Пагьмуял унел руго росу тун
ХIикматал ишал лъугьуна гьаб дунялалда. АнцIгоялдаса цIикIкIун соналъ цебе дир лъай-хъвай ккана магIарулас лъадилъун ячарай жугьутIалъулгун. Бусурбанаб къагIидаялъ ретIа-къарай гьей гIадан жугьутIай ятилин ракIалдего ккелароан. МагIаруласухъ ккараб рокьул кутакалъ бусурбан дин босарай гьелда гIажаиблъана дун. Гьанже нахъа вацапалда рихьана дагъистаниял гIарабазеги, япониязеги, цогидал улкабазул вакилзабазеги унел бертаби. Дир гIагарай ясги ана Испаниялдаса чиясе, ва гьез гIумру гьабулеб буго Барселонаялда. Дагьалъ цее ватIаналде ячIарай гьейгун дандчIвана дун.
Мадина МухIамадовалъул эбел Майсаратги эмен Булатги гьаруна ва гIуна МахIачхъалаялда. Булатил эмен вукIана Хунзахъ районалдаса ва эбел - ЛъаратIа районалдаса, Майсаратил - БежтIаса. Гьезул йиго лъабго яс. Гьоркьохъей Мадинал къадар хъван букIун буго Испаниялдаса васасе ине.
Мадина цIалана МахIачхъалаялъул №7 гимназиялда, хадуй - Москваялда дизайнерасул махщелалъе. Институталда цIалулаго, пагьмуяй дизайнерлъун яхъарай гьей батIи-батIиял проекталгун ахIулаан къватIисел улкабазда хIалтIизе. Гьедин, Бали чIинкIиллъиялда хIалтIулаго, гьей йихьана Испаниялдаса Цезарида. Мадинахъ рокьи ккарав гьев тIасаго вичIичIо, жиндие ячIине гьей разилъизегIан. Гьелъул эбел-инсул разилъиги балагьун, Цезарилги Мадиналги бертин гьабуна Гуржиялда (Россиялда гьелъие ихтияр щвезе захIмат букIун буго).
Мадинада камилго лъала гIурус, ингилис ва испан мацIал. Гьелъ хъвала художествиял асарал. Жинцаго гьарула гьезул таржамабиги. ГьабсагIаталда гьелъ хъвалеб буго лъабабилеб тIехь. Гьелда лъун буго «Книжная комната Чертополоха» абураб цIар. Гьелъул хIакъалъулъ цо чанго суал кьуна нижеца Мадинае.
- Щай гьединаб цIар лъураб тIехьалда?
- ТIехьалда бицунеб буго Шотландиялда ккарал лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ. Бигьо (чертополох) ккола Шотландиялъул игIлан, гьеб бахъун буго гьезул пачалихъияб байрахъалдаги. ТIехьалда бицунеб буго КIиабилеб дунялалъул рагъул заманалда Шотландиялда ккарал лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ.
- Дур тIоцебесеб тIехьалда бицунеб буго нилъер гуреб галактикаялда ккарал лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ.
- Дие рокьула эркенлъи хириял, некIсияб заманалдасаго гучал рагъухъабилъун машгьурлъарал, гIумруялъул хасаб къагIида цIунарал шотландиялъулал. РекIее кIудияб асар гьабуна гьезул некIсиял хъулби рихьидалги. Гьезул гIемер рукIана багьадуразул гIуцIаби (орденал).
- Багьадурал лъугIана КIиабилеб дунялалъул рагъ байбихьилалде…
- БитIараб буго, амма халкъалъулъ чIаго буго багьадурасул яхI, намус бацIцIалъи, къеркьеялъул рухI. Дир тIехьалъул багьадур Рудд гьединав вуго. ТIехь цIалулесда гьев вихьула Нью-Йоркалда гIумру гьабулев 65 сон барав херавлъун. Жибго тIехь гIуцIун буго Руддил ракIалдещвеял хIисабалда. Гьеб байбихьула 1990 соналъул лъугьа-бахъиназдаса. Руддица цIалула жиндир йокьарай яс Эммарил кагъат. Гьей кколаан гьесул лъикIав гьудул Джеррил яц. Йокьулелъ хъвалеб буго: «Дида вихьана Джерри. Дида лъалароан, хвалда цере гIадамал гьедигIан талихIал рукIунеблъи», - ян. Руддида ракIалде ккола: Джерри хвеялъулъ дир гIайиб букIанадайян. Ва байбихьула 10 сон баралдаса нахъе жиндир гIумруялда жанир ккарал лъугьа-бахъинал ракIалде щвезаризе.
- Дида Рудд вихьула сабурго гIодовги чIун, пикрабалъе тIерхьарав херавлъун. ЦIалдолесе чIамучIлъиларищ гьединаб тIехь?
- Дие бокьун букIинчIо хехго цIалулеб ва, цIалун бахъингун, кIочон толеб тIехь лъугьине. Бокьилаан цIалдолев ургъизе, пикраби гьаризе тIамизе, гьаб дунялалда щибниги жо тохлъукье лъугьунеб яги гIицIго ракIгъеялъе нилъеда батулеб букIунареблъи гьесда бичIчIизабизе. БатIи-батIиял сюжетаздаса сокIкIараб квацIи гIадаб буго тIехьалъул композиция. АнцIго сон барав Руддил лъай-хъвай ккола нуцIида ралел рахаязул устар Роунилгун. Школалдаса тIадвуссунаго, гьев кидаго унаан устарасухъе, ва гьес рицунаан рахаязул бетIергьабазул гIумруялдаса харбал. Масала, цо чIужугIадан гочанила Провансалде. Гьей йикIанила кутакалда тIагIамал гьуинчадал режулей гIадан. Гьелъ бежараб чадил тIагIамги махIги жеги жинда кIочон течIиланги абула Роуница.
- БатIи-батIиял сюжетал сунцаха цолъизарулел?
- ТIехьалда гIемер дандчIвала Руддил ракIалдещвеял. Гьесул рекIелъ гьел чIаголъула, къотIносан унаго ва лъимерлъудасаго гьесие хиралъараб махI чIвайдал, яги кинабалиго сурат бихьидал, ялъуни лъидаялиго релълъараб гьаракь рагIидал. Сюжетал цолъизарула бетIерав багьадурасул сипаталъ.
- Мун йиго гьанжезаманалъул гIадан. КIудияб ВатIанияб рагъ байбихьилалдего ккарал лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ хъвазе ккани, доб заманалъул гIумру, хIатта къватIисеб улкаялда букIараб хIакъикъат лъазе ккола дуда…
- Дица гIемер цIалана тарихиял тIахьал, шотландиялъулаз рагъдаса хъвалел рукIарал кагътал. ЦIалана дол соназда Эдинбургалдаги Глазгоялдаги (гьел ккола Шотландиялъул чIахIиял шагьарал) рахъулел рукIарал газеталгун журналал.
Лъабабилеб тӀехьалда хабар бицунеб буго аслияв багьадурас, Руддица. Жибго тIехь буго 65 сон барав кӀудияв чиясул тавбу. ТӀехь байбихьулеб заманалда, гьес гӀумру гьабулеб буго Америкаялда. Гьес цӀалула жиндир йокьулей Эмморил кагъат. Гьейги ккола Руддил бищун лъикӀав гьудуласул яц. Гьелъ хъвалеб буго: «Дида вихьана Джерри. Гьев вукӀана цӀакъ талихӀав. Дида лъалароан, хвалда цеве инсан гьедигӀан талихӀав вукӀуневлъи», - ян. Ва байбихьула Руддил ракIалдещвеял.
Гьел ракӀалдещвеяздалъун аслияв багьадурасе бокьун буго лъазе, Джерри хвеялъулъ жиндир гӀайиб бугищали. ЦӀалдолесда цебелъун буго аслияб багьадурасул тӀолабго гӀумру, 10 сон баралдаса хадуб гьесул гӀумруялда ккарал киналго лъугьа-бахъинал.
- Школалда цӀалулеб заманалда, дуе цӀакъ бокьулароан тӀахьал цӀализе…
- Дида гьеб ракӀалда гьечӀо. Адабияталде рокьи бижана 14-15 сон бараб заманалда. Гьеб мехалда дица хъвана тӀоцебесеб кечӀ, цӀалана тӀоцебесеб тӀехь - Пауло Коэльол «Алхимик». Хадуб гьесулго - «Дневник мага».
Гьанже дида лъала: тӀехь цӀали буго жавабияб хӀалтӀи, захӀмат. Щибаб тӀехь цӀалулаго, диего пайдаяб жо батула гьениб. Дир руго хасал стикерал-закладкаби. ТӀехь цӀалулаго, рекӀелъе бортулеб яги дир ракӀ рекъолареб бакӀалда седола дица гьел, хадуй тӀадюссун цӀалула яги тӀехьалдаса босун, диего батӀаго хъвала, ялъуни гьеб бутӀаялъул хӀакъалъулъ дирго пикру загьир гьабула. Гьедин гьабулаго, асаралъул хӀисаб гьабула, авторасул пикрабазул хӀасилалда тӀад ургъула. Школалдаги гьединлъидал малъулеб букӀараб: цин цӀалулаан художествияб асар, хадуб гьелъул анализ гьабулаан, сочинениялда жаниб нилъерго пикру загьир гьабулаан.
- Хъван бахъиндал, Испаниялда басмаялда бахъизе батила тIехь дуца?
- Балагьила кинаб басмаханаялъухъе гьеб кьелебали. Гьеб дица хъвалеб буго гIурус мацIалда. Хадуб гьелъул таржама гьабила ингилис мацIалде. Гьебги дицаго гьабула. Цинги кьела редакторасухъе. Ва битIила гьелъул хIакъалъулъ резюме басмаханабазде.
Авторалъул рахъалдаса
Мадинал къисматалъ гIемер ургъизе тIамуна дун. Чияр улка-ракь щай букIараб диеян абураб пикруялъ кида-къадги зинкIичIого хутIиладай гьелда? Рахьдал мацIги лъалеб букIарабани, гIагараб халкъалъул гIадат-гIамалалда рекъараб тарбияги щварабани, инаандай гьей къватIисеб улкаялдаса чиясе? МагIарул миллаталъе камуна цоги пагьму-гьунар кодосев чи…
Кавсарат Сулейманова