РачIа гIадлу-низам цIунизе
МугIрузул районазда буго хасаб экосистема: ризал рохьал, чӀахӀиял гӀорал, хӀорал, хӀавузал. Гьенир руго ччугӀбузул батӀи-батӀиял тайпаби (масакӀ, лещ, щука, карп, сом ва цогидалги), рохьил хӀайванал, рухӀчӀаголъаби. «Тляратинский» заказникалъул ракьалда ругел гӀалхул хӀайваназул бугеб ахӀвал-хӀалалъулги мугIрузул экологиялда кколел хиса-басиязулги хӀакъалъулъ нижее бицана рехсараб заказникалъул хӀалтӀухъан, МугӀрузул территориалияб округалъул Сурсатазул отделалъул нухмалъулев СайидахIмад МухIамадовас.
- СайидахIмад, чан заказник бугеб республикаялда?
- Нилъер буго 13 заказник. Нижеца тIалаб гьабула КIособ, Къелеб ва БежтIа ругел заказниказул.
- Кинал масъалаби ругел гьабсагIаталда МугIрузул территориалияб округалда?
- Аслияб масъала буго БежтIа, ЦIунтIа, ЛъаратIа ва Шамил районазул тӀабигӀат, гьелъул экология ва гьениб гӀумру гьабулел рохьил хIайванал, чундул, хIанчIи, ччугIа цIуни. Гьел руго, нилъер ва Россиялъул законазда рекъон, БагIараб тIехьалде росарал. Гьел чIварав чиясе къвакIараб тамихIги гьабула.
Амма камуларо законалде данде чIаралги, тIабигIаталъе, рохьил хIайваназе гIакъуба-къварилъи кьолелги гӀадамал. Кодоб ярагъгун, тепловизоралгун рачIун, ахIи-хIуралда гьез чIвала гIалхул хIайванал: нижеца хьихьун ругел рохьил бисал, багӀнасал, дугӀнул, хIанчIи. Къокъго абуни, гьез чIвалеб буго рохьил берцинлъи.
БукӀуна чан чIвазе пачалихъалъ ихтияр кьолеб заманги бакIги. Руго гьединго ччугIа кквезе бегьулебги бегьуларебги бакIал. Дагьал гурони хIалтIухъаби нижер гьечIелъул, бокьилаан, рехсарал районазул жамагIатаз гӀагарал мугӀрузул тӀабигӀат цӀуниялъул рахъалъ нижее кумек гьабуни. Бокьун буго гьезда гьаризе: те гьеб чанахъанлъи, те ччугIаги чундулги. Гьари буго росабазул бегавулзабазде, депутатазде, гIолилазул гӀуцӀабазул церехъабазде, имамзабазде: лъазабе щибаб росдал гIадамазда законалъ гьукъулеб заманалда гIалхул хIайваназде чан гьабизе рахъунгеян, гьукъараб бакIалде ччугIа кквезе унгейилан. Гьединаб хӀужа тӀатани, тIад лъола кIудияб, бецIизе захIматаб гIакIа, цIала тамихIалде.
- Чанахъаби гIемер ругищ нилъер?
- ЦIакъ гIемерлъун руго гьел. Нижерго, ай ЛъаратIа районалъул чанахъабазда гьоркьоб бичIчIикьеялъулаб гIемераб хIалтIи гьабизе ккана. РачIуна ХIебдаса, шагьаралдаса заказникалда чан гьабизе. Гьелъ гурищха ниж къасиги къадги хъаравуллъуда рукIунел. ТIадго ккураб мехалда, дагIба-рагIи, рагъ-кьал ккола, цинги нижеца ахIула полиция, пограничникал. Гьезги кIудияб кумек гьабула.
- Чан гьабизе тIубанго гьукъунищха бугеб?
- БукIуна гьелъие ихтияр кьураб заманги. Чанаве вахъине ккани, цадахъ букIине ккола лицензия, чанахъанасулаб билет, путевка ва чан гьабизе ихтияр кьолеб кагъат. Гьел документал кодор гьечIев чиясе гьукъун буго чан.
Гьелде тIадеги, бегьуларо заказникалда чанаве вахъунев чияс цадахъ гьой бачине. РакIгъеялъе гьенив тира-сверизе вачIунев чиясе гьукъараб буго кодоб ярагъ, ччугIа кколеб алат букIине ва ччугIа кквезе. Бегьуларо гьениса рохь къотIизе, гьелъул ракьалда гIи-боцIи кваназабизе, рохьоб цIа бакизе.

- Чан батIияб тайпаялъул хIайван, хIинч ва ччугIа бугеб заказникалда?
- Гьениб буго 27 тайпаялъул хIайван, 65 тайпаялъул хIинчI, ичIго тайпаялъул ччугIа, 57 тайпаялъул рухIчIаголъи, 224 тайпаялъул гъветI-хер, 10 тайпаялъул гIурдахIан.
- Заказникалда ругел хIайваназул тIалаб кин гьабулеб?
- Гьайгьай, гIалхул хIайваназ жидецагоги балагьула кваназе жо. Амма гьезде хIал щола хасало. ЦIакъго цIикIкIараб цIорой бугеб заманалда нижеца щвезабула гьезие квен. Сверухълъиги лъел сурсаталги цӀуниялъул дирекциялъ нижехъе кьола пурчIина, ролъ, цIам ва гIалхул хIайваназе рекъараб цогидаб квен. Нижецаги, гьел ракIарулеб бакIги балагьун, гьениб бала гьеб. ПалхIасил, нижеца гьел ракъун толаро.
- Квен босун унаго, нужеда тIад речIчIуларищ гIалхул хIайванал?
- Рохьоре унаго, ахIи-хIур бахъинабула нижеца, гьел нахъе ине, гьезда гIадамал рачIунел рукIин лъазе, гьезие квен лъун бахъинегIан. ГIалхул хIайваназда гIадамасул махI чIвалелъул, гьелги тIурун уна.
- Сверухълъиялъул рацIцIалъи цIуниялде кIвар кьолел хIаракатчагIи ругищ нилъер росабалъ?
- ГIемер руго. Гьезда гьоркьор рехсезе мустахIикъал руго росабазул жигарал жамагIатчагIи, гIолилазул гIуцIабазул вакилзаби, районазул администрациязул нухмалъулел, имамзаби. Нижеда цадахъ рахъуна рохьил магIишаталъул бакIазда ругел гIуцIабазул ва нухлул магIишатазул хIалтIухъабиги. Гьединго кIудияб кумек букIуна полициялъулазулги. Щибаб росулъ руго жамгIиятчагIи. Гьезулги кIудияб кумек букIуна нижее.
- Муниципалитетазулгун кинал бухьенал ругел? Цадахъал тадбирал гIуцIулищ?
- ГIуцIула. Гьезулгун дандбан гьабула хIалтIи. Гьезулги букIуна нижее кумек. Нижеца администрациялъул вакилзабигун цадахъ рацIцIад гьарула заказниказда ругел гIоразул рагIаллъаби ва сверухълъи. Гьенибе гIадамаз гIемераб рищни балеб буго. Жалго квана-гьекъон, хIухьбахъараб бакI чорокго толеб буго, бакIаричIого.
Дагьалъ цебе кIодо гьабуна Полициялъул къо. Гьелъул хIурматалда тIоритIарал тадбираздаги гIахьаллъана нижер хIалтIухъаби.
Гьал къоязда ЦIунтIа районалъул Зехида росулъ бухIана ункъо мина. Гьениб цIа свинабизе ун вукIана нижер хIалтIухъанги. Киб щиб хIалтIи гьабулеб батаниги, гьенирги гIахьаллъула нижер халтIухъаби.
Нижер вуго гIолохъанав нухмалъулев ГIалихIажи Мурадович. Гьес цIакъ гIемераб хIалтIи гьабулеб буго гIалхул хIайваназул ва рухIчIаголъабазул тIалаб гьабиялда тIадчIеялъе. Мех-мехалъ ахIула, нижер хIал цIехезе, вачIуна ва чIезабула нижееги нижер хIалтIухъабазеги къваригIарабщинаб (ретIел-хьит, бензин, кванил нигIматал ва гь. ц.). Нижецаги хIаракат гьабула тIадкъараб хIалтIи ракIбацIцIадго тIубазабизе. Гьесул заместителазги кверчIвала нижеда, сундулъго кумек гьабула. Хасаб рагъулаб операциялда ругел гIолохъабазеги кутакалда кверчIвай букIуна гьезул рахъалдаса.
- Чан хIалтIухъан вугев нужер? Ругищ СВОялде арал хIалтIухъаби?
- Дунялалда лъикIаб ахIвал-хIалги гьечIелъул, Украинаялда унеб бугеб хасаб рагъулаб операциялда вуго нижер лъабго гIолохъанчи. Руго гьезда гьоркьор шапакъатазе, орденазе мустахIикълъарал бахIарзалги. Нижер рахъалдасан гьезие кIудияб баркала буго. Гьенир ругониги, нижее кIвараб кумекги гьабула гьез, цIехола гьаниб бугеб ахIвал-хIалалъул. ЦIакъ дагьал ругониги, лъикIал хIалтIухъаби руго нижер. Цере хIалтIулелги рукIун, нахъе аразги жакъаги гьабула кумек.
Гьаб макъалаги цIалун, жиндирго пикру загьир гьабизе яги суал кьезе бокьарав чияс ахIизе бегьула телефоналъул гьаб номералде: 8963 371 63 33 – СайидахIмад.
Гара-чIвари гьабуна Рукъият ГIалисултановалъ.