Араб анкьалда Дагъистаналда тIобитIана Россиялъул югалъул регионазул Херазул форум. Россиялъул халкъазул цолъиялъул лъагIалил хIурматалда форум гIуцIана ДРялъул Миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министерствоялъ.

Форумалда гIахьаллъана ДРялъул бетIер Федор Щукин, ДРялъул хIукуматалъул председатель МухIамад Рамазанов, Россиялъул БахIарчи, ДРялъул миллияб политикаялъулги диниял ишазулги министрасул ишал тIуралев Темирлан АбутIалимов, Северияб Кавказалъул ва Югалъулаб федералиял округазул пачалихъиял идарабазулги, Херазул советазулги, жамгIиялгун диниял гIуцIабазулги вакилзаби.

КIудияв чиясул гIакълу ва яхI-намус Северияб Кавказалда кидаго букIана гIолеб гIелалъе мисаллъун. КIудиясул рагIиги букIана гIисиназе кьуризе рес гьечIеб законлъун. Ахирал соназда гьеб закон цодагьаб нахъегIан цвизабун хутIиялъ, гIадлуги биххулеб буго. Гьелъ рахIатхвезабурал Северияб Кавказалъул регионазул нухмалъиялда ракIалде ккана умумузул букIараб тарбия кьеялъул къагIида цIигьабизе. Гьелъул мурадалда, Россиялъул югалъул херал ракIарун рукIана «Россия – дир тарих» абураб парк-музеялда. Аслияб мурадги букIана, улкаялъул тарихги Россиялъул халкъазул маданияб ирсги кьочIое босун, регионалъул гIолилазе тарбия кьеялъулъ, хасго нилъее ругьунаб гуреб динияб чвахиялдаса гьел цIуниялъе, херазул гIакълу хIалтIизабиялъул нухал рати.


ЦокIалго загьир гьарурал пикраби

«Кавказалда кидаго гIадатлъун букIана кIудияв чиясул гIакълу-малъи гIадахъ боси. Гьесул малъа-хъваяз кумек гьабулаан захIматаб ахIвал-хIалалдаса рорчIиялъе, росулъги хъи­замалдаги рекъел цIуниялъе, гIо­лилазе тарбия кьеялъе. ХIинкъаби гIемераб заман бачIун буго гьанже, ва кIудияв чиясул къвакIиги щулияб рагIиги нилъее кутакалда хIажат буго жакъа. Нилъеда церечIун руго халкъазул тарихги маданиябгун рухIияб ирсги цIуниялъул масъалаби. КIудияб гIелалъул кIудияб кIвар буго гIолеб гIелалъе умумузухъан щвараб диналъул къануназда рекъонкколеб тарбия кьеялъулъги – гьелда бараб буго гIемерав чиясул къисмат, нилъер лъималазулги тIолабго улкаялъулги букIинесеб», - ан абуна Ф. Щукиница, форумалъул данделъи рагьулаго.

Чачан Республикаялъул парламенталъул депутат, Херазул советалъул председатель Ризван Дадаевас цIалана ЧРялъул бетIер Рамзан Къадировасул саламалъулаб хитIаб ва ракIалде щвезабуна кавказалъулазе хасиятаб гIамал: кIудияз гIисинал куцай ва миллатазда гьоркьосеб вацлъи-цолъи цIуниялъе хIаракат гьаби.

Щибаб регионалъул чIахIияб гIелалъул дандчIваялъул ва гьез цоцазе жидерго хIалбихьи бициналъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ бицана «АсатIиназул тIадегIанаб совет» абураб Халкъазда гьоркьосеб гIуцIиялъул председатель Азамат Хадикъовас. «Рахьдал мацI цIунизеги, миллияб маданият цебетIезабизеги ва рахьдал мацIалда тIахьал басмаялда рахъизеги рес кьолеб нилъер гIадинаб улка дунялалда гьечIо. Гьелъул къимат гьабизе тIадаб буго нилъеда», - ян абуна гьес.

«Халкъазул цолъи – гьеб рихьдае бицунеб калам гуро, гьеб буго нилъер гIумруялъул хIакъикъат», - ан абуна, батIи-батIиял диназул вакилзабазда гьоркьосел бухьеназул хIакъалъулъ бицунаго, ДРялъул бетIерасда цебе бугеб Херазул советалъул председатель Ибрагьим Ибрагьимовас.

«МаслихIат гьаби, халкъазда гьоркьосел бухьеназул кьучIалда масъалаби тIуразаризе бажари – гьеб буго жамгIият гъункизабулеб къуват», - ан абуна ДРялъул ЖамгIияб палатаялъул председатель ГIамирхан МухIамаддадаевас.

Рахьдал мацIги, халкъалъул гIадат-гIамалги, тарихги гIолилазда кIочонеб букIиналъ ракIунтизабун бугоан Гъарачаево-Чергесиялда гIумру гьабулел абазиназул Херазул советалъул член Щорс Чаговасул. «Россиялъул халкъазул къуват буго рахьдал мацIгун маданият ва тарих лъаялъулъ. Амма гIолеб гIелалда гьоркьор цIакъ дагьлъун руго рахьдал мацI лъалел гIадамал. Гьелъие гIиллалъун ккола цIалул тIахьал дагьлъиги рахьдал мацIалъул учительзаби гIолел гьечIолъиги. Пачалихъиял идарабаздаги чIахIияб гIелалдаги тIадаб буго гьеб масъала тIубаялъе нухал ратизе», - ян абуна гьес.

«Форумалда рехсарал киналго суалал уна 2036 соналде щвезегIан Россиялъул пачалихъалъ къабул гьабураб Миллияб политикаялъул стратегиялда гьоркьоре», - ян абуна «Россиялъул халкъазул Ассамблея» абураб жамгIиябгун пачалихъияб гIуцIиялъул Дагъистаналда бугеб регионалияб отделениялъул председатель Зикрула Илясовас. Бицана гьес миллатазда гьоркьосеб цолъи цIуниялъулги, гIолилазе тарбия кьеялъулги, маданияб хаслъи машгьур гьабиялъулги рахъаз рехсараб гIуцIиялъ Дагъистаналда гьабулеб хIалтIул хIакъалъулъги.

Форумалъул хIакъалъулъ гьадинаб пикру загьир гьабуна Россиялъул БахIарчи Т. АбутIалимовас: «Россиялъул югалъул Херазул форумалда аслияб кIвар буссинабуна гIолилазе тарбия кьеялде. Масала, «ГIакъилал чагIазул малъа-хъваял» абураб цIаралда гъоркь тIоритIана захIматаб хIалалде ккарал лъималазулгун дандчIваял. Дагъистаналда кутакалда адаб гьабула чIахIиязул. Гьезул гIумрудул хIалбихьи ккола къимат тIокIаб хазиналъун. Гьединлъидал гьезул пикруялъухъ гIенеккула, гьезул къадру-къимат гьабула гIолилазги. Нижее бокьун букIана гIумрудул кIудияб хIалбихьи бугел гIадамалгун гIолеб гIелалъул дандчIваял гIуцIизе, гьенир щварал малъа-хъваязул кьучIалда гIумрудул битIараб нух тIаса бищизе гIолилал кантIизариялъул мурадалда», - ян.