Нилъее кьураб бикьизеги лъазе ккола
18-21 октябралда Дагъистаналда «Джами» гостиницаялъул комплексалда тIобитIана «Солнечный берег. НКО. Новый вектор» абураб халкъазда гьоркьосеб VIII-абилеб гурхIел-рахIмуялъул форум. Гьеб гIуцIана ДРялъул бетIерасул гранталъулаб квербакъиялдалъун «БацIцIадаб ракI» абураб фондалъ. Исана 15 сон тIубана гьеб жамгIияб гIуцIиялъ.
Тадбиралда гIахьаллъана ва баркалаялъул рагIабигун цере рахъана ДРялъул хIукуматалъул нухмалъулесул ишал тIуралев МухIамад Рамазанов, гьесул заместитель ГIабдурахIман МахIмудов, Халкъияб Собраниялъул председатель Заур Аскендеров, цифраялъулаб цебетIеялъул, печаталъул ва информациялъул министр Юрий ХIамзатов, МахIачхъалаялъул мэр Жамбулат Салавов ва цогидалги.
ГурхIел-рахIмуялъул форумалда гIахьаллъана щуго батIияб улкаялдаса ва улкаялъул 25 регионалдаса коммерческиял гурел ва гурхIел-рахIмуялъул гIуцIабазул 400 вакил. Форумалъул лъабго къоялъ тIоритIизе руго Россиялъул ва къватIисел улкабазул экспертазул презентациял, бахIсал, мастер-классал, лъай кьеялъул тренингал.
«БацIцIадаб ракIалъ» - 15 сон
«БацIцIадаб ракI» гурхIел-рахIмуялъул фондалъул президент ГIумар МуртазагIалиевас, форум рагьулаго, къокъго бицана фондалъул, гьелъул кумекалдалъун аза-азар чиясул тIурарал анищазул хIакъалъулъ. МуртазагIалиевас рахIму рикIкIуна жамгIияб гIумрудул кIвар бугеб кьучIлъун. Гьес квербакъи гьабулел рахъазул цояблъун ккола спорт, цIиял спортивиял залал рагьи ва гIолилазе лъикIал шартIал гIуцIи.
«Нижеца кверчIвала спорт цебетIезабиялъулъ. Спорт ккола аслияб къагIидаялъ гIолохъанаб гIел машгъуллъулеб пиша. Гьелде цIакъ кIвар кьезе ккола. Бокьилаан нилъер республикаялда, улкаялда ва дунялалдаго гьеб рахъ цебетIезабулел гIадамал цIикIкIине», - ян абуна гьес.
Форумалда гIуцIараб данделъиялда ГI. МуртазагIалиевас бицана «БацIцIадаб ракI» фондалъ спортивиял комплексал разе ругин Мамедхъалаялда ва ГIадилотар росулъ. Ихдал тIабигIиял балагьаздалъун къварилъи ккарал росабазе гIарцудалъун кумек гьабулеб букIана фондалъ. Республикаялда кинабниги 25 спортивияб комплекс базе проекталги хIадурулел руго.
«БацIцIадаб ракI» фондалъул президентас баркала загьир гьабуна гурхIел-рахIмуялъулъ, гьеб тIибитIизабиялъулъ квербакъулел волонтеразе. Гьезул кумек гьечIого щибго цебе инароанин тIадеги жубана МуртазагIалиевас.
Республикаялда тIабигIиял балагьаздалъун зарал ккаразе квербакъарал гурхIел-рахIмуялъул вакилзабазе, СВОялъул гIахьалчагIазе квербакъиялъухъ ва цогидалги лъикIал ишазухъ баркалаялъул кагъталги кьуна форумалъул гIуцIарухъабаз.
Фондалъ 15 сон тIубай баркун ва гIемерал соназ гIадамазе гьабураб квербакъиялъухъ ГIумар МуртазагIалиевасе ва фондалъул хIалтIухъабазе хIукуматалъул рахъалдасан баркала загьир гьабуна МухIамад Рамазановас.
РахIмуялъухъ баркала ва шапакъатал
Дагъистаналъул премьер-министрас форумалъул гIахьалчагIазе Федор Щукинил цIаралдасан саламалъулаб кагъат цIалана. Гьес рехсолеб бугоан Дагъистаналда гурхIел-рахIму кидаго букIараб гIадат бугин. Гьеб бихьанин ихдал тIабигIиял балагьазул хIасилалда зарал ккаразе квербакъиялъе къватIире рахъарал аза-азар гIадамазухъ ралагьунги. Гьединаб хIалтIуе квербакъи гьабизе кколин рикIкIунеб буго республикаялъул бетIерас.
«Жакъа гьанир данделъун руго батIи-батIиял миллатазул гIадамал. Дин ва маданият батIиял рукIаниги, гIаммал хасиятаз цолъизаруна гьел. Гьединал хасияталлъун ккола рахIму, гурхIел, инсанасде адаб, нилъеда сверухъ бугеб дунял лъикIлъизабизе жигар», - ан абуна ДРялъул хIукуматалъул нухмалъулес.
Форумалъул кIвар бугеб масъалалъун ккола цоцазул хIалтIул хIалбихьиялдаса пайда боси гуребги, гIадамазул гIумру гьабиялъул даража борхизабиялъе, захIматал ахIвал-хIалазулъ ругел хъизамазе квербакъиялъе ресал ратиги.
«Унго-унгояб садакъа ккола ракI-ракIалъ гьабураб. Нилъеца садакъа Аллагь разилъиялъе гIоло гьабулеб батани ва гьеб тIадбуссинабиялде хьулгун кьолебги батичIони, нилъееги БетIергьанас кьола», - ян абуна М. Рамазановас.
Гьединаб квербакъи гьабулел чагIи кколин ГIумар МуртазагIалиев ва Сулейман Керимовин абуна гьес.
ТIабигIиял балагьаздаса хадуб дагъистаниязе квербакъарал ва кумек хIажат букIин улкаялъулго гIадамазда лъазабизе хIаракат бахъарал жамгIиял гIуцIабазул ва фондазул вакилзабазе ДРялъул бетIер Федор Щукинил цIаралдасан шапакъатал кьуна МухIамад Рамазановас. Дагъистаналъул бетIерасул Баркалаялъул кагътаздалъун кIодо гьаруна Антон Ибрагьимов, Шамил НурмухIамадов, Жасмина Мирзоева ва Сергей Романович.
Депутатазул хIаракат
ГурхIел-рахIмуялъул фондазул вакилзабазул форумалда ДРялъул Халкъияб Собраниялъул нухмалъулев Заур Аскендеровас, гIахьалчагIазе саламги кьун, баркала загьир гьабуна тадбир гIуцIараб «БацIцIадаб ракI» фондалъе ва гьелъул президент ГIумар МуртазагIалиевасе гурхIел-рахIмуялъулъ, спорталъулъ ва социалияб рахъалъулъ лъураб бутIаялъухъ.
Заур Аскендеровас бицана республикаялда гурхIел-рахIмуялъул фондазул ва НКОязул рахъалъ парламенталъ гьабулеб хIалтIул, къануназул ва депутатазул проектазул хIакъалъулъ. ГIумруялде бахъинабуна «ЛъикIлъиялъул десант» абураб проект, сахлъи щула гьабулел центразе квербакъана, ОВЗ бугел лъималазе Северияб Кавказалдаго тIоцебесеб иппотерапиялъул центр рагьана (чода рекIун сах гьари), ракалъ унтарал лъимал дарабаздалъун хьезаруна ва Москваялде сахлъи щула гьабизе ритIана. Халкъияб Собраниялда цебе лъималазе медицинаялъул ва социалияб кумек гьабиялъул рахъалъ экспертазулаб совет гIуцIиялъул хIакъалъулъги бицана форумалда.
Дагъистаналда - НКОязул Рукъ
МухIамад Рамазановас абуна хIукуматалъе кIвар бугел масъалабазул цояб кколин НКОялъе квербакъи ва цадахъ рекъон хIалтIи цебетIезаби.
Дагъистаналда хIалтIулеб буго социалиял проектал гIумруялде рахъинарулеб 3000-ялдаса цIикIкIун НКО.
ХIукуматалъул нухмалъулесул ишал тIралес рагIи кьуна коммерциял гурел ва жамгIиял гIуцIабазе квербакъизе бугин. Гьелъие гIоло рагьизе бугин 600 квадратияб метралъул НКОялъул Рукъ. Гьениб жамгIиял гIуцIабазе, мухь босичIого, кумек гьабизе буго грантазулал гIарзаби цIезе, хIажатаб информация лъазабизе, тадбирал тIоритIизе ва социалиял проектал гIумруялде рахъинаризе.
Гьелъие гIоло бакI къачIазе буго лъагIалил ахиралде щвезегIан ва тIасияб соналда рагьизе буго. НКОялъул центр рагьизе буго Дагъистаналъул Цифраялъулаб цебетIеялъул, печаталъул ва информациялъул министерствоялъул минаялда.
«КинабгIаги захIмалъи дандчIвайдал, рихьула нилъеда лъикIалги квешалги рахъал. Нужер пишаялъулъ дандчIвалел захIмалъабазул хIакъалъулъ лъазе бокьун буго дие, хадурккун гьелги хIисабалде росун, тIокIалъ гьел дандчIвачIого рукIине. Исана гурхIел-рахIмуялъул фондалгун цадахъ гьабураб хIалтIуцаги лъикIаб хIасил кьуна», - ян абуна Рамазановас.
Вице-премьерасе суалал кьуна ва жидерго хIалтIулъ дандчIвалел захIмалъабазул хIакъалъулъ бицана НКОялъул ва гурхIел-рахIмуялъул фондазул нухмалъулез.
ГурхIел-рахIмуялъул форумалда баркалаялъул рагIабигун кIалъана Москваялъул муфтий Илдар Аляутдинов ва Къуръаналдаса аятазул магIнаги гьабун, бицана рахIмугун садакъа гьабулезе гьелдаса щолеб пайдаялъул хIакъалъулъги.
«ГурхIел-рахIму ккола бокьарав чиясул, хасго динияв чиясул чорхолъ букIине кколеб хасият. Аллагьас жиндирго нигIмат цо-цоязе цIикIкIун кьола, цо-цоязе дагьго. Амма лъазе ккола нилъее кьураб цогидазеги бикьизе», - ян абуна гьес.
ПатIимат СултIанмухIамадова