Гьаниб кьолеб буго 1965 соналда Дагъистаналъул халкъияв хъва­дарухъан Муса МухIамадовас хъван букIараб, рекIее хинаб асар гьабулеб ракIалдещвей.

Жакъа магIарулазул газеталъ кIикъоялда щуго сон тIубараб къоялъ дида цебе тIамуна рекIелъа унареб аваданаб лъугьа-бахъиназул цояб. Гьеб букIана тIоцебе дир гьитIинабго макъала бахъараб «МагIарул большевик» бачIараб къо. Доб къоялъ дилъ букIараб чIухIиялъ цIун бугин кколаан цIер гIадин дунял, дир рохел иххал лъугьун чвахулеб бугин кколаан росдал къватIазухъан.


ГьелдаИзображениеса нахъе щибаб къоялъ бакъанида почтальон ГIабидида дандчIвазе росурагIалда эхетун чIолаан дун. Гьесул хIебтил таргьида жанисан рахъун рачIунел цIиял газетаздасан букIунеб релъадулги, щакъидулги ва кагътилги жубараб, гьабан цIар лъезе лъалареб махI чIвалаан дида ва жигар гьабун гьелъул гьурмазда тIасан рекерулаан дир берал. Дидехунго ГIабид хIалимлъизе гIоло цо-цо нухалъ гьесул бакIалда райцентралде поч босизеги хьвадулаан дун. Щибаб цIияб газеталъул хабар дида рекIехъе лъалаан. Хасго кучIдул рахъараб газеталде дир батIияб адаб бижулаан. Чанго соналдасан дир макъалабазда гъоркь «нижер хасав мухбир» абурал рагIаби журана. Нагагь гьел мухъал гьоркьор риччан ратани, ракI хвезецин бачIунаан газеталъул хIалтIухъабазда.

Газеталъул хIалтIухъаби - дир хIурматиял учительзаби. Киданиги кIочон теладай гьезул рагIул хIеренлъи, гIакълабазул гъварилъи, Заид ХIажиевасул, ХIамид Темирхановасул, Асадулагьил ва цогидазулги гъулбасал гъоркь гьарурал дир макъалабазул, кучIдузул гъалатIал какарал, кумек гьабурал, малъиял кьурал кагътал. Дун кIодолъанагIан, хъвадаранагIан цIикIкIунеб букIана газеталъул дидехун бугеб тIалабги жавабчилъиги. «МагIарул большевикалъ» куцана дилъ литератураялде рокьиги, тIагIамги ва тIалабчилъиги. Гьеб лъугьана дир гIумруялъе чара гьечIого хIажатаб гьудуллъун, гIакъилаб гьалмагълъун. Газета кидаго букIана ва буго цIияв поэтасул пагьму тIоцебе рагьулеб матIулъун, гьесул тIоцебесеб рекIел асар магIарухъе босулеб чапарлъунги. Гьеб буго хиси ва хилиплъи гьечIеб даимаб гьудул. Гьелъул рокьулги гьудуллъиялъулги кьалбал гъваридал руго.

Цо-цо нухалъ нилъеда гьелъул ритIухъаб критика кьогIлъун бихьула, гьеб абуни манзилги халат гьабун сабурго нилъер тIалабазда букIуна. Гьединлъидал чанцIулха дунго, инсуда цебе гIайиб ккараб лъимер гIадин, дирго гIедегIахълъиялда ракI бухIун, гьеб хиси гьечIеб гьудулалда цеве намусго хутIарав. Нижер хирияб ва хиси гьечIеб гьудул! Жеги чан-чан гIолохъанав поэт, пагьмуялъул устар дуца магIарулазул рагьилев, чамас жиндирго тIоцебесеб кечI бахъун бачIиндал мун каранде къалеб. МагIарулазул хIурматияб гьобол, хъвадарухъабазул хиси гьечIеб кумекчи, баркула дуда дур багьадураб байрам.