Гьал къоязда Украинаялъул нухмалъулез кIодо гьабуна Украина жибго жиндаго чIараб пачалихълъун лъугьаралдаса 34 сон тIубаялъул байрам.

Лъиениги балъгояб жо гуро, Украинаялъул кинаб бугониги суалалда хурхун жибго жиндаго чIун хIукму къотIизе рес цебегоялдаса гьечIолъи.

Гьеб буго Киевалъул хIакъикъиял бетIергьабилъун кколел бакътIерхьул улкабазул нухмалъулезда щулаго бухьараб ихтияр. Гьезда гьоркьоб бикьун, бичун, талавур гьабун буго ракьалдаса байбихьун, кинабго гьелъул буголъи. Гьединлъидал хасго рагъул, ракълил суалал тIураялда жаниб гьеб улкаялъулгун гара-чIвари гьаби ккола гIададисеб иш. Гьелъие нугIлъи гьабулеб буго хасаб рагъул операция унел соназда дипломатиялъул нухда гьелъул кинаб бугониги чIараб-хьараб рагIи ялъуни пикру гьечIолъиялъ. Щайгурелъул хIукму къотIулел бетIергьаби батIиял ругелъул.

Гьелда тIад кверщел гьабулезул сияхIалъул цебесеб кьерда буго Англия. Рагъ къотIизе течIого, халатбахъинабиги, лъалеб букIахъе, Украинаялъул гуреб, дол соназда Великобританиялъул вукIарав премьер-министр Борис Джонсонил пикру букIана.

Амма гьедин бугониги, Украина, эркенлъи щун, жибго жиндаго чIараб улкалъун лъазаби кIодо гьабула щибаб соналда.

Гьеб буго 1991 соналъул 24 августалда Украинаялъул Верховная Радаялъ жибго жиндаго чIараб пачалихъ бугин нилъерилан абураб акт къабул гьабуралдаса байбихьун бижараб байрам.

Амма, абизе ккараб буго, Украина жибго жиндаго чIеялъул тарих киданиги букIинчIо халкъияб байрамлъун ва жалго украинаялъулаз кIудияб пикру буссинабулеб лъугьа-бахъинлъун. Гьеб букIана СССРалда, гьебго соналъул августалда букIараб пухъу-рухъиялъул хIасилалда бижараб хIукму. Гьелда рекъон Украина ккола «эркенаб, лъиданиги бачIеб демократияб» пачалихълъун. Гьеб къуваталде лъугьана тIолгоукраинаялъул халкъалъул декабралда тIобитIараб референдумалъ рехсараб хIукму ритIухъ гьабидал.

ТIоцебе гьеб байрам кIодо гьабулаан 16 июлалда, ай 1990 соналда пачалихъ жибго жиндаго чIеялъул хIакъалъулъ Декларация къабул гьабураб заманалда хурхинабун. Амма, 1992 соналда Верховная Радаялъ хIукму гьабуна гьеб байрам 24 августалде бахъизе.

Гъваридго халгьабуни, гьеб байрам ккола Украинаялъул жиндирго араб талихIаб ва роцIараб тарихалдаса эркенлъи ва бандеразул фашистияб къокъа кIодо гьаби.

Кидаго гьеб байрамалда хурхун гьарулел тадбирзда гIахьаллъи гьабулаан бакътIерхьул пачалихъазул бутIруз. Амма гьаб нухалда Киевалде гьоболлъухъ щвечIо бищунго къиматаллъун рикIкIунел, Зеленскиясде гIагарал Америкаялъул «переговорщикал» Стивен Уиткофф и Джаред Кушнер. Гьел рачIиналъухъ балагьун рукIана кIудияб лъугьа-бахъиналъухъ гIадин. «КIвар бугел ишазде машгъуллъун» гьениве вачIине рес ккечIо Украинаялъул «фюрерасул» гьудул Эммануэл Макронилги. Французаз хохолазул сухIматалде витIичIо хIатта къватIисел ишазул министргицин.

ВачIинилан моцIалъ цебеккун мухIканго рагIи кьун вукIарав Германиялъул канцлер Йозеф Мерцги, «вачIине санагIалъи ккечIого», рокъовго чIана.

Украинаялъул букIинесеб лъикIаб гьечIолъи бихьараб гIадин, «гьудулзабаз» «хIакъикъиял» гIиллабиги рачун, хIалбихьана тохлъи гIурал бутIрул цIунизе. Гьелъ бихьизабулеб буго «лъикIал гьудулзабаз» гIорцIизего гIорцIулареб Украинаялдехун дагь-дагьккун мугъ рехулеб букIин.

 Гьединлъидал, аслиял гьалбаллъун «эркенлъиялъул» байрамалда рукIана Дания, Эстония, Финляндия, Латвия ва Норвегия гIадал «чIахIиял» улкабазул нухмалъулел.

 Украина жибго жиндаго чIараб пачалихълъун лъазабуралдаса 34 сон тIубаялда хурхун хасго кIудияб бакI кколел тадбирал тIоритIун, улкаяльул къимат борхизабизе кигIан кIудияб къасд гьабун, бихьулеб хIасил ккечIолъиялдаса рази гьечIониги, Зеленскияс гьалбадерида гьоркьоб хIаракат бахъулеб букIана хIал лъазабичIого чIезе ва сухIмат берцин гьабизе.

 Амма Украинаялда бихьинал армиялде ахIиялъул ригь 25-ялдаса 23 соналде бачиналъул, руччаби рагъде рачиналъул, 150-200 азарго чи «жидеего бокьун» рагъде ине хIажат букIиналъул хIакъалъулъ бицунеб хабаралъ бихьизабулеб букIана гьеб байрам рохел гьечIеб букIин. Гьелде тIадеги щулияб къотIи гьабун, Украинаялъе бакътIерхьулаз кьезе букIараб 90 млрд долларалъулги хIакъикъаталда щолеб къадар дагьаб буго. Гьелъ Зеленский тIамулев вуго, дунял сверун, жиндаго ругьунаб гьардухъанлъи гьабизе. Амма, кигIан хIаракат бахъаниги, гьелъул хIасил ккунгутIи хIакъаб буго.

З. Ильясов