Шамил районалъул МачIада росдал ракьалда бугеб лъималазулгун гIолилазул спортивиябгун сахлъи щула гьабиялъул лагералъул хважаин ШехмухIамад Шамиловас гьарана: «КIиабилеб сон буго тохтур ХIайбулаев МухIамад гьаб лагералде хIалтIизе вачIун вугелдаса. Киназго гIажаиблъи гьабула, гьес гIадамазул гьабулеб адабги, унтаразда хадуб букIунеб ракIбухIиги, лъималазулгун букIунеб инсулаб гьоркьоблъиги бихьун. Бокьилаан гьев лъикIав тохтурасул хIакъалъулъ «ХIакъикъаталдасан» халкъалда рагIизабуни», - ян.

МухIамад гьавуна ва гIуна Ругъелда росулъ, мугIалим ХIайбулаев ЗайнулгIабидил хъи­замалда. «Учителасул вас ки­набго рахъалъ цогидазе мисаллъун вукIине ккола», - ян абураб инсул тIадкъай гьесие лъугьана гIумруялъул дарслъун. Школалда гьев вукIана цIалулъги, спорталъулъги, жам­гIиял ишазулъги мисаллъун.

ГьитIинаб къоялдаса нахъего МухIамадил анищ букIана тохтурлъун вахъине ва тIадчIун хIадурулев вукIана мединституталде лъугьине. 1977 соналда лъугьана ДГМИялде цIализе. ЦIалуда цадахъго хьвадулаан оперативияб хирургиялъул ва паталогияб анатомиялъул кружоказде. Гьенив ругьунлъана гIиси-бикъинал операциял гьаризе. Эркенаб заманалда хьвадулаан кьурабалъе хариялъул кружоказде. ГIахьаллъана республикаялда тIоритIарал къецазда, росана цересел бакIал. Гьесул зачеталъулаб книжкаялда рукIана киналго щуйилалги философиялъе ккараб цо лъабил къиматги.

«ЦIакъ гIамал мекъав жу­гьутIав вукIана философиялъул преподаватель. Гьес дун виччачIо цIидасан экзамен кьезе», - ян бицана гьес, лъабил ккеялъе гIилла рехсолаго.

Бергьенлъиялда цIали лъугIарав МухIамад хIалтIизе витIана Брянск шагьаралъул больницаялде терапевтлъун.

«Дол соназда Россиялдаго цIар ун букIана Дагъмед­­ин­сти­­туталъул, гъираялда хIал­тIудеги росулаан гьеб лъугIарал нилъер тохтурзаби», - ян бицана МухIамадица.

Гьесул бугеб камилаб лъай­ги, лъикIаб махщелги, унта­­раздехун бугеб гурхIел-рахI­муя­лъулаб бербалагьиги би­хьун, хIалтIизе бихьизабураб за­ман лъугIидал, Брянскиял­да­са нахъе виччалев вукIинчIо. Гьеб ахIвал-хIалги лъан, Зай­нул­гIабид вачIана васасда хадув, гIагараб Къелеб участкая­лъулаб больницаялда дуе хIал­тIизе бакI хIадурун бугин­ги абун. ВачIинахъего ХIай­булаев тIамуна гьеб больницаялъул заведующийлъун ва хIалтIана 33 соналъ. Гьел соназда жаниб МухIамадица гьениб цIакъ гIемераб хIалтIиги гьабуна. Масала, 90 проценталъ лъикIлъизабуна халатрахъарал унтаби ругел сах гьариялъул хIасил. Бажарана Къелеб участкаялъул росабазул гIадамазе нусго проценталъ диспансеризация гьабун. ХIалтIизе валагьана махщел камилав лъималазул тохтур, хIалтIизе риччана цаби-гIусазул ва физиотерапевтикияб кабинетал...

Жиндирго лъималазул масъалаби тIуразе ккеялдалъун, 1983 соналда МухIамадил хъизан гочана Буйнакскиялде, ва гьев хIалтIизе лъугьана шагьаралъул больницаялъул диагностикияб централъул тохтур-терапевт-консультантлъун. Гьенив хIалтIана 12 соналъ.

78 сон барав пенсионер ГIалиев Мухтарица хъван буго: «Тохтур ХӀайбулаев ккола жиндирго махщалил унго-унгояв устар. Дун цIакъ рази вуго гьес дир гьабураб тӀалабалдаса, сах гьавиялъул хIасилалдаса. Бокьун буго гьесие загьир гьабизе баркала. МухIамад ккола гIумруялда жанив дида дандчӀварав бищун лъикӀав тохтур. Дица киназдаго бицуна гьесул гIаданлъиялъул хIакъалъулъ», - ан.

Лагералда хIалтIизе МухIа­мад вачIана Шамил райбольницаялъул бетIерав тохтур Халилов Ибрагьимил гьариялда рекъон. Гьесие бокьун буго ХIайбулаев больницаялъул терапевтикияб отделениялъул заведующийлъун тIамизеги.

Жакъа больницабазде ра­чIунел гIолохъанал тохтурза­ба­зул хIакъалъулъ бицуна­го­, МухIамадица абуна: «ГIо­­ло­хъанал тохтурзабазул лъай-­махщелги унтараздехун бу­геб бербалагьиги буго за­гIи­паб ва тIаса-масагояб. Гьезул гIемерисел хIинкъулел ру­го унтараздаса. Гьезда «лъа­ларо» чияр унти абураб жо букӀунареблъи. ХIалтIул хIа­л­бихьи бугел тохтурзабаз хадур рехъерхъизе ккола гьел», - ан.

Дуца кинаб гIакълуха кьолеб гьанжего гьанже хIалтIуде лъугьунев гIолохъанав тохтурасеян абураб суалалъе, ХIайбулаевас кьуна гьадинаб жаваб.

- ТIоцебесеб иргаялда, мед­институталда цIализе кко­ла лъикIал къиматазда. ХIал­тIу­лагоги, щибаб къоялъ цIализе, гIелму тIалаб гьабизе ккола. Лъазабизе ккола цIиябщинаб. Жакъа гьелъие ресалги руго. Унтараздехун букIине ккола гӀаданлъиялъулаб, гIагарал чагIазде гIадаб бербалагьи», - ян.

Бащдаб гӀасруялъул медицинаялъул хIалтIул хӀалбихьиги бугев МухIамадица абула, медицинаялда рукӀине бегьуларила тохлъукьего гьенире ккарал, гIарцул гурони мацI лъаларел чагӀи. Медицинаялда хӀалтӀизе кколила цогидазе кумек гьабизе гъира бугел ва щибаб нухалъ унтарасе пайдаялъе жидерго рекIел хинлъиги кьун, хIалтIулел чагIи.

- МухIамад, терапевт хӀиса­бал­да, сахлъи цӀуниялде ахIия­лъул мурадалда, дуца щиб малъилеб цӀалдолезда?

- Лъим гьекъе бокьанагIан. Кванай батӀи-батӀиял нигӀма­тал. Квен чIаме тIадчIун. Чер­халъе кье «гIакъуба». ЦIу­не рацIцIалъи. Кьижа гIорцIизе­гIан. НахътIамун тоге медицинаялъул халгьабиял. Санайил гьабе прививка. ТIадчIараб халкквей гьабе тIаса унарел унтабазда хадуб. Нервабазе гIадлу кьун, гIодоре риччан чIа. Релъа-рохун, аваданлъиялда рукIа.

Абула тохтурзаби лъабго тайпаялде рикьулин: «Аллагьасго гьунар кьурав тохтур», «Аллагь цадахъ вугев тохтур» ва «Аллагьас жиндаса цIунаяв тохтур». ХIайбулаев МухIамадин абуни ккола, Аллагьасго тохтурлъиялъе камилаб гьунарги кьун, кIодо гьавурав ва, хӀинкъи гьечӀого, бокьарав чиясул сахлъи жинда божилъи гьабизе бегьулев чи.

МухIамадил буго гIадилаб, цоцалъ рекъараб ва захIмат бокьулеб хъизан. Гьесул кIияйго яс – Мариян ва ПатIимат ккола медсестраби. Вас МахIмуд хIалтIулев вуго «Хъиргъу» дармил централда.

Нури Нуриев