Балъголъи
Нижер хъизан кIудияб гьечIо. Кету малъичIого, ункъо чи вуго: эбел, эмен, кIодо ва дунгогиха. Эмен дида дагь гурони вихьуларо - дов риидал магIардаги, хасало хъутабаздаги гIи хьихьун вукIуна. Росулъ киназго инсуда кIудияв вехьин абула. Амма гьев гьедигIан кIудияв гьечIо, эбелалдаса цо рокьоялъ ворхатав вуго.
Эбелги дида радалги маркIачIудаги гурони йихьуларо, дой колхозалда бухгалтерлъун хIалтIулей йиго. Рокъое ячIараб мехалъ долъ, свакан диеги гьимун, тукадаса росарал конфетал дир кисинир ругIула. Амма гьел, цо-кIиго тIасаги кванан, дица нахъе лъола. Нижер мадугьалихъ йиго ПатIи абулей яс. Долъулги эмен вехьлъун вуго.
Дица конфетал кьурабщинахъе, ПатIи йохула. Долъул рохел диеги бокьула. Ниж кидаго цадахъ расандула. Амма ПатIида дир махсараби хехго рихуна.
Гьанже ПатIи дунгун барщун йиго. Дир конфетаз инсул бухаритIагъурги цIолеб буго. Рекъарабго, цо течIого ПатIие кьела. Дие конфетал щай? Дун ясищ?
Щаяли лъаларо, киназдасаго дие кIодо йокьула. ПатIилги кIодо йиго. Амма долъулай цIакъ хIеренай йиго. Къасиги къадги ПатIида сверун лъугьун гьимгьидилей йикIуна. Щиб гьелъ гьараниги, инкар тун тIубазеги гIедегIула.
Дир кIодо гьединай гьечIо: радал вахъине дун кIвахIаллъани, гъоркьа хIатIазда гъецI кьабула. ХIатIил килищ гIодоб чIван вачIани, гIодове валагьичIогоян семула. Цониги тохлъиялда тIасалъугьунаро. Рахь ялъуни чай гIодобе тIуни, гIин кьурула. Васандилаго тохлъукье ретIел бихъани, бетIер чIвала. Цо нухалъ къадкида гамачI речIчIунан, тIилицацин вухана.
Амма кIодода дир ццин бахъунаро. Долъ щибниги малъилародаян, ургъунго аскIовецин вачIуна.
Цо нухалъ, магIирокъое кIодоги ун хутIарав дун щиб хIажалъунали долъул гъансиниве ваккана. Гьеб къоялъ гурони гьикъичIого дун кивениги ваккулароан. МухIканго сокIкIараб батIи-батIияб къайи-къоноялда гъоркь дида чIартилъ жемараб къвакIараб жо батана. Канлъуде гордухъе восун балагьидал, дун тамашалъана: дир хъатиниб кенчIана БагIараб байрахъалъул рагъулаб орден!
ПатIи барщун йикIинги кIочон тун, орденги кодоб ккун, дун гъолъул кIодохъе векерана. ГьанжелъагIан дидаса бахчараб балъголъиги дие гьениб тIатана: гьединги дир кIодо кIудияб бахIарчилъи гьабурай гIадан йикIун йиго. НекIо заманалда, Совет хIукумат гIуцIизе нилъер чагIи рагъулеб мехалъ, гIолохъанай партизанлъун йикIарай дир кIодоца, тIадги речIчIун, тушманасухъа пулемет бахъун буго. Жинцаго гьебги речIчIаризабун, гIемерал тушбабиги чIван руго.
КигIан недегьай гьечIониги, гьединай кIодо йокьичIого чIезе лъидаха кIвелеб?
* * *
Гьеб хабар дие бицана диралда аскIоб бугеб больницаялъул койкаялда, тохлъукье гьорчо щун, бекараб бох сахлъизабизе вегарав гьитIинав вас СагIидбегица.
Хабаралда ниж рукIаго, мугъалда хъахIаб халгIатги чIван, нечадго жание ячIана логода йорхатай херай гIадан. Гьелда хаду-хадуй гьитIинай цо ясги йигоан.
ГьикъичIониги, дида гьел щалали лъана.
МухIамад Сулиманов