Исана 85 сон тӀубана машгьурав тохтур, медицинаялъул гӀелмабазул кандидат, Дагъистаналъул культураялъул мустахӀикъав хӀаракатчи МухӀамад ГӀабдулхабиров гьавуралдаса.
Гьайбатаб студентлъи
МухӀамад гьавуна 1941 соналда ЦӀумада районалъул Гъоркь Гьаквари росулъ. Гьес лъугӀизабуна Агъвали росдал школа. «Агъвали росдал школалъул тарихалда дир цӀар хъвана тӀокӀлъиялда гьеб лъугӀизабураб тӀоцевесев цӀалдохъан хӀисабалда. Гьелдалъун рес щвана бокьараб институталде, экзаменалги кьечӀого, цӀализе лъугьине. Амма МахӀачхъалаялде ине дир гӀарац букӀинчӀо: дун вукӀана бесдал лъимер. Дун витӀана Гьигьалъ росдал анкьгосонилаб школалда байбихьул классазул учительлъун хӀалтӀизе», — ян ракӀалдещвезабуна М. ГӀабдулхабировас.
Гьев хӀалтӀулаан, жинца гьабулеб ишалъул кӀудияб жавабчилъи букӀинги бичӀчӀун. Лъай букӀине кколеблъиги лъан, гьев лъугьана ДГУялде заочно цӀализе. ТӀаса бищана химиялъулгун биологиялъул факультет. Цо нухалда цадахъ хӀалтӀулел гӀурус учительзабаз МухӀамадида абуна: «Пенсионер гӀадин заочно щай мун цӀалулев? Очно цӀализе а, дуда бихьила студентазул гӀумруялъул гьайбатлъи!» — ян. Гьесги малъараб гьабуна ва ана мединституталде. Гьенибги загьирлъана ГӀабдулхабировасул жавабчилъиги жигарги.
Мединституталда цӀалун вахъиндал, жиндиего бокьун, МухӀамад ана Владимир областалде тохтурлъун хӀалтӀизе. «ГӀурус учительзабаз кантӀизавуна дун студентасул гӀумруялъул хӀалбихьизе. Дие гьабураб лъикIлъиялъухъ дицаги лъикӀлъи гьабизе ккола – гьедин куцана дун. Дагъистаналъул мугӀрузул росабалъе хӀалтӀизе рачӀарал гӀурус учительзабазеги тохтурзабазеги баркала хӀисабалда тӀаса бищана гӀурус халкъалъе медицинаялъулаб кумек гьаби. ЗахӀматаб хӀалалъухъги, гӀумру гьабиялъе шартӀал гьечӀолъиялъухъги балагьичӀого, мугӀрузулаб улкаялъе кумекалъе рахъарал гьезул бахӀарчияб иш нилъеда киданиги кӀочене бегьуларо», — ян бицана МухӀамадица.
ЦӀараб болжалалда Владимир областалдаги хӀалтӀун, М. ГӀабдулхабиров тӀадвуссана Дагъистаналде. ХӀалтӀана ЦӀумада райбольницаялда цин хирурглъун, хадув — бетӀерав тохтурасул заместительлъун. КватӀичӀого ана Москваялъул кӀиабилеб мединституталъул травматологиялъулгун ортопедиялъул ва рагъулабгун авлахъалъулаб хирургиялъул кафедраялъул аспирантураялде цӀализе ва 1971 соналда цӀунана медицинаялъул гӀелмабазул кандидатлъиялъе диссертация. Москваялда гӀумру гьабизе ракӀалда букӀинчӀо гьесда. Амма къисматалъ гьесул кӀиабилеб ватӀанлъунги гӀумрудул гьулаклъунги насиб гьабун батана нилъер кӀудияб улкаялъул тахшагьар. 1996 соналдаса нахъе хӀалтӀулев вуго Россиялъул халкъазул гьудуллъиялъул университеталда (РУДН), травматологиялъул ва ортопедиялъул кафедраялда доцентлъун. ГӀемерал соназ вукӀана гьев рехсараб факультеталъул ГӀелмияб советалъул членлъунги, Сириялда ва Турциялда ругел «Аль-Салям» абураб госпиталалъул гӀакълучилъунги.
МухӀамад ГӀабдулхабировас хъвана хирургиялъулги, травматологиялъулги ва ортопедиялъулги, гьединго медицинаялъул тарихалъулги хӀакъалъулъ бицунеб лъабнусгоялдаса цӀикӀкӀун гӀелмияб макъала. Гьес ургъана хирургасул хӀалтӀи бигьалъизабулеб ва унтарасе пайдаяб 17 цӀияб къагӀида, загьир гьабуна хӀалтӀуе санагӀатаб 60 пикру. Гьединал цӀирагьиязухъ МухӀамад мустахӀикълъана «Россиялда травматология цебетӀезабиялъулъ лъураб бутӀаялъухъ» абураб дипломалъе.
М. ГӀабдулхабиров гӀахьаллъула Россиялъулги халкъазда гьоркьоселги гӀелмиял дандеруссиназда, симпозиумазда ва гьенив кӀалъазе вахъуна, инсанасул мугъзагьодалъулги цогидалги унтаби сах гьариялъул къагӀидабазул хӀакъалъулъ бицун.
ГIалимчиясул жамгIияб хIаракат
ГӀалимчи, преподаватель, тохтур – кин гьесул заман гӀолеб жамгӀиял ишазулъ гӀахьаллъизеян гӀемер пикру гьабула дица. Щайгурелъул щибаб соналъул риидал гьев вачӀуна Дагъистаналде, щола унтаразухъе, бесдалазухъе, туснахъалда ругезухъе, гӀахьаллъула адабияталъулги маданияталъулги тадбиразда ва жинцагоги гӀуцӀула гьел. ХӀисаб гьабеха, МухӀамад ккола «Бесдалал гьечӀеб Дагъистан» абураб жамгӀияб хӀаракаталъул учредитель. Гьес чӀезаруна «Бакъ» абураб лъималазул ва «ТӀадруссин» абураб чӀахӀиязул литературиял премиял. Гьес гӀуцӀана «ГӀумруялъул этика» абураб халкъазда гьоркьосеб клуб, рагьана «Дагъистаналъул мугӀрул хириязул жамгӀият» ва «Москваялъулгун Дагъистаналъул медиказул ассоциация». Гьелгощинал гӀуцӀаби рагьун гӀоларо – гьезда хадуб халкквезеги, гьел хӀалтӀизаризеги ккола. Ахирал соназда ЦӀумада районалда гьес тӀоритӀана республикаялъулго кӀваралъул тадбирал – рагьана КӀудияб ВатӀанияб рагъул гӀахьалчагӀазул хӀурматалда гӀуцӀараб мемориал. Гьелъие щибаб магӀарул росулъа гьес бачӀинабуна рагъул гӀахьалчагӀазул цӀарал тӀад хъвараб гамачӀ. Бана магӀарул мацӀалъул алфавиталъе памятник. ЦӀумада районалъул мугӀрузул цо тӀогьалда лъуна Расул ХӀамзатовасул цӀар. Гъуниб районалъул СалтӀа росулъ бана машгьурав хирург Николай Пироговасе памятник, Кавказалъул рагъул заманалда гьенив хӀалтӀулев вукӀарав тохтурасул 200-сонилаб юбилеялде. ХӀадурула басмаялде рахъизе тӀахьал. МухӀамад ккола «Жизнь оставляю вам…» абураб документалияб фильмалъул сценариялъул авторги. Гьеб бахъана, Белоруссиялдасаги ячӀун, ЦӀумада районалда хӀалтӀулей йикӀарай медсестра Ася Денисонкол хӀакъалъулъ. ГӀумруялъе хӀинкъи бугел сухъмахъаздасан машинадул нух гьечӀеб Хушет росулъе унтарасухъе унаго, кьурсаги йортун, хвана Ася. Амма гьей цӀумадисезда жеги кӀочон гьечӀо. МухӀамадица хӀаракат гьабуна гьелъул цӀар даимлъизабизе.
ГӀемераб хӀалтӀи гьабулеб буго гьев хӀалхьи лъаларев ва кутакалда ватӀан хирияв инсанас. Бищунго цӀикӀкӀараб кӀваралъул ишлъун дица тола Москваялда, МухӀамадил хӀаракаталдалъун, «Дагъистан» абураб маданияталъул центр рагьи. Чамалиго соналъ гьелъие нухмалъиги гьабуна гьес. «Дагъистаналъул маданияб центр рагьизе дун кантӀизавуна балагьаб лъугьа-бахъиналъ. КӀудияб гӀелалда ракӀалда батила, ракьбагъариялъул хӀасилалда Армениялъул Спитак шагьаралде бачӀун букӀараб балагь. Гьеб заманалда дида бихьана дунялалъулго эрмениязул цолъиялъул къуват. Доб заманалда Москваялда букӀинчӀо, къварилъи ккани, кумек гьарун ине бегьулеб нилъер ракьцоязул гӀуцӀи. «Нагагь Дагъистаналда гьединаб балагь ккани, гьелъие кумек гьабиялъул иш лъица гӀуцӀизе бугеб Москваялда?» — абураб пикруялъ рахӀатхун вукӀана. Гьелде тӀадеги, бокьун букӀана Москваялда ругел дагъистаниязда гьоркьоб бухьен щулалъизабизеги. Гьедин, 1989 соналъул 11 февралалда Москваялда рагьана Дагъистаналъул маданияб центр.
Гьеб букӀана Совет Союзалъул тарихалда рагьараб тӀоцебесеб миллияб маданияб центр. Дие кумек гьабуна Москва шагьаралъул компартиялъул комитеталъги Москва шагьаралъул советалъги. Нижер уставалъул кьучӀалда хадурккун хъвана цогидал миллатазул маданиял центразул уставал. КӀудияб хӀалтӀи гьабулаан нижеца!
Дир гьариялда рекъон, Москваялъул мэр Юрий Лужковас рагьана Дагъистаналъул тарихги, маданиятги, мацӀалги малъулеб гьатӀанкъоялъулаб школаги. Учительзабазе лъикӀаб харжги кьолеб букӀана Москваялъул хӀукуматалъ. Россиялда гӀадинаб, халкъазул маданияталде гьединаб пачалихъияб бербалагьи цониги улкаялда гьечӀо – гьеб кӀочене бегьуларо нилъеда», — ян бицана М. ГӀабдулхабировас.
ЛъикIлъи бекье ракьалда
ТӀоцебесеб нухалда дида МухӀамад вихьана «ХӀакъикъаталъул» редакциялда. Гьоболлъухъе вачӀарав гьесулгун гара-чӀвари гьабуна ва жеги кӀочонаро гьес бицараб гьадинаб хабар: «Мединституталда цӀалулаго, дун ана Шамил районалъул Гьидалъе – кутакалда бокьун букӀана нилъер халкъалъул гвангъараб цӀвалъун кколев генерал-полковник МухӀамад Танкаевасул ватӀан бихьизе. Щвана гьесул рокъове, гьений ятана гьесул яц ПатӀимат. Гьелъ кӀудияб адабалда гьоболлъи гьабуна дие. Дун нухарегӀулаго, гьелъ дие кьуна 10 гъурущ. Бесдаллъуда гӀурав ресукъав студентасе гьеб букӀана цӀакъ кӀудияб сайгъат! Гьеб буго нилъер умумузул гӀаданлъиялъул, сахаватлъиялъул, инсан вокьиялъул игӀлан. Гьеб лъугьа-бахъиналъ дун кантӀизавуна гӀаданлъи цӀунизе, дихъа бажарараб кумек цогидазе гьабизе. ЛъикӀлъи гьабе – гьеб кидаго батула нилъеда, дандерижилъунги лъикӀлъи букӀунелъул», — ан.
Сонал ана ва Танкаевасул цӀаралда бугеб музеялъе сайгъат гьабуна МухӀамадица доб 10 гъурущ. Гьеб музеялъе берцинаб хьонбакӀги кьуна. Цо чанго соналъ цеве гьев кӀалъана дихъе, МахӀмудил цӀаралда бугеб ХъахӀабросдал музеялъе цогӀаги тӀагӀел сайгъат гьабизе бокьун бугилан абун. Гьебги батана иргадулаб пайдаяб ишалъул байбихьи: магӀарул росабазул музеязе хьонбакӀал сайгъат гьари. Гьединал хьонбакӀал сайгъат гьаруна Гъуниб, СалтӀа, Сугъралъ, Гъарабудагъкент, Болъихъ, РахатӀа, ЧӀарада, ЦӀада, ХъахӀабросу, Гьаквари, Агъвали, Хуштада, Шодрода – кинабниги 40-ялдасаги цӀикӀкӀун Дагъистаналъул росдал музеялъе.
Ратана МухӀамадида лъикӀлъи гьабиялъе батӀи-батӀиял нухалги. Масала, гьес чӀезабуна «Шамсият» абураб рахӀмуялъулаб премия: гьеб кьола гӀемерал соназ унтарасул тӀалаб гьабурал гӀадамазе. РакӀалда буго: гьеб премия кьуна «Дагестанская правда» газеталъул бетӀерай редактор Бурлият Токъболатовалъеги – унтарай эбелалъул тӀалаб гьабиялъухъ. РакӀбатулеб рагӀи бицуна гьес туснахъалде ккараздаги, бесдалазул рокъор хьихьулел лъималаздаги; кумекалъул квер бегьула къварилъи ккаразухъеги. Гьес чӀезабуна гӀелмуялъул ва технологиязул рахъалъ премия – гьеб кьола гӀелмабазул кандидатлъиялъе яги докторлъиялъе диссертация цӀунарав ЦӀумада районалъул вакиласе.
ГьабсагӀаталда М. ГӀабдулхабировас хӀадурулеб буго ХъахӀабросулъа МахӀмудилги Расул ХӀамзатовасулги творчествоялъул хӀакъалъулъ хъварал макъалабазул мажмугӀ. Дагьалъ цеве гьев вищана къватӀисеб улкаялъул гӀелмияб журналалъул редакциялъул советалде. Гьанжеги цӀияб пикру бижана гьесул ботӀролъ: дунялалъул халкъазул гьечӀеб Дагъистаналъул къанагӀатаб махщелчилъиялъул хӀакъалъулъ макъалаби гьеб журналалда рахъизе.
Кагътиде щущалин пашманаб пикру…
М. ГӀабдулхабировасул гӀумру унеб буго Москваялда, амма гьесул ракӀ даим буго Дагъистангун, гӀагараб магӀарухълъигун. Гьесул жигаралдалъун, 2026 соналъул ункъабилеб июлалда Агъвали росулъ букӀине буго шахматазул турнир. Гьеб тӀобитӀизе буго цӀалдохъабазда гьоркьоб, СВОялда чӀварал цӀумадисезул хӀурматалда. Микьабилеб сентябралда Гьаквари росдал школалда рагьила «ЧӀамалисезул мацӀ ва алфавит» абураб памятник. Дунялалда гьединаб памятник гьечӀо!
«Дица дарсал кьола 160 улкаялдаса рачӀарал студентазегун ординаторазе. Лъала, щибаб соналда тӀагӀунел руго рикӀкӀен дагьал халкъазул мацӀал. ЦӀалана Баграт Шинкубаца хъвараб «Последний из ушедших» абураб тӀехь – гьес кӀудияб пашманлъигун бицунеб буго убыхазул мацӀ тӀагӀиналъул хӀакъалъулъ. Жакъа гьечӀо гьеб мацӀ ва гьеб мацӀалда кӀалъалев чи. ТӀалаб гьабичӀого тани, тӀагӀине руго хъвай-хъвагӀай гьечӀел (чӀамалазул, багвалазул, тӀиндисезул ва гь.ц.) гурелги, магӀарул болмацӀги. Гьелъие квербакъула урбанизациялъ – рижараб ракьги рехун тун, гӀатӀиракьалде, шагьаразде гӀадамал гочиналъ», — ан бицана М. ГӀабдулхабировас.
ГӀагараб ракьалде бугеб рокьуца тӀамуна гьев Гьаквари росулъ цоги памятник базе. Гьелда лъуна «Бесдаллъарал кулаби» абураб цӀар. Гьелда хъван буго биххараб 119 кулиялъул цӀар. «Гьезда цадахъ тӀагӀунел руго нилъер умумузул тарих, рукӀа-рахъиналъул гӀадатал, гьез хӀалтӀизарулел рукӀарал тӀагӀел-алатазул цӀарал. РуцӀцӀун чӀезе бегьуларо нилъ! Нилъер руцӀцӀунчӀеялъул хӀасил ккола, берцинаб миллияб парталалъул бакӀалда нилъер руччабаз чӀегӀераб ретӀел ретӀин. Исламалъулгун кинабгӀаги бухьен гьечӀо гьелъул – гьеб буго бедуиназул партал.
Росабалъ хӀалтӀулел гьечӀо клубал, гьукъун буго миллияб кечӀ ахӀизе, кьурдизе, хӀатта школаздацин. Ричулел руго квералъ хъварал Къуръанал. Миллаталде данде гьабулеб такъсир буго гьеб. Бегьуларо, магӀарул халкъалъул маданияталдаги, гӀадатаздаги, тарихалдаги, берцинлъигун яхӀ-намусалдаги тӀад михир бачунеб мехалда, руцӀцӀун чӀезе!
Бегьуларо чияр маданияталъул лагъзаллъун рукӀине! МагӀарул хъизамалда мегеж кӀвачӀого толаан инсуца — хъизамалъул кӀудиявги къадру-адабалъе мустахӀикъавги вукӀиналъул гӀаламат хӀисабалда. Эмен хведал, кӀудияв вацас толаан мегеж — гьеб букӀана инсулаб тӀалабчилъи жинде ккараблъи загьир гьаби. Гьесдаса гьитӀинал вацазе гьукъараб букӀана мегеж тей. Гьанже бугеб гӀала-гъважаялъ ракӀунтизабула дир. Нилъеца нилъерабго цӀуничӀони, цогидазги гьеб цӀунуларо! Жинцаго жиндир къимат гьабулареб халкъ цогидазеги къиматаблъун букӀунаро!» — ян пикру загьир гьабуна МухӀамадица. Ва тӀадеги жубана: «РекӀелъги, хьвадиялъулъги ва гӀумруялъулъги магӀаруллъи цӀунаразда урхъараб салам бице дир», — ан.
Кавсарат Сулейманова
