Гьединаб суал гьоркьоб лъуна 29 октябралда ДРялъул ЖамгIияб палатаялъги Рахьдал мацIалги маданиятги цIуниялъул ва церетIезариялъул фондалъги цадахъ гIуцIараб дандеруссиналда. Тадбир тIобитIана МахIачхъалаялда, Гьудуллъиялъул рокъоб. Гьелда гIахьаллъана пачалихъиялгун маданиял ва жамгIиял идарабазулги, миллиял СМИязулгун басмаханабазулги вакилзаби ва гIалимзабигун педагогал.

Дандеруссин нухда бачана ЖамгIияб палатаялъул председатель ГIамирхан МухIамаддадаевас. Дагъистаналъул халкъазул миллияб хаслъиги тарихиябгун маданияб нахърателги цIуниялъулъ рахьдал мацIалъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъги бицун, гьес цIалана Россиялъул БахIарчи, РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат, Миллиял ишазул рахъалъ комитеталъул председателасул заместитель Энвер Набиевас дандеруссиналъул гIахьалчагIазде гьабураб хитIаб. Гьениб депутатас кIвар буссинабулеб бугоан рахьдал мацI гIолеб гIелалъе бокьизабизе ккеялде ва жамгIияталда гьоркьоб гьеб тIибитIизабиялъе гIоло, миллиял СМИязул редактораз гьабулеб хIаракаталде. «Жакъасеб дандеруссиналда къабул гьарурал пикраби «Дагъистаналъул халкъазул мацIазул хIакъалъулъ» абураб законалъе кьучIлъун лъугьиналда ракIчIола дир», - анги бугоан хитIабалда.

Миллиял мацIазул бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ дандеруссиналда бицана Рахьдал мацIалги маданиятги цIуниялъул ва церетIезариялъул фондалъул президент ГIали Камаловас, МагIарул мацIалъул учительзабазул ассоциациялъул нухмалъулей, ГIалибег Тахо-Годил цIаралда бугеб Педагогикаялъул гIелмиял цIех-рехазул институталъул гIалимчIужу Баху МухIидиновалъ, ДГУялъул филологияб факультеталъул декан Муса БахIамадовас, ДГПУялъул гIаммаб языкознаниялъул кафедраялъул нухмалъулев, филологиял гIелмабазул доктор, профессор МухIамад МухIамадовас, ДФИЦалъул ИЯЛИялъул грамматикиял цIех-рехазул отделалъул нухмалъулев МухIамад МухIамадовас ва гь.ц. «Эпоха» басмаханаялъул генералияй директор Хадижат КъурахIовалъ бицана цIияб тайпаялъул тIахьал (QR-кодалъул кумекалдалъун миллияб мацIалда текст цIалулеб къагIида хIалтIизабизе рес кьолел) рахъиялдалъунги рахьдал мацIазул масъалаби тIуразариялъе квербакъулин абун.

Кидаго гIадин, дандеруссиналда бицана рахьдал мацIазул учительзаби хIадуризе ккеялъулги, цIалулгун методикиял тIахьал ва берзулгун гIинзул алатал гIолел гьечIолъиялъулги, школазда дарсал дагьлъизариялъулги, «Дагъистаналъул халкъазул мацIазул хIакъалъулъ» абураб закон къабул гьабиялъул кIваралъулги ва цогидалги гIузрабазул хIакъалъулъ. Бицарабщиналъул кьучIалда къабул гьабуна киналго пикрабиги малъа-хъваялги гъорлъе рачараб хIасилияб хIукмуги.

ЖамгIияб палатаялъ санайил тIобитIизе буго рахьдал мацIазул къисматалъулъ кколел хиса-басиязул хIакъалъулъ бицунеб дандеруссин.