ГIадамал «урхъараб» махъадерил кьо
Исанасеб сон сундалъун ракIалда чIарабин лъагIалил ахиралда гьикъани, дица абила чвахунцIадаздалъунги нухаздалъунгийилан».
Гьедин хъван букIана дица гьалдаса кIиго моцIалъ цебе, июлалъул авалалда рарал чвахунцIадаздаса хадуб магIарухъ киса-кирего нухалги чIунтун, иххалги щун, балагь-базар байбихьараб мехалъ. Гьанже дица тIаде жубалаан: бищунго ракIалда чIанин БагIараб кьода сверухъ букIараб гIалагъважаялдалъунилан абун.

Магистралияб кьо
Хьаргабибеги Унсоколобеги нух бикьуда бугеб, АваргIорги КъаралгIорги - кIиябго жубалеб бакIалда тIасан лъураб БагIараб кьодухъан хьвадула магIарулазул ункъо районалде (Хунзахъ, Шамил, ЛъаратIа, ЦIунтIа ва БежтIа участок) гIадамал. Чанго муниципалитеталъе кIвар бугеб, республикаялъулго даражаялъул магистралияб шагьранух жинца цолъизабулеб, гьелъул щекъерилан абизе бегьула гьеб кьоялде. Гьеб кьодуе жагъаллъи ккаралдаса чанго моцI буго. Гьелъул гIемераб бицана, хъвана, гьоркьоб лъуна, цоцазухъе суратал рехана.
Жагъаллъи ккараб бакIалде тIаде нухги бахъун, къачIалеб букIараб кьо тIубанго тIатIала ккана араб анкьил ахиралда рарал цIадаздаса хадуб.
Гьебго къоялъ БагIараб кьодухъе щвана республикаялъул Транспорталъул министерствоялъул ва «Дагъистанавтодор» ГКУялъул вакилзабиги. Кьодул халги гьабун, гьез абуна, гIурул лъим дагьаб гIодобе ккарабго, цIадалги къотIарабго, кьо къачIазе байбихьизе бугин. Нахъисел къоязго гьез хIалтIуда кверги бана.
«Дагъистанавтодоралъ» баян кьолеб буго гьабулеб хIалтIул. Гьез бицунелда рекъон, гьабсагIат гьенибе рехун буго борлъарулеб техника. Кьодул сакI букIараб бакIалде бакъвараб ракь бан, гьелда гъоркь бакIги къачIана, цIиял щулалъаби гьариялда тIад хIалтIулел руго гьабсагIат гIадамалги. Кьода тIад рукIарал чIахIиял маххул къанал нахъе росиялде тIаделъун ругин хIалтIухъабиян хъвалеб буго гьезул каналалда.
БагIараб кьо хех гьабун къачIаялъул иш Фёдор Щукиница жиндирго хасаб бербалагьиялде гъоркье босун бугин лъазабуна ХIукуматалъул нухмалъулев МухIамад Рамазановас.
ГьанжегIаги рорчIарал лъикIин
БагIараб кьода хурхун «ХIакъикъат» газеталдасан гьадинаб хитIаб гьабуна республикаялъул ЖамгIияб Палатаялъул нухмалъулев, тарихиял гIелмабазул кандидат ГIамирхан МухIамаддадаевасги. ГIамирхан ккола Хьаргаби районалъул Могьохъ росулъа. Гьединлъидал лъидасаго лъикI лъала гьесда магIарулазе кьодул бугеб кIваралъулги, гьеб къачIан бахъинчIони, гIадамазе букIине бугеб квал-квалалъулги.
БагIараб кьоялде кидаго абулаан махъадерил кьоян абун, хIатта ЦIадаса ХIамзатил кочIолъцин рехсон буго гьеб, гьесул асарал цIаларал чагIазда ракIалда батила.
Дие бокьун буго чанго рагIи абизе жакъа гьеб кьоялда хурхун. ХIакъикъаталдаги лъикIаб хабар буго гьанжегIаги гьеб кьо къачIазе байбихьанин абураб, республикаялъул нухмалъиялъ тIаса квер босичIого гьелде кIвар кьей. Амма дирги, дирго гIадин, цогидазулги суал бачIунеб бугоха, гьанжелъизегIан щиб гIилла букIун гьеб гьедин тун букIараб, хехал тадбиралги гьарун, бегьулеб букIинчIищ гьеб кьо дагьабги хехго къачIан бахъинабизе.
Щуго-анлъгониги районалде гIадамал хьвадулеб кьо буго гьеб. ГIемерав чиясе квалквал буго жакъа шагьаралде-нахъе иналъул. Цоял сверизе кколел руго Хьаргабисан, Дарада-Мурадасан. Дарадасан бугеб нухин абуни, нилъеда лъала, гьеб буго рохьосан, риидалгицин бакъ щолареб бакI. Хасало гьенисан хьвадизе цIакъго хIинкъи цIикIкIараб хIал букIине буго.
Гьеб гуребги, жидеего дагьабниги бигьаго букIине, кIиябго рахъалда машинабиги тун, санагIат гьабулеб буго гIадамаз шагьаралде-нахъе хьвадизе. Амма гьелъулги буго цоги хIинкъи: кьодул кIиябго рахъалда ругел машинаби гIемерлъани, хIинкъи буго цIадал хIаллъарабго къед биххун бачIиналда, нухде гьарчал гирун рачIиналда. Гьебмехалъги дагьав чиясе гуро зарал ккезе бугеб.
Гьединлъидал, махъадерил жамагIаталъулги, Хьаргаби районалъул ва гьединго республикаялъул ЖамгIияб палатаялъулги рахъалдаса гьадинаб гьари буго кьода хIалтIулел чагIазде: бегьулеб батани, дагьал хехал тадбиралги гьарун, кьинги тIаде щвелалде гьарулел хIалтIаби гIедегIинареян. Гьединго гьари буго гьабулеб хIалтIиги тIаса-масаго гьабичIого, ракI батун гьабейин. Воре, гьабулеб иш нахъе бахъун тоге! - ян абулеб буго ГI. МухIамаддадаевас.
P.S. Редакциялъул рахъалдасан:
Нижерги тIокIаб тIадежубазе калам гьечIо гьаб хитIабалдаса хадуб. Киназего гIун, гIакълу камилав чиясда бичIчIулеб хIалалъ абулеб буго гьениб ГIамирханица. «ЯхI бугеб чое цо цIал, яхI бугев чиясе цо рагIи гIолилан умумузул абиги бугелъул, хьул буго гьаб хитIабалъе кьодухъ хIалтIулел чагIи гIинкъаллъун хутIиларин, гьабулеб ишги гьез дунял цIоролелде рагIалде бахъинабилин. Ва гIемер кватIичIого, нилъги парахат махъадерил БагIараб кьодасан дурдуриялда магIарухъеги нахъеги хьвадилел рукIинин абун. Аллагьас лъикIаб хъван батаги гьанже. БагIараб кьодухъан хабаралги лъикIал рагIаги.
Ашахан ЮСУПОВ