Бащдаб нух танин абизе бегьила

Вирусолог, профессор, РАНалъул член-корреспондент, Сеченовасул цIаралда бугеб институталъул директор ккола Александр Лукашев. Коронавирусалъул масъалабазул хIакъалъулъ гьесулгун букIараб гара-чIвариялда рорхулел руго гIезегIан кIвар бугел суалал. «ХIакъикъаталъул» цIалдолезе гьелъул кIвар букIинги хIисабалде босун, нижеца гьеб бахъулеб буго къокъги гьабун. 

 

— Александр Николаевич, коронавирусалъ унтуларел чагIи рукIунищ?

— Халкъалъул лъабго бутIа гьабун цо бутIа гIадамазул букIуна коронавирусалда данде «клеточный» абулеб иммунитет бугеб. Гьеб гIадатияб антителазул иммунитет гуро. Гьел ккола лимфоцитал, ай коронавирусалъул клеткаби лъалел ва гьел чIвалел иммунияб системаялъул Т-клеткабазул клонал.

— Цоял бигьаго, цогидал захIматго унтиялъе гIилла щибха?
— Кинабго бараб букIуна инсанасул чорхолъе ккарал коронавирусазул къадаралда: азарго вирус ккун бугони, бигьаго унтула, миллион ккани — захIматго унтула.

— Коронавирусалдаса сах гьавурав чи кIиабизе унтулищ?
— КъанагIат унтула, амма захIматго унтуларо.

— Коронавирус гIадаб хIинкъи бугеб унти бахинчIого букIиналъе сапнаца кверал чуриялъ кумек гьабулищ?
— Бактериязда данде хIалтIи-забулеб хасаб сапун рикIкIинчIого, гIадатияб сапнацаги вирусал чIвала. Коронавирусалъул хъал букIуна липидазул, ай вирус ккола нахулъ бугеб цIакъ гьитIинаб зарра. Гьединлъидал вирус бокьараб сапнаца бихха-хочизабула.

— Коронавирусалдаса цIуниялъе гIаракъи-чагъиралъ квербакъулин абураб жо битIараб бугищ?
— КъвакIарал гьекъолел жалазул коронавирусалдаса цIуниялъе бицине гIураб пайда букIунаро. Антисептик хIисабалда хIалтIизабизе бегьула, ай кверазда ва гьурмада ругел вирусал чIваялъе, гьебгиха 60 проценталъул къвакIи бугеб.
Хъалиян бухIулел чагIазул хIакъалъулъ абуни, гьелъие батIи-батIиял цIех-рехаз батIи-батIияб къимат кьолеб буго. Цояз абулеб буго хъалиянчагIи коронавирусалъ дагь унтулин, амма гьезул цIа-кан бахин, гьуърал гьорой (пневмония) захIматаб букIунин.

— Кинавго чиясе вакцина гьабизе бугин абураб хабар битIараб бугищ?
— Вакцина киназего щвезе бугищин гьикъаниго битIун букIина. Вакцина кколелъулха цIакъ багьаяб препарат.

— Нилъеца маскаби кида рахъи-зе ругел ва социалияб манзил цIуниялдаса кида инкар гьабизе бугеб?
— Гьеб бараб букIина гIураб къадаралда вакцина чIезабиялда ва коллективияб иммунитет лъугьиналда. Амма коронавирус тIубанго тIагIунаро, гьединлъидал херал, унтарал чагIаз хадубги цIуни-къай гьабизе ккезе буго. БачIунеб соналъул ихдалиде ахIвал-хIал лъикIлъизе бегьула.

— Дун коронавирусалъ унтун вуго, амма тохтурасухъе ине бокьун гьечIо. Вирусазда данде рихьизарурал дараби рокъорго гьаризе бегьуларищ?
— Вирусазде данде хIалтIизарулел гIемерисел дараби загьруяллъун рикIкIуна, черхалъе гьез квешаб асар гьабизе бегьула. Гьединлъидал, дару тохтурас хъвазе ккола. Нилъго нилъецаго сах гьаризе лъугьине бегьуларо. Щайгурелъул, рукъалъул шартIазда COVID-19 къватIул унтабаздаса батIа бахъизе кIоларо.

— Коронавирусалдаса цIуниялъе Россиялда вакцина гьабун буго. Амма дир ракI чIоларо гьелъ лъикIаб хIасил кьезе букIиналда. Сахлъиялъе вакцинаялъул кинабгIаги хIинкъи букIинадай?
— Россиялда хъвай-хъвагIай гьабуна кIиго батIияб вакцинаялъул. «Спутник V» абураб вакцина хIадурана академик Гамалейил цIаралда бугеб эпидемиологиялъул ва микробиологиялъул НИЦРалъ. КIиабилеб — «ЭпиВакКорона» — «Вектор» абураб вирусологиялъул ва биотехнологиялъул гIелмияб централъ. Рахунел унтабазул тохтурзабаз тIоритIарал цIех-рехаз кIиябго вакцинаялъе лъикIаб къимат кьуна ва прививка гьабун хадуб коронавирусалъ унтулареблъи чIезабуна. Жеги унел руго гьезул клиникиял хIалбихьиял. Вакцинация гьабизе буго жидеего бокьун, ай гьелдаса инкар гьабизеги бегьула.

— Дие бокьун буго вакцина гьабизе. Кин гьеб гьабилеб?
— РФялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялъ лъазабухъе, тIоцебесеб иргаялда, вакцина гьабизе буго учительзабазе ва медиказе. Бокьарав чиясе рес буго вакцинаялъул клиникиял хIалбихьиязда гIахьаллъизеги. Гьелъул хIакъалъулъ цIех-рех ва хъвай-хъвагIай гьабизе бегьула mos.ru порталалъул гьумералда.

— Кида нилъ коронавирусалдаса тIуранго эркенлъизе ругел?
— ГIураб къадаралда иммунитет бугел гIадамал гIемерлъидал. Гьебги ккола халкъалъул 50-70 процент. Иммунитет бугел чагIазул къадар цIикIкIанагIан, дагьаб букIина вирусалде данде гьарулел тадбиразул кьвари ва хIалуцин.

— Дур пикруялда, коронавирусалъул хIинкъи гьечIинги абун, тохтурзабаз маскаби рахъизе изну кьураб заман кидадай букIина?
— Самоизоляциялде дандеккун, маска ккола коронавирусалдасаги цогидал унтабаздасаги цIуниялъе бищунго гIадатияб, хIинкъи гьечIеб ва цIикIкIун харж унареб сабаб. Дир пикруялда, бачIунеб соналъул январалдаса байбихьун, дагь-дагьккун маскабаздаса инкар гьабизе бегьила.