МагӀарул мацӀалъул битӀунхъваялъул хӀакъалъулъ гӀелмияб бахӀс
Пачалихъияб тӀадкъаялда рекъон, республикаялъул мацӀазул гӀалимзаби хӀалтӀулел руго рахьдал мацӀалъул сводалда хиса-басиял гьариялда тӀад. Гьеб къабул гьабиялъул мурадалда гӀуцӀун буго Терминазулгун битӀунхъваялъул республикаялъулаб комиссия.
Гьелда гъорлъ руго Дагъистаналъул щибаб миллияб мацӀалъул вакилзаби. МагӀарул мацӀалъул битӀунхъваялъул свод хӀадуриялъул хӀалтӀи тӀадкъан буго РАНалъул ДФИЦалъул МацӀалъулгун адабияталъул ва искусствоялъул институталъул (ИЯЛИ) гӀалимчи, филологиял гӀелмабазул кандидат, грамматикиял цӀех-рехазул отделалъул нухмалъулев МухӀамад МухӀамадовасда. Гьесул нухмалъиялда гъоркь, 15 январалда ИЯЛИялда тӀобитӀана сводалда хиса-басиял гьариялъул хӀакъалъулъ бицараб дандеруссин.
Тадбиралда гӀахьаллъана рехсараб отделалъул бетӀерав гӀалимчи, филологиял гӀелмабазул доктор Борис Атаев, гьебго отделалъул гӀалимчӀужу, филологиял гӀелмабазул кандидат ЗабихӀат Оцомиева-ТӀагьирова, ИЯЛИялъул адабияталъул отделалъул нухмалъулев, филологиял гӀелмабазул доктор АхӀмад МуртазагӀалиев, Дагъистаналъул Педагогикаялъул гӀелмиял цӀех-рехазул институталъул (ДНИИП) рахьдал мацӀазул секторалъул нухмалъулев, филологиял гӀелмабазул кандидат ХӀайбула Вакилов, Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул (ДГУ) филологияб факультеталъул Дагъистаналъулги Бакъбаккул улкабазулги адабияталъул кафедраялъул доцент, филологиял гӀелмабазул кандидат Маржанат ХӀажиахӀмадова, гьебго факультеталъул Дагъистаналъул мацӀазул кафедраялъул доцент, филологиял гӀелмабазул кандидат Раисат Магьдилова.

МухӀамад МухӀамадовас бицана сводалда тӀад гьабураб хӀалтӀул хӀакъалъулъ. Гьес рехсана магӀарул мацӀалъул битӀунхъваялда кӀвар бугел хиса-басиял гьарурал гӀалимзабиги, гьезухъаги рукӀалиде ккезарун бажаричӀого хутӀарал битӀунхъваялъул масъалабиги. «МагӀарул мацӀалъул битӀунхъваялъе кьочӀое босизе ккола нилъеда рагӀабазулъ рагӀулел гьаркьал хъвалеб къагӀида. Щибаб рагӀулеб гьаракьалъе букӀине ккола хасаб хӀарп. Гьединлъидал магӀарул алфавитги хисизабизе ккола. Масала, нилъер гьечӀо «ф», «ъ», «ы» хIарпал. Гьел щай рехсезе кколел алфавиталда? Гьелги нахъе росун, тӀаде журазе ккола кӀирекъарал хӀарпал», — ан бицана МухӀамадица. Гьесул пикруялда рекъон, алфавиталде тӀаде жубазе ккола ичӀго кӀирекъараб хӀарп.
Хиса-басиял гьаризе кколеллъун рехсана гӀалимчияс предметияб цӀаралъул ва глаголалъул битӀунхъвайги. «Цо магӀна кьолеб бугони, кӀиябго рагӀи рекӀун хъвазе ккола. Цояз рекӀун хъвала, цогидаз батӀатӀун хъвала гьел. Масала, рекӀун хъвазе ккола гьадинал рагӀаби: цебетӀамизе, кӀодогьабизе, хӀалтӀигьабизе, пикругьабизе. Дарги мацӀалдаги гьел рекӀун хъвала. Салатавиялъул диалекталда мурадияб формаялъул глаголалда тӀаде жубала «й»: хъвайзе, квачайзе, седейзе. Гьеб мекъи буго», — ан абуна гьес.
Данделъиялъул гӀахьалчагӀазул цоял разилъана М. МухӀамадовасул цӀигьариязда, цогидаз загьир гьабуна гӀаксияб пикру.

ХӀ. Вакилов: «Гьел хӀарпал алфавиталда гъорлъе рачани, тӀоцебесеб классалъул лъималазда малъизе ккола жеги ичӀго гьаракь бихьизабулеб хӀарп. ГьабсагӀаталда школазда рахьдал мацӀалъе бихьизабун буго анкьида жаниб бащдаб дарс. Кида малъилел гьезда киналго хӀарпал? Гьелде тӀадеги, кӀирекъарал хӀарпал хъвазе бихьизабураб хасаб ишара бихьизабулеб гьечӀо дуца. Гьел хъвазе руго нилъеего ругьунаб къагӀидаялда. ГьитӀинаб кӀиго лъ хъваялъул къварилъи букӀинаро, кӀудияб хъвалаго, гьеб релълъуна М хӀарпалда. Лъимал къосинаризе руго гьелъ. ГӀелмияб алфавиталда дуе бокьухъе хъвай, амма школазеги, газеталгун журналазеги цебе букӀараб алфавит хисизабичӀого те.
Гьелде тӀадеги, дуца рехсарал хиса-басиял тасдикъ гьаруни, школалъе хӀадурарал цӀалул программабиги, тӀахьалги, методикиял малъа-хъваялги – кинабго цӀидасан басмаялъе хӀадуризе ккола. Жакъа школазе гӀолел гьечӀо цӀалул тӀахьал, гьел рахъизе гӀарац гьечӀо республикаялъул бюджеталда. Гьел ва цогидал гӀиллаби хӀисабалдеги росун, дун рази гьечӀо сводалда хиса-басиял гьариялда».
А. МуртазагӀалиев: «ХӀарпазда, алфавиталда гьабураб щибаб хиса-баси хъинтӀула школалда цӀали гӀуцӀиялда. ХӀайбулаца битӀун абулеб буго: гьел хиса-басиял жакъа гӀумруялде рахъинарун бажаруларо.
Масала, ЦӀЦӀадаССа ХӀамзатин хъваниги, ЦӀадаса ХӀамзатин хъваниги, гьев цо чи вукӀин киназдаго бичӀчӀула. Лъ, Лълъ ва ЛӀ – лъабго батӀияб гьаракь рагӀулин абулеб буго МухӀамадица. Лъида гьеб рагӀулеб? Дида, масала, рагӀуларо. РагӀулеб щибаб бакӀалда гьеб хъваялъул магӀнаги гьечӀо. Амма Ф хӀарпалъул рахъалъ абулелъул дица рахъккола. Мажигатаздаги, динияб газеталдаги, гьанжесел гӀолилазул цӀаразулъги – киса-кибего Ф хӀалтӀизабиялда дун рази гьечӀо. ПатихӀаян абуниги, ФатихӀаян абуниги, гьеб киназдаго бичӀчӀула. ГӀурус мацӀалдаса рачӀарал рагӀаби дозул къагӀидаялъ хъвазе ругьун гьаруна. Масала, утюгалда итуян абизе бегьулеб, ведро щай бижухъе хъвазе кколеб? Гьеб рахъ роцӀинабизе ккела. Дибирзаби нилъеда хадур рилълъинаризе ккола, нилъ гьезда хадур ун дандекколаро. Нилъер мацӀалъул тӀабигӀатго хола гьедин тани.
Щибаб хиса-баси къабул гьабизе ккола, щивасул пикруги кьочӀое босун, щивас гьаракьги кьун, маслигӀат батизе ккола».
Б. Атаев: «Цоязда рагӀула – цогидазда рагӀуларо абун хъвалеб жо гуро хӀарп. Дида гӀезегӀан лъикӀ рагӀула гьел. Гьелъул магӀнаги буго мацӀалда гьел рукӀин, халкъалъ гьел гьаркьал хӀалтӀизарулел рукӀин. БитӀунхъваялъул правилабазе кьочӀое босизе ккола классикияб адабияталъул мацӀ. ЦӀадаса ХӀамзатил, БакьайчӀиса ЧӀанкӀал, Инхоса ГӀалихӀажиясул ва цогидал классиказул асаразулъги хӀалтӀизарун руго кӀирекъарал хӀарпал».
М. ХӀажиахӀмадова: «Дуца рехсарал классиказул чӀагояб мацӀ, ай гьаракь нилъеда кин рагӀулеб? Гьезул тӀахьалги редакторасул квер тӀад бахъарал гурищ ругел?»
Б. Атаев: «Апицерин абулев чи ватизе рес гьечӀо. РикӀкӀадаб магӀарул росулъ гӀумру гьабулей кӀодоцацин абула «Дир вас офицерлъун вугилан». ГӀурус мацӀалдаса рачӀарал рагӀабазулъ Ь лъезе хӀажат гьечӀо. Нилъеца абулеб къагӀида цӀунизе ккола гьел хъвалелъулги: уштел, остол.
Нужеца абулеб буго, алфавиталда хиса-басиял гьаруни, текст халалъизе бугилан. Кагътида хъвадарулеб заманалъул хутӀел буго гьеб: хӀарпалда тӀаде жубараб цо хӀуччалъ 80 проценталъ текст кӀодолъизабулин абулаан доб мехалда. Биччанте халалъизе. Гьанже компьютералда буго тӀолго хъвай-хъвагӀай, щибго захӀмалъи гьечӀо. Кагътидаги барахщизе кколаро – бокьанагӀан щола гьеб».

Р. Магьдилова: «Бугеб куцалда тезе ккола нилъеца алфавитги магӀарул мацӀги. Жакъа кӀовухъе къокъ гьабулеб буго калам. КӀирекъарал хӀарпалги тӀаде журан, текстал халалъизаруни, гьел лъица цӀализе ругел? Цо конференциялда дандчӀварай асатӀиналъ абуна, жинца Украинаялда ункъо моцӀ банила, цо гьаракьалъул цӀех-рех гьабулаго. Нижехъе вачӀун вукӀана америкаялъулав, лъабго латералияб гьаракь лъазабизе лъагӀел бана гьес. Нилъер гьечӀо гьаркьал рахъулеб къагӀида мухӀкан гьабулеб лабораторияги. Сундул кьучӀалда хиса-баси гьабилеб, лабораторияб цӀех-рехги гьечӀого?»
Гьединал пикраби загьир гьаруна гӀалимзабаз. Дандеруссиналъул ахиралда хӀукму гьабуна битӀунхъваялда тӀад хӀалтӀизе ва февраль моцӀалда цоги нухалда данделъизе.
Социалиял гьиназда ругел «ХӀакъикъаталъул» гьурмазда нижеца тӀобитӀараб цӀех-рехалъул хӀакъалъулъ бицина иргадулаб номералда.
Кавсарат Сулейманова
