Маданияталъул тадбирал гьар­заяб букIуна сентябрь моцI Да­гъистаналда. Гьал къоязда рес­пуб­ликаялда тIоритIулел руго «Хъа­хIал къункърабазул къоял» абураб Расул ХIамзатовасул цIа­ралда бугеб Халкъазда гьоркьосеб адабияталъул фестивальги, «Дир хъизан – Россия» абураб фо­румги ва Дагъистаналъул халкъал цолъиялъул хIурматалда гIу­цIараб «Цолъиялъул мурадалда ца­дахъ» абураб марафонги. Гьел тадбиразул хIакъалъулъ бицана «Дагъистан» РИАялъ гIуцIараб пресс-конференциялъул гьалбал ДРялъул маданиялъул министра­лъул ишал тIуралей Зарема Бутае­валъги ДРялъул Хъвадарухъаба­зул союзалъул правлениялъул пред­седатель Марина АхIмадова-Ко­лю­бакиналъги.

Дандеруссиналгун шигIриял церерахъинал, музыкалиял къокъабазул концерталгун халкъияб устарлъиялъул алатазул ярмаркаби – гIемерал батIи-батIиял тадбирал рукIине руго республикаялда. Гьезул аслиялги тIоритIизе руго МахIачхъалаялда. Масала, 8-15 сентябралда Сулейман Стальскиясул цIаралда бугеб ахикь рукIине руго «Дир хъизан – Россия» абураб форумалъул тадбирал. Гьезда гьоркьор – «Дагъистаналъул халкъазул богогьанлъи» абураб фестивальги «Палугьан» абураб къокъаялъул церерахъинги. Рекордазул хъвай-хъвагIаял гьарулеб Гиннессил тIехьалда цIар хъвазабизе ракIалда буго фестивалалъул гIуцIарухъабазда: гьез хIадуризе буго 100 метралъул халалъи бугеб стол ва гьелда тIад сокIкIине руго Россиялъул халкъазул кванил нигIматал.

Нилъехъе рачIунел гьалбадерил хIакъалъулъ гьадин бицана Зарема Бутаевалъ: «ТIоцебесеб иргаялда тадбиразда гIахьаллъизе руго Дагъистаналъул тIолго халкъазул вакилзаби – маданиял идарабазул хIаракатчагIи. РФялъул Культураялъул министерствоялъул квербакъиялдалъун нилъехъе рачIине руго Архангельск, Астрахань, Воронеж областаздасаги, Удмуртия, Марий Эл, Башкортостан республикабаздасаги, гьединго СКФОялъул регионаздасаги гьунарчагIи. РукIине руго гIемерал батIи-батIиял концертал, флеш-мобал ва цогидал тадбирал. Щивасда батила рекIее асар гьабулеб тадбир тIаса бищизе рес. Улкаялъул киналниги регионазул вакилзаби цо бакIалда ракIари – гьеб буго Россиялъул халкъазул цолъиялъул лъагIел кIодо гьабиялъул гвангъараб игIлан: маданияталъул горсверулъ гьел гIахьаллъиялъ загьир гьабула нилъер кIудияб пачалихъалъул халкъазда гьоркьор вацлъиялъулал бухьенал камиллъулел рукIинги, нилъеца цоцазул адаб гьабулеблъиги, улкаялъул халкъазул цолъигун гъункиги», - ян.

Исана 40-абилеб нухалда тIори­тIулел руго Дагъистаналда «ХъахIал къункърабазул къоял». ТIоцебесеб нухалда гьел гIуцIана 1986 соналда. Гьебги ракIалде щвезабун, Марина АхIмадова-Колюбакиналъ абу­на, тIоцебесеб байрамалъул гIахьал­чагIазул цо квералъул килщазда рикIкIинегIанасев чи хутIун вугилан абун. Байрамалъул программаялъул хIакъалъулъги бицана гьелъ. «Аслиял тадбирал рукIине руго 7-9 сентябралда. Гьелда гIахьаллъизе руго 40 (фестивалалъул ригьалда рекъон) регионалдаса вакилзаби. Гьел ккола хъвадарухъаби, таржамачагIи, шагIирзаби. Нилъехъе рачIине руго, Россиялдъул регионаздаса гурелги, къватIисеб анлъго пачалихъалдасаги гьалбал: Белоруссиялдаса, Гъиргъизиялдаса, Палестинаялдаса ва гь.ц. Хасго абизе бокьун буго Якутиялдаса гьалбадерил хIакъалъулъ. Гьезул вакилзабазул бетIерлъуда йикIине йиго Якутиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул председатель, халкъияй шагIир Наталья Харлампьева. Гьелгун цадахъаб цо чанго тадбир букIине буго. Гьез рачIине руго якут мацIалде таржама гьарурал Расул ХIамзатовасул тIаса рищарал асаразул тIахьал. Гьалбал дандчIвазе руго ДГУялъул ва ДГПУялъул студенталгунги», - ян бицана ДРялъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председателалъ.

МахIачхъала (ГIурус ва Авар театразда цере, Сулейман Стальскиясул ахикь), Каспийск, Дербент шагьараздаги Гъуниб ва Хунзахъ росабалъги рукIине руго хъвадарухъабазулгун дандчIваял. Гьенир рихьизаризе руго Расул ХIамзатовасул хIакъалъулъ бицунел документалиял фильмал, тIоритIизе руго РФялъул регионаздаса рачIарал фольклориял къокъабазул ва маданияталъул хIаракатчагIазул церерахъинал.

 14-15 сентябралда, Дагъистаналъул халкъазул цолъиялъул къоялъул хIурматалда, МахIачхъалаялъул аслияб майданалда букIине буго кIудияб концертги.

Кавсарат Сулейманова