ВатIаналъухъ урхъарав хъвадарухъанасул пикрабазул угьи
Дагъистаналъул халкъияв хъвадарухъан МухIамад ГIабдулхIалимовас исана бана 90 сон. МухIамадида юбилейги баркулаго, бокьун буго гьесул хъвадарухъанлъиялъул хIакъалъулъ хъвазе.
ГIагараб росдалги магIарулазулги тарихалда жаниб гвангъараб лъалкI толеб буго Дагъистаналъул халкъияв хъвадарухъан МухIамад ГIабдулхIалимовас. Басмаялда рахъана гьесул гIемерал тIахьал. МагIарулаз кидаго гъираялда къабул гьарула гьел.
Гьале кодобе босулеб буго 2022 соналда басмаялда бахъараб хъвадарухъанасул «Ахикь, гъутIбузул рагIдукь» абураб тIехь. Гьениб кьун буго кIиго къиса: тIехьалъе цIар кьураб «Ахикь, гъутIбузул рагIдукь» ва «Американав Хосе Дибо» ва харбал: «ГIурччинаб гормендо», «Лъадуда гьикъе - мекъса гьабе» ва «ЛъикIав чи».
Гьаб макъалаялда бицен гьабизе бокьун буго «Американав Хосе Дибо» абураб къисаялъул хIакъалъулъ…
Араб гIасруялъул 90-абилел сонал. Биххараб кIудияб, къуватаб улка, кирехун ине ругелали бичIчIулареб цIакъ захIматаб заман. Дагъистаналъеги гьеб заман букIана цIакъго хIабургъараблъун. Къойилго гIадин кколел чIвай-хъвеялги гIумру гьабизе букIараб захIмалъиги - гьел ракIалдещвеяз берзул нур свинабураб гIадаб асар гьабуна дие. ВатIаналъул гьединаб къисматалъе жаваблъун бихьулеб буго дида МухIамадил гьаб къисаги. ГIадада абулеб батиларо шагIирзаби ва хъвадарухъаби кидаго халкъалъул тIалаб-агъазалда рукIунилан. ХIисаб гьабураб мехалда, шагIирзабаз, хъвадарухъабаз жидерго асаразулъ лъола гIемерисезул пикру, гьезул асарал кIалъала халкъалъул кIалдисан. КIудияб союз биххараб мехалда, лъицаха бицинчIеб М. Горбачевасулги Б. Ельцинилги «гьунаразул» хIакъалъулъ. Гьединго нилъеда лъала кIиго къуватаб пачалихъалъул гьоркьорлъаби кинал рукIаралалиги. Дун гьитIинаб мехалдаса нахъе, рагIулеб букIана ва жеги рагIулебги буго СССРалъулги (гьанже Россиялъулги) СШАялъулги бугеб «гьудуллъиялъул» хIакъалъулъ. КIудияб улкаялъухъ угьдулеб буго жакъаги хъвадарухъанасул гьаракь. Ва рекIел тIиндасан бачIунеб бухIараб, чаракъосараб ахIилъун буго М. ГIабдулхIалимовасул гьаб къисаги. Жиндирго пикраби гьес къисаялъул багьадурзабазухъе кьолел руго, цIалдолезухъе кьейиланги абун.
РачIаха, хIурматиял цIалдолел, гIенеккизин американав Хосе Дибоцаги гIурусав Сергей Петровасги нилъее бицунелъухъ. Гьениб щибго балъгояб яги нилъеда рагIичIеб хабарги гьечIо. Хъвадарухъанасе гIицIго бокьун буго ватIаналъул унтиялъ унтарав жиндирго пикраби-анищазул гIузраби цоги нухалда халкъалъе загьир гьаризе.
Къисаялда бицен гьабулеб буго Америкаялда дандчIварал гIурусав Сергей Ильич Петровасулги американав Хосе Диболги хIакъалъулъ. Совет хIукуматалъул заманалда Сергей хIалтIулаан Михаил Горбачевасул шоферлъун. СССР биххун хадув гьев хъизангун цадахъ гочуна Америкаялде. Гьесулгун лъай-хъвай ккарав Хосе Дибоги хIалтIулев вукIун вуго доб заманаялъ Америкаялъул президентлъун вукIарав Рональд Рейганил шоферлъун.
Россиялъул хIакъалъулъ хабар ккараб мехалъ, Хосе Дибоца Сергейида абулеб буго нужер улка бугила бищун чIахIиязул цояб. ТIабигIиял нигIматаздалъунги бищун бечедаб улка бугила Россия, амма нуж киданиги бечелъизе гьечIила, щайгурелъул щивав хIаким гьенив цIогьор, ришватчи вукIун. Россиялда заводал къан ругила, фабрикал щущазарунила. ХIалтIи гьечIолъи балагьлъун лъугьун бугила дур ватIаналдаян абулеб буго американас гIурусасда. Жиндир ватIан цIунун абизе жо Сергейида батуларо.
Россиялда гьединаб ахIвал-хIал лъугьиналъе гIайибиявлъун Хосе Дибоца рикIкIунев вуго пачалихъалъул бетIер, Аллагьасдаса хIинкъуларев гьересичи вукIин. Гьес абулеб буго Сталинида хадув Россиялда цониги пачалихъалъул бетIер вукIинчIила халкъалъул ургъел бугев. Ахирисев пачалихъалъул бетIер Михаил Горбачев вукIанила Америкаялъул жасус. Хосе Дибода бичIчIулеб гьечIо, киндай Горбачевасда кIвараб жив гIезавураб, жиндие лъай кьураб, жив бищун борхатаб хъулухъалде вахинавураб халкъ гъоркье рехизе, улкаялъе хилиплъизе. Американасде данде абизе рагIи батуларого, Сергей Петровас кьабула американасда. Хадубги Сергейица пикру гьабула жинцаго рехун тараб Россиялъул кин къадру цIунилебилан. Жакъаги улкаялъул бечедал хIакимзабазул гIарац киб цIунун бугебилан пикру гьабула гьес.
Бокьулеб гьечIо Петровасе Дибоца бицунеб рагIизе. Ханжарлъун хIунсулеб буго гьесул рекIелъ Горбачев СШАялъул агент вукIанилан абураб хабарги.
Амма бичIчIулеб гьечIо гьедигIан ватIан хирияв Петров, ВатIаналдаги чIечIого, Америкаялде щай аравали. Гьеб суалалъги рахIат толеб гьечIо авторасе. Гьеле гьединаб жоялда абулеб буго гьес хIилла-макруйилан. Гьедин буго жакъаги – жидее ВатIан хирияб бугилан ахIдолев вукIарав, гьелъул кумекалдалъун миллиардерлъун вахъарав чан чи жакъаги Россиялдаса лъутулев вугев.
ЦIидасанги тIадруссинин къисаялъул багьадурзабазухъе:
- ХIалтIи гьечIолъи лъугьун буго Россиялда балагьлъун. Заводал къана, фабрикал щущаразаруна. Гьел рукIана халкъалъул буголъи. Китаялъул расанкIабазул цIун буго гьанже Россия, - ян абула Дибоца.
- Господин Хосе Дибо, - ян абуна Петровас, - гьеб бакIалда мун мекъав вуго. Гьеб буго пачалихъазда гьоркьоб бугеб дармилаб политика…
- Агьа, захIмат хирияб халкъги къотIноб тун, заводал, фабрикал къай - пайдаяб ва хIажатаб ишищ? СССР биххи - гьеб букIана СШАялъул разведкаялъул триумф… Киндай кIолеб жив гIезавураб, жиндие лъай кьураб, жив борхалъиялде вахинабураб халкъ гъоркье рехизе, улкаялъе хилиплъизе?!
КIолеб гьечIо Петровасда Дибоца бицунелъухъ гIенеккизе, ва тIадеги вахъун, кьаб-кьабун бачуна нахъеги гьесда… Ва жинцаго жиндиего суалги кьолеб буго Петровас: «Кинаб Россиялъул къадру цIунулев дун…? Дицаго рехун тараб?».
- Дуда божизе бегьуларо. Мун, господин Петров, мун гьадинги Россиялъе хилиплъарав чи вуго, мун Россиялдаса Америкаялде лъутарав къоялдасаго…
«Гьас битIараб бицунеб буго. Улка гуребги, миллатги хисана дица. Цо дунищ Россиялъе хисарав? Россиялъул бечедалщинал хIакимзабазул гIарац киб цIунун, киб бахчун бугеб?»
Гьадинал пикраби гьарулел рукIана Сергейица.
Дибоца, жиндаго кьабуниги, кинаб бугониги тамихIалде Сергей цIазе хIалго бихьичIо. Гьелъул гIаксалда, гьес гьев рокъове ахIула, хъизамалъулгун лъай-хъвай гьабула:
- Дир жанисеб асаралъ бицунеб буго нилъ лъикIал гьудулзаби рукIине ругеллъи, - янги абула Дибоца Сергейида.
Дагь-дагьккун гьудуллъиялде сверулеб букIана Диболги Сергейилги гьоркьоблъи. Дибоца гIемер ахIулаан цIияв гьудул рокъове.
- Гьаб мина Рейганица кьуна дие. Президент дидаса разияв вукIана. Дица рикIкIуна жинде божилъи гьабураб ишалъе ритIухъав вукIине тIадаб бугилан щивав чиясда, - ян абуна цо нухалда Дибоца. Гьесда цIакъ лъикI лъалаан Петровасе ватIан бокьулеблъиги. Гьединлъидал, рес кканщинахъе, какулебги букIараб гьес Петровасе Россия.
Американав Хосе Дибоца абула Аллагьас жидеего кьураб лъикIаб махщелги гьунарги тун, цо-цо пачалихъазул ахIмакъал бутIрул лъугьунел ругила дуниялалда рагъ-кьал тIибитIизабизе. Жакъаги дуниялалада рагъал къотIулел гьечIилан абулеб буго гьес. Хадув Сергейидеги вуссун, гьес абула, амма нилъ рагъизе гьечIила, гIурусав мунги американав дунгийилан.
Къиса ахиралде щванагIан, бихьулеб буго кигIан хирияб букIарабали Сергейие ватIан: «Пайда щиб, чиярлъана ватIан, чиярлъана. ГьечIо ВатIан. БукIана ВатIан. БукIана - гьечIо. Доб дида лъалеб букIараб гьайбатаб, чIухIараб Москваги, дол дие рокьулел рукIарал гIадамалги дора ратизе гьечIо…»
Асар цIалулелъул, бихьулеб буго халкъазда гьоркьоб гьудуллъи тIегьаялъухъ авторасул бугеб хIасрат. ГIурусав Петровасда къвалги бан, Хосе Дибоца кIвараб хIалалъ ахIула:
- ГIадамал, чIахъаги эркенлъи! ЧIахъаги халкъазда гьоркьосеб гьудуллъи! - ян.
Петровасул суратазул альбомалда букIараб цо сураталде тIаде тохлъукьего ккола Дибо. Гьенив вугоан кIиго гIолохъанчи. Дибо вихха-хочула гьеб сурат бихьидал. Ва ахиралдаги загьирлъана гьел гIолохъаби Диболги Сергейилги умумул рукIин. Гьезул лъай-хъвай ккун буго концлагералда, КIиабилеб дунялалъул рагъул заманалда.
Дибол кIалдисан кIалъалев вуго автор:
«Къисмат. Унгоха, цо-цо чигун гьеб басандулеб вахIшиго. Амма къеркьеялда бащалъулеб щибго гьечIо. Къеркьей буго, дир гьудул, гIумру», -ян.
Нахъеги Петров жиндирго ватIаналъул хIакъалъулъ жиндирго пикрабигун:
«Дие батIияб нух гьечIо. ВатIаналъухъ гIашикълъун вуго. Гьеб букIун буго бицине лъалареб, кинабали ракI бецIцIулеб асар».
Гьаб макъала лъугIизе толеб буго улка биххиялъе гIиллабазул цояблъун жинца рикIкIунеб авторасул хIужаялдалъун:
- Йохъ, партиялъул членал нахъасан ралагьун чIана, оц хвани – гьан, гьоко бекани – цIул, - иланги абун ва фабрикалги заводалги рихха-рикьиялъул, банкал тIетIеялъул ургъалида…
МухIамад ГIабдулхIалимов вуго магIарулазул бищунго гьунар бугел хъвадарухъабазул цояв, Дагъистаналдаго цIар рагIарав халкъияв хъвадарухъан. Гьесул асараз хасаб бакI ккола нилъер адабияталда жаниб. Аллагьас гьесие гIемерал сонал жеги насиб гьарун ратаги хадурккунги лъикIал асараздалъун магIарулал рохизаризе.
МухIамад Ибрагьимович МухIамадов, филологиял гIелмабазул доктор, профессор