Хваразул гIагарлъиялъе иман бугеб сабру кьеги, унтарал киназулго, Аллагьасул кумекалдалъун, сахлъи щулалъаги ва нилъер щивасул рекIелъ кантIи рещтIаги…
Къаси-къад батIалъи гьечIого, унтаразул къаданир бахIарчиго къеркьарал тохтурзабазул хIакъалъулъ нижеца хъвана щибаб номералда.
«БагIараб зонаялда» хIалтIулаго, жалгоги вирусалъ унтарал, Россиялдаса 523 медхIалтIухъанасе жиндирго «Къункъраби» абураб ГIелмиябгун сах гьариялъулаб комплексалда реабилитация гьабурав сахав магIарулав, МГУялъул профессор МухIамад МухIамадовасеги сайгъат гьабуна нижер журналистаз чанго гьумер.
ГIемераб бицана газеталъ гIагараб Дагъистан дарабаздалъунги, маскабаздалъунги, кинабго хIажатабщиналдалъунги хьезабурал: бизнесмен Сулейман Керимовасул, Дербенталъул чогърол заводалъул директор МухIамад СагIадулаевасул, дунялалдаго цIар рагIарав спортсмен ХIабиб НурмухIамадовасул, авар миллаталъул цевехъан Сайгидпаша ГIумахановасул, ДРялъул вице-спикер СайгидахIмад АхIмадовасул ва цогидалги сахаватал гIадамазул хIакъалъулъ.
ВахIшияб унтуца кинабго жо кIоченабуниги, гьайгьай, рукIана улкаялда, республикаялда ва районазда лъикIал ишалгун рохалилал лъугьа-бахъиналги.
Нилъ рохизе ккола власталде иш лъалел, ракIбацIцIадал нилъер миллатцоял рачIунел рукIиналдаса.
Мисалалъе, восе, къокъабго заманалда жаниб лъаларедухъ Дербент шагьаралъул гьумер хисизабизе кIварав Хизри Абакаров.
— Дун гьаниве вачIана цохIо какикьжогун, гьебги босун нахъеги ине вуго, — ян абурал рагIабазул хважаинас ДРялъул Пачалихъалъулав секретарасул хъулухъалдаги халкъалъе пайдаяб хIалтIи гьабизе букIиналда щибго щаклъи гьечIо нилъер.
КIудияб божиги хьулги буго ХIукуматалъул бетIер, магIарулав ГIабдулпатахI ГIамирхановасдаги.
Республикаялъул БетIерасул гIакълучилъун тIамурав Сайгидпаша ГIумахановасги абила жеги жиндирго рагIи, гьарила чанги миллаталъе кIвар бугел ишал.
Халкъалде гьумер буссарал ратаги цIи рищарал хIакимзаби.
МагIарулазул ва тIолалго бусурбабазул кIудияб талихIлъун рикIкIуна дица шайих АхIмад- хIажи афанди гIадав динияв цевехъан нилъер вукIин.
РакIалде щвезабе, вирусалъ битIахъе халкъ бецун унеб заманалда, улкаялъул Президентасде хитIабгун муфти цеве вахъараб куц ва гьес рагьун хIакъикъат цебе лъеялъул хIасилалда республикаялда ккараб хиса-баси. АхIмад- хIажил бихьинаб кIалъаялъ ва къвакIараб позициялъ кIудияб асар гьабурав дица доб мехалда хъван букIана «Муфти — чода, чиновникал — гIодор» абураб макъала. Щулияб сахлъиги халатаб гIумруги кьеги нилъер рухIияв цевехъанасе. Гьесулги тIолалго устарзабазулги баракат камун тогеги нилъ Аллагьас…
Гьайгьай, нижер коллективалъеги гIезегIан захIматаб, квалквалал, квекIенал гьарзаяб сон букIана гьаб. ГIемералго гIадин, нижги унтана, цо-цоял жеги унтунги руго.
Амма цохIо чIегIераб кьералъ белъун букIунарелъул гIумру ва къварилъиялда хадуб гIатIилъиги камуларелъул, рукIана унеб соналъулъги ниж рохизе ва чIухIизе рес кьолел ишал.
Подпискаялъул рахъалъ тIолалго миллиял газетазда гьоркьоб «ХIакъикъат» бачIана тIоцебесеб бакIалде.
ЦIи гьабуна, цо чанго соналъ гьоркьоб къотIун букIараб, журнал биччаялъул хIалтIи ва ПатIимат ГьитIиновалъул хIаракаталдалъун къватIибе бачIана тIоцебесеб номер.
Интернационалияб темаялда тIасан Миннацалъ лъазабураб саламатаб конкурсалда тIоцебесеб бакI ккуна ва 60 азарго гъурщил къадаралда премия щвана информотделалъул редактор Зульфия ХIажиевалъе. Гьелъго лъабабилеб бакI ккуна антитерроралъул темаялда хурхун нижерго министерствоялъ лъазабураб конкурсалдаги.
Филологиял гIелмабазул кандидат, лъай кьеялъул отделалъул редактор Кавсарат Сулеймановалъул жигаралдалъун, школлъималазда гьоркьоб тIобитIана «Ниж рагъул лъимал» абураб конкурс. Гьеб бикьун букIана лъабго ригьалъул къокъаялде. Щибаб номинациялда тIоцебесеб лъабго бакI ккурал цIалдохъабазегун конкурсалде гьел хIадур гьарурал мугIалимзабазе кьуна дипломал ва сайгъатал.
Гьединго, лъазабун букIана машгьурав хъвадарухъан, гIемерал соназ миллияб газеталъе нухмалъи гьабурав журналист МухIамад Шамхаловасул цIаралда бугеб премиялъе гIоло конкурсги.
Бергьарав лъабго чиясе кьезе буго 15, 10 ва 5 азарго гъурущалъул къадаралда премиягун дипломал.
Газета цохIо нижеца гьабуларо, гьеб гьабула миллатги бокьулел, газетаги цIалулел тIолалго магIарулаз. ЦIалдолез бакIаздаса ритIун рачIарал макъалабаз, лъазабияз, цIиял харбаз чIаго гьабула гьеб.
Хьул буго, хIурматиял магIарулал, цIияб соналдаги нужеца нилъер миллаталъул цохIо бугеб газеталъулгун гьоркьоблъи хвезе теларилан ва подписка гьабилилан.
Баркула киназдаго ЦIияб 2021 сон!
Гьарула щивасе щулияб сахлъи, халатаб гIумру ва кидагосеб икъбалги баракатги!