Расул ХӀамзатовас хъвана: «Метер магӀарул мацӀ хвезе батани, хваги дун жакъаго, жаниб ракӀ кьвагьун», - абун. Россиялда къанагIатги ватиларо гьел рагӀаби рагIичIев чиги. Улкаялъул цӀияб байрам кӀодо гьабиялъулъ гӀахьаллъизе рес щвана диеги. РакӀалдаго гьечӀого, исанаги щвана дун Дагъистаналде, тӀолгороссиялъулаб кӀвар бугел маданиялгун тарихиял лъугьа-бахъинал тӀоритӀулеб мехалда. Байбихьана «ХъахӀал къункърабазул къоял» – Расул ХӀамзатовас кьучӀ лъураб ва исана 40-абилеб нухалда кӀодо гьабураб халкъазда гьоркьосеб байрам.


2025 соналъул 4 ноябралда РФялъул президент Владимир Путиница гъулбасараб указалда рекъон, Расул ХIамзатов гьавураб къо лъазабуна Россия­лъул халкъазул мацӀазул къолъун. Гьелдаса чӀухӀизеги рохизеги рес щвана дагъистаниязе. Буго гье­лъие кьучӀаб далилги: Дагъистаналъул халкъал кӀалъала чанго батIияб мацӀалда.

ГьабсагӀаталда кӀудияб хӀинкъи буго дагъистаниязул мацӀал тӀагӀиналъул. Гьел цӀунизе ккола! Гьеб тӀалаб гьабулеб букIана Р. ХӀамзатовасги. КӀудияб гӀелалъул дагъистаниязул цӀакъ рахӀат хвезабун буго гӀолилазда рахьдал мацӀ лъангутӀиялъ. Пачалихъияб даражаялда миллиял мацӀал цӀуни буго цӀияб байрамкъо лъазабиялъул аслияб мурадги.

Тадбирал рукӀана цӀакъ гӀемер! Кирего щвезе бажарулеб хӀалги букӀинчӀо! Рехселин цо-цоял: Россиялъул халкъазул мацӀазда кучӀдул цӀали, «Журавли памяти и надежды» абураб дандеруссин, Рахьдал мацӀазул къоялде хӀадурараб Гала-концерт, Расул ХӀамзатовасул хабада тӀугьдул лъей, Поэзиялъул театралда «Расул ХӀамзатовасул къункъраби» абураб выставка (гьелда гӀахьаллъана шагӀирасул яс СалихӀат ХӀамзатоваги), «В поисках Расула» абураб RT телеканалалъ бахъараб документалияб фильм бихьизаби ва гь.ц.


Нилъ – цадахъ!

Россиялъул халкъазул форум-фестивалалъул аслияб тадбир букӀана «Дир хъизан - Россия» абураб парадги гала-концертги. Гьеб гӀуцӀана ДРялъул Культураялъул министерствоялъги Республикаялъул халкъияб гьунаралъул рукъалъги. Гала-концерт тӀобитӀана ГӀурус театралда цебе, Расул ХӀамзатовасул памятникалда цебе. «Нилъ – цадахъ!» абураб ахӀиялда гъоркь тӀобитӀараб гьелда гӀахьаллъана Россиялъул батӀи-батӀиял регионаздаса гьунарчагӀи. Гьеб лъугьана кӀочонареб, кӀудияб ватӀаналъе цокӀалго гимн ахӀулеб, рекӀее хӀикматаб асар гьабулеб тадбирлъун. Берцинаб миллияб партал ретӀарал артистал, оркестралъул зваргъи, парпадулел байрахъал, кодор тӀугьдулгун балагьизе рачӀарал гӀадамал, сценаялдаса нахъе рачине кӀоларел лъимал – гьединаб хӀикматаб хӀал букӀана тадбиралда. Ва батӀи-батӀиял мацӀазда рикӀкӀунел Расулил кучӀдул.

Фестивалалъул букӀана гӀатӀидаб программа. Инсан хӀайран гьавулел бакъназда кучӀдул ахӀана ва кьурдана Дагъистаналдаса, Северияб Осетиялдаса, Чувашиялдаса, Удмуртиялдаса, Башкортостаналдаса, Марий Элалдаса, Чачаналдаса, Воронеж, Архангельск, Астрахань областаздасагун Ставрополь краялдаса гьунарчагӀазул къокъаби. Саха-Якутиялъул халкъияв артист Дмитрий Артемьевас ахӀана умумузул къагӀидаялъ кечӀ, миллияб инструменталда бакъанги бачунаго.

Байбихьуда букӀана парад: театралда цересанги рилълъун, кодор регионазул байрахъалгун болъабазда кьерал гьаруна щибаб регионалъул вакилзабазги Дагъистаналъул ансамблязги. ДРялъул халкъияв артист Адил Уцумиевас байбихьана «Россия – дунялалъул ракӀ» абураб кечӀ ахӀизе – гьесда цадахъго гьеб ахӀана тадбиралде вачӀарав щивав чиясги. Гьелдаса хадуб МахӀачхъала шагьаралъул лъималазул цолъизабураб хоралъ ахӀана «Солнечный круг» абураб кечӀ. Дагъистаниязул церерахъиналъе ахир лъуна «Карачел» абураб гӀурус кочӀол халкъияб ансамблялъ – гьез ахӀана «ВатӀан» абураб Расулил рагӀабазда кечӀ. Щибаб кечӀ цадахъ ахӀулелги кьурдулелги рукӀана гӀадамал – гьединаб букӀана гьарзаяб рохелалъ цӀурал ракӀазул ахӀи.

Къункъраби: кечI-реквием ва Гъуниб бугеб памятник

ИчӀабилеб сентябралда лъабго бакӀалде сапар гьабуна хъвадарухъабазгун шагӀирзабаз: цоял ана Хунзахъе, цогидал – Гъунире ва лъаб­абилел – Дербенталде. Мурад букӀана Расулил цӀаралда хурхарал бакӀазде щвей. Гьенире ине бокьарал гӀемер рукӀана. Хьулго букӀинчӀо автобусалда диеги бакӀ щвеялде. Дунги ячеян, машинаялдаса мащинаялде екерахъдилей йикӀана. Гъажалда бан букӀана дагьалъ цебе Сочиялда тӀобитӀараб «ТӀолабго Россия» абураб форумалъул игӀлан тӀад бугеб сумка. Гьебги бихьун, гьайги нилъер ишцояй йиго, ячине ккела цадахъанги абун, дун ахӀана цояб автобусалде. Ва диеги щвана Гъуние ине рес.

Дида аскӀор гӀодор чӀаралгун лъай-хъвай гьабуна. Цояв ватана Луганскиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул председатель Марк Некрасовский. ТӀадруссуда гьес нижее жиндирго кучӀдулги цӀалана. Цогидай йикӀана Дагъистаналдаса драматург Раисат Ибрагьимова. Дида дандритӀун рукӀана эбелги васги. Щуабилеб классалде вахъарав Даниял ватана унго-унгояв вундеркинд! ГӀемерал конкурсазда бергьенлъи щварав, гьайбатал маргьаби хъвалев ва Расулил гӀемерал кучӀдул рекӀехъе лъалев вас. Гьес гьел цӀалана «Къункърабазе» Гъуниб бараб памятникалда цереги.

Гъуниб нижее лъикӀаб дандчӀвай гьабуна. БакӀалъул артистаз бихьизабуна концертги.

Рилълъана «ХъахӀал къункърабазухъе». Гьеб рагьана 1986 соналда. Гьелда бикӀун буго «1340» абун – КӀудияб ВатӀанияб рагъде арал гъунисезул къадар бихьизабулеб тарих. Памятникалда цебе парпадулеб буго Даимаб цӀа. Гьелда цере Расулилги Расулиде гьаруралги кучӀдул цӀалана ва тӀобитӀана митинг. Гьелда гӀахьаллъана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель Марина АхӀмадова (Колюбакина), гьоболлъухъе рачӀарал хъвадарухъабигун шагӀирзаби (гьезда гьоркьов вукӀана СВОялъул гӀахьалчи, гӀурус шагӀир ва арт-критик Алексей Шороховги), бакӀалъул нухмалъиялъул вакилзаби ва гь.ц.

БакӀалъулал гьунарчагӀаздаго ца­дахъ жидерго махщел бихьизабу­на Астраханалъул халкъияб коллек­ти­валъул артистазги. Бицана Р. ХӀам­затовасул ва гьесул хъвадарухъанлъиялъул хӀакъалъулъги. Ахиралда 14 сон барал гъунисезул лъималазе кьуна Россиялъул паспортал.

Свакарал, амма бихьаралдасаги ни­жее гьабураб гьоболлъиялдасаги цӀакъ разиял ниж тӀадруссана Ма­хӀачхъалаялде.

Антонина Лаврик, Россиялъул Журналистазул союзалъул член

Суратал авторалъул. МахӀачхъала-Гъуниб-Дальнегорск