Араб гьатӀанкъоялда Россиялда кӀодо гьабуна Эбелалъул къо. Гьелъул хӀурматалда «ХӀакъикъаталъул» редакциялде ахӀун рукӀана Украинаялда тӀобитӀулеб хасаб рагъулаб операциялда (СВО) гӀахьаллъулел рагъухъабазул улбул.
Рагъухъабазул хъизам
ПатӀимат МухӀамадовалъул ункъо васги бетӀергьанчиги ккола СВОялъул гӀахьалчагIи. Гьелъ абуна, гьабсагӀаталда бищун гьитӀинав вас ХӀажимурад рокъов вугин (гьев вукӀана армиялда борч тӀубалаго, Курск областалъул гӀорхъода). «Гъоркьиса Курск областалда рагъулал лъугьа-бахъинал ккелалде ХӀажимурадги гьалмагъзабиги гьениса нахъе рачун рукӀана. Хадур гьел ритӀана Белгородалде ва гьенир рукӀана апрелалъул ахиралде щвезегӀан. СВОялда гӀахьаллъулаго, марталда гьев лъукъана. Госпиталалдаса отпускги кьун, рокъове вачӀун вукӀана ва цӀидасан ана армиялде. Гьесул армиялъул болжал лъугIана. Контракт хъвазе бокьичӀо гьесие ва рокъове вачӀана», – ян бицана гьелъ.
Рагъулъ ругъналги щун, гьабсагӀаталда отпускалда вуго ПатӀиматил бетӀергьанчи Руслан Мусаевги. Гьев СВОялде ана, жиндиего бокьун. Аслияб гӀиллалъун букӀана, жиндаги гьикъичӀого, лъабабилев вас, МухӀамад, СВОялде ин. Микьго лъимадул эмен, ункъо васги армиялда вукӀаго, мунги щай гьениве уневан гьикъидал, гьес кьуна гьадинаб жаваб: «Валагьила дица гьев ва, малъараб гьабичӀолъиялъухъ, лъикӀаб хӀалалъ вухила», — ян абураб пикру букӀана гьесул. Амма вас вугеб бакӀалде ккечӀо гьев. Дагьалъ цеве госпиталалдаса рокъове витӀун вуго Руслан. «Гуллил кескалги щун, бох бухӀ-бухӀизабун букӀана гьесул. Гьанже мадар лъугьун буго ва анлъабилеб декабралда рагъулаб хъулухъалде тӀадвуссине вуго», — ян абуна ПатӀиматица.
Бищун кӀудияв вас Мурадги ПатӀиматги кӀиго соналъ цере рачӀун рукӀана редакциялде. Мурад вуго СВО байбихьилалдего рагъулаб хъулухъалда. Северияб флоталда вукӀарав гьев тӀоцересел къояздасаго вуго Украинаялдаги. ЧанцӀулго лъукъана гьев ва мустахӀикълъана «Орден Мужества», «За отвагу» ва цогидал шапакъатазе. Гьанже гьес хъулухъ гьабулеб буго Нижний Новгородалда бугеб рагъулаб часталда ва дагьалъ цебе гьесие кьуна кӀудияв лейтенантасул цӀарги. «Гьанже вугеб бакӀцин бицунаро Мурадица. Рохьов вуго. Донецкалда вугилан ккола дидаго. Гьев вуго взводалъул командир. Блиндажалдаса къватӀиве вахъунаро. ХӀурматалъул грамотаги щвана гьесие дагьалъ цебе», — ян бицана эбелалъ.
МухӀамад вуго Херсон областалда. Рагъулъ лъукъарав гьев гьабсагӀаталда вуго Геническ шагьаралъул госпиталалда. «20 къоялъ цебесеб кьерда рукӀун руго гьел. Кутакалда хӀалакълъун вуго. Сурат бачӀараб мехалда инсуда лъазецин лъачӀо. Документалги телефонги бухӀун бугоан гьесул ва госпиталалда вукӀаго, гьесда аскӀов ккун вуго Мурадил гьалмагъ. Гьеб заманалда нижеца валагьулев вукӀана МухӀамад, цевегоялдаса гьевгун бухьен тӀагӀанинги абун. Мурад вукӀана Москваялъул госпиталалда (Белгородалда авариялдеги ккун, захӀматаб хӀалалда вукӀана гьевги). Дов гьалмагъас МухӀамадил сурат битӀун буго Мурадихъе ва гьес нижехъе бачӀана. Гьедин лъана МухӀамад лъукъун вукӀин. Аслияб жо – чӀаго ватана!», — ян бицана П. МухӀамадовалъ.
СВОялде витӀун вукӀана лъабабилев вас Рамазанги. РФялъул Рагъулаб къуваталъулгун гьабураб контракталда рекъон, гьес хъулухъ гьабулеб буго Архангельск областалъул цо чӀинкӀиллъиялда. Исана январалда гьевги витӀун вукӀана СВОялде. Анлъго моцӀалъ гьенивги вукӀун, гьанже добго чӀинкӀиллъиялда хъулухъ гьабулев вуго.
Росуцояз ПатӀиматида гӀемер гьикъула, кьижун макьугӀаги кин щолеб дудаян. «Щибха гьабилеб? Чанги рорчӀана макьу гьечӀел сардал, чанги чвахана бадиса бухӀараб магӀуги. Шукру Аллагьасе, чӀаго руго дир лъимал. КӀудияб талихӀлъун рикӀкӀуна дица телефоналдасан бухьен кквезе рес букӀин. Щибаб къоялъги къасиги васаз хъвала дихъе, рес рекъани, ахӀула. Гьел кӀалъачӀони, дицаго ахӀула. Гьебги буго ракӀалъе парахалъи кьолеб хӀужа», — ян жаваб кьуна ПатӀиматица.
Командирзабазул улбул
Маллаева Мудрикатил вас СагӀадула Шайхов ккола Командиразул тӀадегӀанаб рагъулаб училище лъугӀарав гӀолохъанав офицер, лейтенант. «Ункъо соналъ цӀализе кколаан гьев. Лъабгогун бащдаб сон индал, цӀалиги хехго лъугӀизабун, СагӀадула витӀана Бурятиялде. Гьенисан кӀалъана СВОялде ине вугилан абун. Гьениве унаго, Ростовалдаса, лъабго къоялъул изнуги босун, КӀалбиччанкъоялде рокъовеги вачӀун вукӀана. Байрамалдаса хадув ана жиндирго къокъагун СВОялде.
Дагьалъ цеве отпускалъ рокъове вачӀун вукӀана. Танкистазул ротаялъул командир вуго гьев. Гьединлъидал отпускги къокъаб букӀуна. КӀиго анкь инегӀанцин течӀо, хадур кӀалъан рачӀана тӀадвуссаян абун. СагӀадулагьие щвана Суворовасул орденги», – ян бицана Мудрикатица.
Гьелъул кӀиабилев васги вуго МЧСалъул училищеялъул лъабабилеб курсалда цӀалулев. «КӀудияв вацас тушбаби чӀвала, дица гӀадамал хвасар гьаризе руго», — ян махсара гьабулев вукӀуна гьев.
Аминат Сулеймановалъул васги ккола рагъулаб академиялъул выпускник. «МухӀамадгӀалица рагъулаб хъулухъ гьабулеб буго Северияб флоталда. Гъоркьиса апрелалъул ахиралда гьев кӀалъана, жалги Украинаялде ритӀулел ругин. Гьел рачана Дагъистаналде, Каспиялъул флотилиялъул базаялда тӀоритӀана рагъуе хӀадуриялъул тадбирал ва маялъул ахиралда ритӀана СВОялде. МухӀамадгӀали витӀана гьезул командирлъун. Цин рукӀана Белгородалда, гьениса ритӀана Донецкалдехун. ЛъагӀелалъ рукӀана гьел рагъулал ишазулъ гӀахьаллъулел. Гьениса тӀадвуссиндал, васасе кьуна Жуковасул медальги», – ян бицана Аминатица.
Рагъулаб хъулухъалъухъ пачалихъиял шапакъатазе мустахӀикълъарай, жамагӀаталда гьоркьоб къадру тӀадегӀанай Рагъухъанасул эбел… Сардил макьуги рекӀел рахӀатги биларай, амма Аллагьас бихьизе кьураб хӀехьезе сабруги таваккалги бугей… Аллагьас бергьенлъигун, чӀаго-гӀатӀго тӀадруссинареги нилъер васал…
Кавсарат Сулейманова
