ШагIирасул кучIдузул гьелегьараб цIадухъе
ГьитIинаб Дагъистан, дун гIураб тIалъи,
Дунял данделъараб лъабго берцинлъи,
Лъабго дир хазина, лъабго дир рокьи,
Дур ракьалда вукIун, вуго дун чIухIун.
Р. ХIамзатов
ЦIидасанги тIадюссуней йиго Расулил асаразухъе. Зама-заманалдасан ракI щолеб буго гьесул шигIрабазул гъасде, гьениб бугеб хинлъиялъ каранде къалей анищан ккарабго, гIедегIула дун гьеб хIикматаб шигIрабазул улкаялде. ЦIидасанги рагьана хIалтIул столалда тIасаго нахъе росуларел гьесул тIахьазул цояб. Ва рагьарабго, берречIчIараб «Лъабго берцинлъи» абураб кечIалъ рекIелъ бикIана рохалил асар:
Бокьарал бокьахъе ралагье абе
Гьаб дуниялалъул берцинлъиялъухъ.
Дие гьениб буго гьитIинго лъараб,
Лъабго дир хазина, лъабго берцинлъи…
Гьунаралъул кьалбал мугIрузда тIирщарав ва тIегьарав шагIирасда бищунго аслияб берцинлъиги батана гьенибго – магIарухъ:
Гьезул тIоцебесеб – рорхатал мугIрул,-
Дун мехтизавула гIаздал тIогьаца.
Баркала гьетIарал дир сухъмахъазе,
Гьеб берцинлъи дие майилан кьурал…
Гьеле гьеб берцинлъи жиндирго кучIдузулъ кенчIезабуна шагIирас. Ва сонги, жакъаги, метерги – кидаго гьеб хутIана шагIирасул шигIрабазул аслулъун.
Сапаразде руссун руго дир санал,
Сверулев вуго дун гьаб дунялалда.
Амма кив кканиги, кидаго даим
Дида бихьула цIа дир инсул гъасда…
(«Дида бихьула цIа»)
Инсул гъасда бакараб цIаялъ цIунана шагIир къисматалъул сверабаздаги гIумруялъул сухъмахъаздаги. Гьеб цIаялъ цIунана гьев жахIда-хIусудалдасаги, хIилла-макруялдасаги, рекIкIал гьудулзабаздасаги…
Ругъун щвараб керен кколебщинахъе,
Дида бихьула цIа дир инсул гъасда…
Жакъа къацандана, къварилъахъдана –
Дида бихьана цIа дир инсул гъасда…
Инсул гъасда бакараб цIаялъ цIвабзазухъе щвезаруна шагIирасул асарал. Гьев тIадегIанлъана, тIадегIанал цIвабилъун гIадамал рикIкIиндал. КигIан борхатабги тIадегIанлъиялдаса гьесие кунчIун хутIана инсул гъасда бакараб цIа:
ЦIорорал мугIрузде вахунев вуго –
Дида бихьула цIа дир инсул гъасда.
НакIкIал, хьухьал хъвалхьун, воржунев вуго -
Дида бихьула цIа дир инсул гъасда…
Гьединаб буго шагIирасул инсул гъасда бакараб хIикматаб цIадул къуват.
Расулил кинал кучIдул цIаланиги, гьезулъ нилъеда батула хIасратаб рокьул гуч. Ва гьеб гучлъахъе хутIизе шагIирасе сангарлъун ккана инсул гъасда бакараб цIа:
- Гьеб цIа сун хадуса, свине вуго дун,
Дир сапар лъугIила, кучIдул къотIила…
Дие гIумру гьечIо, рагIулищ, эбел,
Дида бихьула цIа дир инсул гъасда…
Гьал мухъал цIалидал, щивасда ракIалде щола жиндирго умумузул цIадул хинлъи.
Гьеб хинлъиялъ жиндир кваркьидакь даим ругел нилъее квербакъула гIумруялъул гIазу-цIералъул цIоройгун къеркьезе.
ГIелаз гIелазухъе кьун, ирсалъ ирсалъухъе кьун, умумузул гъасда цIунун бугеб цIадухъ къойидаса къойиде цIикIкIун урхъула нилъ. Гьелъухъ гIашикълъараб урхъи нахъбуссинабун бажарулеб къуватги гьечIо. Гьеле гьелъулъ буго шагIирасул гIумрудул магIнаги, хадусел гIелазе нилъецаги цIунизе кколеб:
ГьитIинаб мехалъул рохалил канлъи,
Каранда гьалдолеб панаяб хинлъи
Гьанже лъималазе бакула дица…
Дида бихьула цIа дир инсул гъасда.
РекIелъе рохел рещтIинабуларищ, Расулил асаралгун цадахъ мугIрузде щведал. Гьаниб бижана шагIирасул тIоцебесеб кечI. ГIаздал мугIрузул тIогьазда тIавапги гьабун, боржунеб буго гьеб жакъаги гIадамазухъе:
Киналго лъаразул бусаби гьанир -
Гьекъела, ганчIазда наку чIван, иццал.
БитIахъе ботIрода тIад цIваби гьанир –
ЦIавуцIун квер бегье, кквезецин щвела…
ГIагарал мугIрузул берцинаб сипаталъ цIидасанги рачуна нилъ пикрабиги анищалги гьалдолел гIолохъанлъиялъул ва лъимерлъиялъул расалъиялде. РекIел хIал бохизабуларищ гьал мухъал цIалидалги:
Гьаниб нодо бакьулъ гага речIчIунищ –
РитIучIазда гъутIби раккулел руго.
Гьанив магIарулав, цида къвалги бан,
Цциналда малги бан, сверулев вуго…
Гьанир дур гъуждузда цIумал рещтIуна,
Дуца чагъана хъван, чундул кьурдула…
(«Гьанир мугIрузда»)
РекIелъе рачIарал рохалилал пикрабазулгун къо-мехги лъикI гьабун, дун цIидасанги щвана кидаго дир беразда бихьулеб кIудияв шагIирасул пашманаб сипаталъухъе. Дир Расул. Лъаларо щаяли – амма дие шагIир хутIулев вуго пашманаб сипаталъул инсанлъун. ШагIирасул гьединаб сипаталда аскIоб рахIатги букIана дие… - 1000 къункъра къотIулей гьитIинай японияйги, Хиросимаги, Нагасакиги, Россиялъул солдаталги, ХъахIал къункърабазул халатаб тIелги, руччабазул чIинкIиллъиги…
Гьеб киналдего тIадеги:
… Амма букIаниги, дунял хисунищ,
Дир хирияй эбел, унтун буго ракI.
Гьанже гьудулзаби ратIа гьаризе,
БетIер чанго нухалъ бекизе ккола…
Гьединго лъаларо. Лъица щив, унго,
Иргаялда гъоркье рехулев вугев?
Бадир гьимгьидула, дида лъачIого,
РечIчIулеб батула мугъзалъ, гъванщида…
(«Эбел, дуца щиб жо гьалда абилеб?»)
Гьадинав вуго дир Расул. Даим пашманабго хутIизеги буго дие гьесул сипат. Амма лъалароха щаяли. КигIан ургъананиги, гьечIо гьелъие жаваб.
Рес гьечIо гьунаралда аскIоб жахIда эхетичIого. Амма кIудияв шагIирасул борхалъиялдеги шигIрабазул тIогьаздеги харизе кIвечIо гьелда.
КигIан тамихI бугеб, такъсир цIехечIеб,
Тохлъукье рукъалда гъураб цIа гIадаб.
Гъаримаб чан буго рохьоб свердулеб,-
СихIирав чанахъан вуго валагьун.
Маккал рещтIун руго магъилъе, гIурда,-
ГIаздалъ гьинал руго, гьезда лъаларел…
Чанахъанлъунги чи, чанлъунги гIадан,
ГIадан миккилъунги, гIадан гьинлъунги…
Регана тIехьалъул ахирисел тIанчал. Къо-мех лъикI гьабулеб буго кIудияв шагIирасулгун, дурго Расулилгун, жеги чанго нухалда тIадюссун ячIине хьулгу.
Шамай Хъазанбиева